«Гьаб борхалъиялде дун халкъалъ вахинавуна»

 

Сайгидпаша ГIумаханов гIадал чагIи загьирлъизе, хисабасиязул заман тIаде щвезе кколеб батула. Щайгурелъул парахатаб, гIадатияб гIумрудулъ гIадамазулъ тIатинчIого хутIизе бегьула гьединал гIамалал. Гьединлъидал къеркьей гъорлъ гьечIеб гIумру гIумрулъун рикIкIунеб гьечIоан живго Сайгидпашацаги.

 

 

Гьесулгун гьабураб гьаб гара-чIвариялда цебе Сайгидпаша ГIумахановасул биография лъеялъулъ хIажалъи бихьулеб гьечIо. Щайгурелъул малъгIанасеб Хасавюрт гьес дунялалда рагIарараб «спорталъул Маккаялде» сверизабиги, хIабургъарал 1990 абилел соназда гьес Дагъистан цIунараб куцалъулги, гъоб заманалда республикаялъул политикаялъулъ гьесул букIараб кIваралъулги, цогидалъулги лъаларев чи къанагIатги ватиларо цIалдолезда гъорлъ. Гьеб киналъулго хIакъалъулъ Сайгидпашаца бицунеб буго гьаб гара-чIвариялда. 

 

 

— Сайгидпаша, лъимерлъуда кинал анищал дур рукIарал? Политикаялда гъорлъищ мунго дудаго вихьулев вукIарав?

 

 

— БитIараб бицани, дие цо кIуди-кIудиял анищал гьаризего бачIунароан. Доб мехалда дида кколаан кинандай бетIербахъи гьабила, кисандай гIарац балагьилаян. Нижер хъизаналда букIана 11 лъимер. Хадур кIигоял хун, ичIгоял хутIана.

Ниж Хасавюрталде гочараб мехалда дун кIиго сон барав чи вукIана. Гьелде щвезегIан нижер чIей букIана Бабаюрт районалда бугеб ХIамзаюрт хъутаналда. Дунги гьенив гьавуна.

Кирпич гьабулеб заводалда аскIоб букIана нижер рукъ. Хасало гьениса тIурччи-цIул щун, мадар кколаан.

Хадуб дун жувана спорталде. КIудияв вац лъикIав спортсмен вукIун, гьес цIана дун гьениве. Къокъабго заманалда жанир машгьурлъана ниж. Гьелдаса хадур нижеца байбихьана вацазул лъимал ругьун гьаризеги. Гьедин тIубан хисана нижер гIумру. ЗахIматаб бакIалда кибго кIудияв вацас (АхIмад-паша – авт.) гьабулаан дие кумек. Дие гьев инсулги эбелалъулги бакIалда чIолаан. Гьанжеги батIалъи гьечIо, гьединго буго. Доб мехалда ниж, вацал, спорталдасан политикаялде ана. Амма кIудияв вац гьабсагIаталда тIуван диналде вуссана. БатIи-батIиял бакIазда 11-ниги мажгит бан батила гьес.   

Амма байбихьуда захIматаб гIумру букIана шагьаралда. Эмен хъаравуллъун, эбел уборщицалъун хIалтIулаан. Гьезие кумек букIинелъун гьабулареб жо толароан нижеца, лъималаз. Дица, масала, гьан бичулаан.

Дир эменги гьесул эмен ГIумаханги гIи-боцIул чагIи рукIана. Инсуца гьан учузго босун, багьаго бичун магIишат гьабулаан. Амма доб мехалда гьедин даран-базар гьабизеги толароанха. Спекулянталин абулаан гьединал чагIазда. 

Дир эбелалъул инсуда цIар букIана Лабазан. Лъималазда Къуръан малъулеб бугилан чияца мацIги гьабун, 1944 соналда чачаназда цадахъ Красноярскиялде, Сибиралде, витIана гьев. Гьениса тIадвуссун вачIиндал, 30 соналъ Буртунаялда дибирлъи гьабуна кIудияв инсуца.

