ГIумруялъул сухъмахъазул сверабазда: Чарахъ – Замаюрт – Нечаевка

Гьал къоязда редакциялда гьоболлъухъ вукIана Шамил имамасул цIаралда бугеб Халкъазда гьоркьосеб маданияталъулгун тарихалъулфондалъул президент, ДРялъул ЖамгIияб палатаялъул член ГIалиасхIаб Хархачаев. Исана гьес тIубана 70 сон. Гьеб юбилейги баркун, нижеца гьадинаб гара-чIвари гьабуна гьесулгун.

 

    – ГIалиасхIаб, гIумрудул 70 сон– гьеб дагьаб жо гуро. Чанги батIи-батIиял лъугьа-бахъинал ккун ратила. Байбихьи кинаб букIараб?

 

   – Дир умумузул ракь ккола тIелкьадерилгун гIорхъода бугеб КIуяда росдал Чарахъ абураб кули. Гьениб букIун буго 160-ниги цIараки. Дир эмен 1939 соналдаса нахъе вукIана рагъда – цин Финляндиялъулгун ва хадув – КIудияб ВатIанияб рагъулъ. 1944 соналда, жеги дун гьавилалдегоха, нижер росдал жамагIат гочинабуна Чачаназул Замаюрт абураб росулъе.
Гьебго соналъул февралалда, Сталинил указалда рекъон, чачанал ритIана Казахстаналдегун Сибиралде. МагIаруллъиялъул гIемерал районал гочинаруна гьенире. Гьеб букIана рагъул заман ва росабалъ хутIун рукIинчIо ярагьунел бихьинал – рукIана хералгун гIисинал ва руччаби. Гьебмехалда дир эбелалъ бан букIана 13 сон. Гьелда цIакъ лъикI ракIалда буго гьеб заман.
Нухда хун вуго гIемер чи. Эбелалъ бицунаан, жал Замаюрталде щвараб мехалда, цIеда лъураб хьагги хьагинир рарал хинкIалги ратанин чанги бакIалдаян абун. Гьедин инжитго рачахъун руго чачанал жидер ракьалдаса.
   Гьединго инжитго рахъинаруна гьенире дагъистаниялги. Масала, эбелалъ бицунаан, росу тун инарин данде чIараб мехалда, солдатас ботIролъ автоматги кьабун, гьеб бакIалдаго хванилан Жавгьарат абурай гIадан. Гьей я юкъизе, я гьениса нахъе ячине течIила. Росулъа къватIире киданиги рахъинчIел гIадамазе бокьун букIинищха чияр ракьалде ине.
  1946 соналда эмен тIад вуссана рагъдаса. 13 соналъ гьабуна магIишат Чачаналда. 1957 соналда, улкаялъул нухмалъиялде Никита Хрущев вачIиндал, чачаназе ихтияр кьуна ватIаналде тIадруссине.
   Нижер жамагIаталъе ихтияр кьечIо рукIарабго бакIалде тIад руссине– СССРалъул Министрзабазул Советалъул хIукмуялда рекъон, нижер росдал ракьал рикьун ругоан Гьонода, Къорода росабаздаги КIуяда росабазда гьоркьор. ГIатIиракьалда  бихьизабуна нижер гIадамазе бакI – гьанжесеб Нечаевка росулъ (гьенив гьавуна дун). РукIана цо-цоял росулъе тIад руссун аралги – бачIун милициялъ нахъе рачахъана.
   Нечаевкаялда лъугIана дир школаги. Гьенисан ана армиялдеги. ВукIана авиациялда эскадрильялъул старшиналъун ва вахъана авиамеханиклъун. Хъулухъ гьабуна разведкаялда. Ункъо моцIалъ вукIана Египеталъул рагъдаги. Гьеб букIана балъгояб операция. Нижер рагъулаб часть букIана Псков областалда.
   Египеталдаса дица битIараб кагъат   унаан гьенибе ва, Псковалъул печаталги чIван, гьенисан битIулаан  рокъобе.

– Армиялдаса тIад вуссараб мехалдаги механиклъунищ хIалтIизе арав мун?

 

– Дун ана цIорол кIор гьабулеб заводалда хIалтIизе. 20 сон барав дун тIамуна АТСалъул (автоматическая телефонная станция) начальниклъун. Гьенив хIалтIана ичIго моцIалъ. Гьенисан заводалъ витIана Гусь-Хрустальный абураб шагьаралде цIорол техникумалда заочно цIализе. Цинги дун хIалтIана цIорол кIор цехалда сменаялъул начальниклъун. 1981 соналда ана
ЧIикIабГЭСстроялда хIалтIизе.