Дир эбелалъул чагIи руго Гуржиялъулгун гIорхъода бугеб чачаназул ЧIитI росулъа кидаялиго гочарал гIадамал. Гьединлъидал чачан мацIги лъала дида.

Инсул тухум буго Хунзахъ районалдаса бачIараб. Калмыкалъа гIадамаз зама-заманалдасан чабхъенал гьарун жал толел гьечIилан лъарагIазул шамхалаз кумек гьаридал, хас гьабун гьезда данде чIезе Хунзахъа битIараб тухум букIун буго нижер. Гьезул цоял хадур Буртунаялда, цогидал Аргъвани чIанин бицуна.

 

— Гьединал гIадатиял эбел-инсуца тIоцебе кин къабул гьабураб спорталдехун нужер букIараб цIайи?

— Байбихьуда гьез абулаан жидее щибизе къваригIарал жалила нужер гьал тренировкабиги гугариги. Дагьабниги эркенаб заманалъ нижеда хIалтIи малъизе бокьун рукIинароанищха гьелги. Дагь-дагьккун гьезда бичIчIана гьелъул магIна. Эбел-инсуе щолелдаса цIикIкIун гIарац дие спорталдаса щолаан.

Хадуб, спорт сабаблъун, лъугьана ниж политикаялда гъорлъеги, бихьана гIумруги. Тренерлъун хIалтIулеб мехалдагицин дица къимат гьабулаан гIарцул. РекIадухъ щуго капек кьезе ккеларедухъ, рогьалил какги бан, веке-векерун унаан дун шагьаралъул цояб рахъалда бугеб залалде. ЗахIматаб заман букIана.

 

— Цо рахъалъ, лъикIги ккун буго гьединаб гIумру дуда бихьи. Мун гIезегIан лъадаризавун ватула гьелъ.

— Жакъа къоялъгицин кумек буго дие гьелъул. Дица гIемер хIисаб гьабула гьитIинаб мехалда нижер букIараб яшавалъулги, дандчIварал къварилъабазулги, гьеб киналдаго тIасан вахине кIвараб куцалъулги.

 

— 1990 соназул байбихьуда мун машгьурав политиклъун вахъиндал, дуда сверухъ гIезегIан ахIи-хIур букIунаан. Гьелда бан рахIатхвей букIунароанищ эбел-инсул?

— Дун Хасавюрталъул мэрлъун вугеб мех букIана доб. Цо-цо гIадамаз миллатчилъиялъул суалги багъаризабун, дагьабго хIалуцин лъугьун букIана администрациялда цебе. Гьеб мехалда рухъурхъун дорехун-анирехун гIадамалгун, ццимги бахъун вачIунев эмен вихьана дида. «Ле, дир вас! Нилъер тухумалда хIакимзаби рукIинчIо. Дир эменги гIиял вехь вукIана. Нахъе а гьениса, дуе къваригIараб жо гуро гьеб хъулухъ!» — илан диде ахIдезе жувана эмен. 

Амма дагь-дагьккун гьесдаги эбелалдаги бихьана халкъалъ дир рахъ кколеб букIин. Гьеб мехалда гIодориччана гьел.

Гьеб дуца бицен гьабулел соназда кутакалда дие хIал кьуна мугIрузул районазда гIумру гьабулел гIадамаз – магIарулазго гIадин, цогидал миллатазги.

 

— Цо-цо чагIаз абула мун миллатчи вугилан. Дуцаго рикIкIунищ гьедин?

— Дирго миллат бокьулеб букIинчIебани, дун сундулъниги цеветIелароан. Гьединго, дирго миллат бокьулеб букIиналъ дие цогидал миллаталги рокьула. Дир гIемер гьудулзаби руго даргиязда, лъарагIазда, тумазда, чачаназда ва цогидазда гъорлъ. Жиндирго миллат бокьулел чагIи киданиги рикIкIине бегьуларо миллатчагIилъун. ХIисаб гьабеха дуцаго гьадинаб жоялъул: дие дирго ватIан — улкаги республикаги бокьулеб бугони, дун миллатчийищ кколев? Кколаро. Патриот ккола. МагIарулал рокьунилан дие тамихIищ гьабизе кколеб? Рокьулаха дие гьел – Дагъистаналде къо ккараб мехалда рагъизе рахъунел рукIиналъухъги (тарихалда жаниб гьедин букIана кидаго), спорталъул бищун захIматал тайпабазулъ чемпионлъи магIарулаз босулеб букIиналъухъги, цогидалъухъги. 

 

— Миллатчилъиялъул бицунел ругелъул, ракIалде щвана ХIамид ХIамидовасул цIаралда дуца Хасавюрталда рагьараб Спорталъул КIалгIа…

— Дол соназда пачалихъалъ спортшколазе гьабулеб кумек цIакъго мукъсанаб букIунаан. ГIиси-бикъинал турниразде спортсменал рачунаан дицаго гIарацги хвезабун (бицуна турниразде гьел рачине Сайгидпашаца цо нухалда жиндирго машинагицин бичун бугилан – авт.).

Гьединлъидал чIахIи-чIахIиял къецазде къватIире рахъине нижее кумек кидаго ХIамид ХIамидовас гьабулаан. Расги барахщи гьечIев чи вукIана гьев. Долдаса нахъе нижер гьеб спорткомплексалда (Олимпиялъул резервалъул спортивияб школа – авт.) жанир рахъанщинал Олимпиялъул хIаязул чемпионазул бицун хIалкIоларо. Гьанже гьеб дунялалдаго машгьурлъана. Гьенир ругьун гьаризе рачIунел дунялалдасаго гугарухъабазул сияхIги кIудияб буго. Гьелъулъ кIудияб бутIа ХIамидовасулги буго.   

Диеги кIудияб баракат бахана гьесдаса. Доб мехалда республикаялда Сбербанкалъе нухмалъи гьабулаан ХIамидовас. Гьедин ккарав чи вукIана дунги Хасавюрталда бугеб гьеб банкалъул филиалалъул нухмалъиялде. Диде щвезегIан гьеб хъулухъалда вукIана ригь арав чи. Зама-заманалдасан рачIун, яргъид гIуцIарал гIадамаз хIинкъизавулев вукIун вуго гьев,   тIад магъалоги лъун. Дида ХIамидица абуна мун вугила гьезда кIалъазе кIолев чи, дуда сверун къуватал спортсменалги ругила, гьединлъидал дуца тIаде босейила Сбербанкалъул управляющиясул хIалтIи.   

Кутакалда магIарулалги рокьулаан гьесие.

 

— ХIабургъарал гьадалго 1990-абилел соназда ва 2000-абилел соназул байбихьуда мун рикIкIунаан республикаялъул тIалъиялда данде чIарав политиклъун… ?

— Доб мехалда гьедин чIечIого чара букIинчIо. Щайин абуни, цо чиясе къваригIараб куцалда рекъезарулел рукIана республикаялда законал. Гьелъул мурадги кколаан гьев чи халатккун тIалъиялда хутIи. Бокьа-бокьараб гьабулеб букIана. КинабгIаги тамихIги гьабичIого, ахIуд риччан хIакимзабиги рукIана. Гьеб мехалда ракIалде ккана гьеб хIапу-чапуралда дандечIезе. Гьеб къеркьеялъулъ ниж бергьана. Нижеца гьел чагIи тIамуна конституциялда данде кколарел жалаздаса (масала, Пачалихъияб Советалдаса) инкар гьабизе. Гьелъухъ нижеда лъун рукIана бугьтаналги батIи-батIиял цIаралги. Гьелъул цояб ккола «Северный альянс», «Король севера». Жеги-жеги абула дида цо-цояз «северный» ян.