 

– ТIубанго батIияб пиша –захIмалъичIищ гьеб хIалтIи дуе?

– Гьеб цIорол гаразул цехалда букIана захIматаб хIалтIи. Индиялдаса, Венгриялдаса, Румыниялдаса ва цогидал бакIаздаса бачIинарураб 18 компонент гъорлъги гьабун, цIер
гьализабулаан – корониб букIунаан 1500 градусалъул багIари. Гьединаб бакIалдаса бетоналъул заводалде ин дие букIана цIакъ бигьаяб хIалтIи.
   Миякьоб ва Рихьуниб ГЭСал ралаго, байбихьудаса ахиралде щвезегIан хIалтIана дун. Байбихьана бетон хIадурулеб цехалъул начальникасдаса ва ахиралда вукIана профкомалъул председательлъун. 12 азарго чи вукIана гьенив хIалтIулев.
   ГЭСал рай гуребги, нижер идараялъ гьарулаан цогидал хIалтIабиги.Масала, МахIачхъалаялда кьоял,  хIалтIухъабазе рукъзал кьеялъул мурадалда – гIемертIалаял минаби
рана; рана гьел Буйнакскиялдагун Гъизилюрталдаги.

– Дида рагIана, Шамилхъалаялда цIар лъезе дуца хIаракат гьабунин абун …

– БитIараб буго – дир хIаракаталъ ккана гьеб гьедин. Доб поселокалда букIана Светлогорск абураб цIар. 1985 соналда Светлогорскиялда
тIобитIана профсоюзалъул конференция. Гьенив кIалъалаго, дица загьир гьабуна, поселокалда Шамил имамасул цIар лъезе кколин абураб пикру. ТIадеги рахъун, гьелъие
хъат чIвана делегатаз. Гьеб пикру рекIее гIечIо стройкаялъул начальниклъун вугев гIурус миллаталъул чиясе ва Дагъистаналъул обкомалъул тIоцевесев секретарьлъун вугев
МухIамад Юсуповасе. Шамилидехун бербалагьи расги лъикIаб букIинчIо доб заманалда.

– Гьединаб заманги букIаго, кин гьеб пикру дур ботIролъе бачIараб?

– Дун вуго Шамилил мурид Хархачил васасул вас. Гьев гьавун вукIана 1832 соналда. 70 сон барав
чи, хъизанги хун, жиндиего чIужу ялагьизе КъахIиве ун вуго гьев. Гьес ячана жидедаса 53 соналъ гьитIинай
чIужу. Гьелъие гьабуна ункъо лъимер: кIиго ясги кIиго васги. Гьезул цояв вуго дир эмен. КIудияв инсуца
бана 107 сон. Гьев хвана 1939 соналда. Дир эмен гьавуна, кIудияв инсуца 88 сон бараб мехалда. Гьеб мехалда кIудияй эбелалъ бан букIана 37 сон.
  Кавказалъул рагъул хIакъалъулъ гIемер бицунаан дир инсуда
кIудадаца. Инсуца, тIамурги бачун, кIиго сагIаталъ тIатIала ахIулаан Шамил имамасул хIакъалъулъ кучIдул.
Диеги гIемер бицунаан Шамилил  хIакъалъулъ. ГьитIинго рекIелъ тIинкIараб рокьул хIенехIалъ киданиги течIо дун Шамилил темаялдаса
ватIалъизе.

– Шамилидеги, ватIаналъул тарихалдеги, умумуздеги рокьи рекIелъ цIуни лъикIаб иш буго, амма темаги гьукъараб ва киналго партиялъул пикруялда хадур унеб заманалда Шамилил цIар кьеян кIалъазе вахъин бахIарчилъи кколаха…