Сайгидпашаца хIажат гьечIел жал гьарулел ругин, гьесие гIадлу гьабизе ккелилан абураб цо кагътида гъоркь гъулбасал ракIаризе тIамулев вукIун вуго тIалъиялъ Расул ХIамзатов. Хадуб гьеб кагъат ДРялъул ХIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул советалъул данделъиялда гьоркьоб лъезехъин букIун буго.

Бихьея цо,  щиб гьениб хъван бугебали ян, балагьун вуго Расул ХIамзатов. Цинги, гьебги цIалун, «воре-воре, гIолохъаби, дица дуэталда чIун кечI ахIуларо, солоялдалъун гурониян», гьес нахъе рехун бачIун буго гьеб кагъат.

Амма гьес лъечIониги щибха, кIуди-кIудиял хъулухъазда рукIарал нилъер машгьурал миллатцояз, ракьцояз лъун руго гьенир жидерго гъулбасал, доб цебехун рехсараб советалъул данделъиялда дида тIасан кIалъанги руго. Дица рикIкIуна, жакъа къоялъул хIисаб гьабун абуни, гьелги къунилан.  

 

— Мун бергьиналъе кумек сунца гьабураб?

— ГIадамал дир рахъалда чIеялъ. Кутакалда кумек гьабуна журналистазги. Масала, «Черновикалъ». Дица гIуцIараб газета ккола гьеб. Гьеб мехалда дида цадахъ Сулайман Уладиевги вукIана. ХIажимурад Камаловги вачIун, газета гIуцIизе рачIаян гьарана Уладиевас дида. Гьединго БисавгIалиевас биччалеб «Миллат» газеталъги гIезегIан къвал къана дие.

 

— Доб мехалда дуда данде чIун рукIарал чагIи гьанже мунгун кин рукIунел?

— Гьел руго бадибе туни, бацIцIун хIацIугун, церехун унел чагIи. Жидеего щолеб капкилги тахбакIалъулги гурони ургъел гьечIел гIадамал. Миллатги букIунаро гьединал чагIазул.

 

— Амма гIажаибаб жоги гьечIищха республикаялъул тIалъиялде щив вачIаниги, мун хисичIого, цого хIисабалда чIолев вукIин.

— Дица нухмалъулел киданиги реццичIо. Бищунго дун аскIове гIагарлъарав чи вукIана МухIу ГIалиев. ЦохIо команда букIана нижер.

ТахбакI къваригIун лъиданиги гьардезе ккечIо дун, лъиениги хIелизеги лъугьинчIо. Ккараб бакIалда бадибе рагIиги абула. Мэрлъун вугеб мехалдаги дирго рагIи билълъинабулаан дица. Дуда ракIалда батила I998 соналда Масхадовасулгун ракълилал къотIи-къаял гьаризе вачIунев МухIамадгIали МухIамадов нижеца Хасавюрталде виччачIолъи. Гьадингоги нилъер гIадамал рикъун, хадур гIарац кьурал риччан, кьечIел – чIван, балагь бачIинабулел гьел хъачагъазда ццимги бахъун рукIана доб мехалда ниж. Гьединал чагIазулгун кинал къотIи-къаял гьарулел? ТIадежоялъе тIубараб Хасавюрт  шагьаралъул мэрги сан гьавичIого, районалъул бетIерасулгун гьеб суалги дандбан чIун ратана республикаялъул нухмалъулелги. Гьеле гьеб хIужаялдаса хадур абурал рагIаби руго Владимир Путиница гъол: цебе жинца адаб гьабулаанила дагъистаниязул, гьанже жиндие гьел ракI-ракIалъ рокьулила.

ГьабсагIаталда вугеб борхалъиялде магIарулаз вахинавуна дун. Тренерлъун хIалтIизе байбихьаралдаса гьаб жакъа Пачалихъияб Думаялде кандидатура лъезегIанги гьел рукIана ва руго дида аскIор.

Тренерлъиялдаса депутатлъиялде, цинги Хасавюрталда Сбербанкалъул управляющийлъун ана дун. Гьенисанги магIарулаз кумекги гьабун, шагьаралъул депутат хIисабалда кандидатура лъурав дун мэрлъун вищана.     

 

— Хас гьабун мун щайдай гьез тIаса вищарав?

— Гьеб гъозда гьикъизе ккелаха (велъулаго). ГьитIинаб мехалда цониги дир гьудул цогидав васгун вагъизе, къацандизе ккани, гьесул рахъги ккун, кидаго цеве унаан дун. Вацасго гьабулеб жоялда ругьунлъун, цевехъанлъи гьабулаан. Хадубги лъикьаниги хIинкъун, миллаталъул рахъкквезе кколеб бакIалда рахъкквечIого течIо. Нижер эменги гьевго чи вукIун вуго – росулъ, хъутаналда, шагьаралда: гIадамазе къваригIарал суалал рорхулевги, маслихIатал гьарулевги, кивго цевехъанлъи гьабулев вукIунаан.

Лъабго нухалда хIежалдеги арав, Къуръанги цIаларав чи вуго дун, гьереси бицунеб гьечIо — гьале гьаб ригьалде вахинегIан гIарцухъ жо кидаго гьабичIо дица: бичун хъулухъ яги депутатлъи босичIо. Ришват кьун гурони щолеб батичIони, къваригIун гьечIо дие гьел. Гьелъ батилаха магIарулазги дида цIар чIвараб.  

Гьедин 1988-1989 соназдаса байбихьун республикаялъул политикаялда гъорлъ вуго дун.                                    

 

— Гьанже мун Пачалихъияб Думаялде унев вугелъул, цо-цо чагIазда кколеб буго тIалъиялъе мун ургъунго республикаялдаса рикIкIад чIезавизе къваригIун бугилан.

— РикIкIад чIезавизе къваригIарабани, гьез дун гьанивго чIезавилаан, Думаялде витIичIого. Гьелъул гIаксалда, чанги хIужжаби руго Думаялъул депутаталлъун рукIарал чагIи регионазул нухмалъулеллъун тIамуралги.

Пачалихъияб Дума сабаблъун гIезегIан ресал щола республикаялъе пайдаял бухьенал гьаризеги, нилъер масъалабазул хIакъалъулъ президентасда рагIизабизеги.

 

— Сайгидпаша, дур даражаялъул чагIаз жидерго лъимал цIалун рахъун хадур Европаялде, Америкаялде ритIула яги Москвагун Санкт-Петербургалда чIезарула. Дур лъималазул къасдал кинал ругел?

— Дицаги хIаракат бахъана гьел Россиялда цIализаризе. Амма гьезие гьанире тIадруссине бокьун буго. Гьезул лъабгояв вуго МГИМОялда цIалулев (цо вас магистр ккола, цогидав вуго ункъабилеб курсалда, лъабабилев — тIоцебесеб курсалда). Магистратураялда цIалулев вугев вас (ХIажимурад – авт.) ккола «Единая Россиялъул» Хасавюрталда бугеб отделениялъул цевехъан. Гьесие бокьула жамгIиял ишазда гъорлъ вукIине. Гьединго цогидал лъималазулги руго Дагъистаналда хурхун жидерго планал. Дир цIаралдаса пайда босун щибниги гьабулев васги дир цониги гьечIо. Жалго жидеего гIун рукIуна гьел.  

 

— Гьединаб бечедаб биографиялда гьоркьоса кинаб заман дуе бищунго бокьулеб?

— Тренерлъун хIалтIулеб мех. Кутакалда ракIгъураб, парахатаб замана букIана гьеб – 1986-1991 сонал. Спортсменалгун цадахъ дунял сверулаан дица. Цоялда хадур цоял бергьенлъабиги щолаан. 1991 соналдаго щун букIана дие Россиялъул мустахIикъав тренер абураб цIар.  

Гьелдаса хадуб байбихьана захIматаб заман. Дагъистаналъулгун Чачан Республикаялъул гIорхъода хIалуцин лъугьана.

 

— АхIмад-хIажи Къадировасулгун дур гьудуллъи букIана гурищ?