   – 1971 соналда бетоналъул заводалда хIалтIизе вачIана дун. Гьениб лъай-хъвай ккана ГIумарин абурав лъебеласулгун. Гьесулгунги гIемер кколаан Шамилил хIакъалъулъ хабар. Гьесухъа щвана дие «Шамилил цо-цо рагъазулъ дагъистаниязул хвалчадул паркъи» абураб тIехь  цIализеги. Гьеб букIана 1951 соналда басмаялда бахъараб тIехь. ГIемер цоцазухъе кьун цIалиялъ, хIул-хIулун рукIана гьелъул тIанчалго. ЧанцIулго цIалана дица гьеб. Гьединлъидалги рес букIинчIо Шамилил тема кIочон тезе.
   1985 соналда конференциялда кIалъан хадуб, дун, парткомалъул бюроялъул член, ахIана ЧIикIабГЭСстроялъул парткомалде ва лъазабуна: гьеб хабар къотIинабичIони, партиялдаса рехизе вугоян абун. Дица жаваб кьуна, нилъер миллаталъул бахIарчи мустахIикъав вугин ватIаналда даимлъиялъеян абун. КIиго соналъ букIана гьеб сабаблъун дагIба. Ахирги ахIана обкомалде. Юсуповасги лъазабуна, тIокIалъ гьеб суал борхугеян абун.

    Доб заманалда дун вукIана ЗахIматалъул коллективалъул советалъул председатель. Щибаб идараялъул нухмалъиялъе гьукъулаан, гьеб советалда дандбачIого, хIукму гьабизе. Дунги ЧIикIабГЭСстроялъул  управлениялъул начальник Виталий Жолнерчукги унел рукIана Москваялде. Гьеб букIана хIалтIул сапар. Самолеталда дун ккана Фазу ГIалиевалда аскIов. Бицана гьелда дирго рекIелъ бухъардулеб пикру.Гьелъиеги асар гьабуна гьеб пикруялъ ва рагIи кьуна кумек гьабизе.
     Фазуца гьеб пикру бицун буго политбюроялъул членлъун  вукIарав Рой Медведевасда. Гьевгун дандчIвазе ахIана дун Фазуца. Бугеб хIал бицана дица. «Дица Кавказалъул рагъул хIакъалъулъ гIемер тIахьал цIалана.

    Шамил  вуго машгьурав инсан, ватIаналда  бахIарчилъун рикIкIунев чи. Гьесул цIар поселокалъе кьеялъулъ щибго бегьунгутIи гьечIо», — ян абуна
Медведевас. Дицаги гьесда гьарана, гьеб пикру загьир гьабураб кагъат кьеян абун. ГьебсагIатго хъван кьуна кагъатги. Дагъистаналде тIад вуссаравго, Юсуповасухъе ана дун, гьебги босун. Гьедин кьуна поселокалъе цIар.

– Сунца къуват кьолеб букIараб ракIалде ккараб жо гIумруялде
бахъинабиялъе?

   – Къуват кьолаан ватIаналде, вижараб ракьалде рокьиялъги. Гьебги нилъее ирсалъе щун буго умумузухъанго. Дагъистаниязул бидулъ бессун буго эбел-инсул адаб-хIурмат
гьабиги, ватIан бокьиги, тарих  цIуниги. Масала, дир эбел-инсул заман букIунароан гьадин вукIа, додин гьабеян малъаризе. Гьез ниж куцана жидерго мисалалдалъун, щибаб къоялъ гьабулеб хIалтIудалъун ва жидерго умумузул гьабулеб букIараб  хIурматалдалъун. Гьанже гьеб  лъикIаб хIаракат гьанже кIочонеб  буго.

    ГIалиасхIаб Хархачаев хIалтIана батIи-батIиял бакIазда,вукIана Гъизилюрт шагьаралъул бетIерасул заместительлъунги ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутатлъунги. Гьесул жигараб гIахьаллъигун 2013 соналда Калугаялда рагьана «Дагъистан» абураб культурияб центрги Шамил имамасул музей-рукъги.
   Гьеб ишалъе СагIид Амиров ватана кумекалъеянги бицана  ГIалиасхIабица. «Музей-рукъ  къачIазеги гьеб рагьиялъул тадбиралда гIахьаллъизе Дагъистаналдаса вакилзаби ритIиялъеги кIиго
миллионгун ункънусазарго гъурущ харж гьабуна гьес. КIудияб кумек гьабуна доб заманалда Калугаялъул губернаторлъун вукIарав Анатолий Артамоновасги, областалъул Культураялъул министерствоялъги, бакIалъул музеялъул хIалтIухъабазги. ХIалае вахъунаан  Москваялда хIалтIулев вукIарав Рамазан ГIабдулатIиповги», – ян бицана Хархачаевас.

Кавсарат СУЛЕЙМАНОВА