— БукIана. ЦIакъ лъикIав чи вукIана гьев. Нилъедехун гьудуллъиялъул бербалагьиги букIана гьесул. Щайгурелъул Турциялда исламияб гIелму лъазабулелъул гьесул  чIей дагъистаниязул доба букIун буго. Хасавюрталде щвани, дихъе ваккичIогоги чIолароан гьев. ЧРялъул бетIер вищулеб мехалда АхIмад-хIажие квербакъи нижеца Хасавюрталдасанги гьабун букIана.

1999 соналда Чачаналъан нилъехъе халкъазда гьоркьосел террористал рачIунилан чачаназда ракIхвей букIана нилъеразул. Гьебги хIисабалде босун, дица Хасавюрталъул  стадионалда мавлидги гьабун, гьенире ракIарун рукIана АхIмад-хIажи Къадировги, Чачаналъа муфтиги гIалимзабиги. Гьединго СагIид-афандиги Тажудин-устарги рукIана гьенир.

Гьениб дица АхIмад-хIажида абуна гьабсагIаталда дур рес бугин дагъистаниязда тIаса лъугьаян абизе. Гьеб мехалда АхIмад-хIажи цевевахъана кутакалда асар гьабулеб кIалъайгун.

 

— ГIорхъода лъугьараб хIалуцин рукIалиде бачIинабизе кIолев чиян тун вукIун ватила МухIамадгIалицаги мун тIаса квер босун, гьесие мутIигIлъулев вукIинчIониги.

— МухIамадгIалидехун дир бербалагьи хисана I998 соналда. ДРялъул нухмалъиялъул мина кодобе босун букIана яргъид гIуцIарал гIадамаз. Гьеб мехалда МухIамадгIалида абулеб букIана заманаялъ Дербенталда гьабизе бугин тIалъиялъул штаб. Жив жиндирго хIалтIулеб бакIалде ине кколилан, тIирун чIана гьев.

Гьеб мехалда аслияб майданалдасан ХъахIаб Рокъове вачIунев МухIамадгIали цIунизе кIиябго рахъалъан коридор гьабун нижерго гIолохъаби чIезаруна дица. Бокьарав чияс бокьараб провокация гьабизе рес букIана гьениб. Жибго ХъахIаб Рокъоб бекичIеб, гъуричIеб жо тун букIинчIо яргъид гIуцIарал гIадамаз. Сейфалги тIезарун, хIакимзабаз гьениб бахчанщинаб ярагъги гIарацги тIири течIого босун ун батана гьез.

Гьедин майдан къотIунги ун, кабинеталде щварав МухIамадгIалица расги хIалги хисичIого абуна: «Гьанже гьарила, гIолохъаби, нилъеца кIалъа-басаял».

Гьеб бакIалда хисана МухIамадгIалидехун дир бербалагьи. ГьабсагIаталдаги кутакалда щулияб гьудуллъи буго нижер. Кин букIаниги, гIакъилав чи вуго гьев. ЗахIматаб заманалда республикаялъул бетIерлъуда вукIарав чиги вуго. Нусго батIияб миллияб багъа-бачариги, азарго батIиял политикиял къуваталги цоцалъ къацандулел, гьез цоцазулгун тушманлъи гьабулеб заманалда щивасе рекъараб политика билълъанхъизабулаан гьес. Гьелдалъун республикаги цIунана кIудияб балагьалдаса.

Гьединго дие кутакалда асар гьабула ГIабдурахIман Данияловасги. Гьесдаса хадуб нилъер миллат чIухIулел нухмалъулезул бицани, гьел ккола Шагьрудин Шамхаловги МухIу ГIалиевги. 

Республикаялъе кутакалда гIемер пайдаял ишал гьаруна Шагьрудин Шамхаловас. Хасавюрталда дица тIоритIулел тадбиразул киназдего вачIунаан гьев. Хасго эркенаб гугариялъул рахъалъ тIоритIулел рукIарал халкъазда гьоркьосел турнирал гьоркьор риччалароан. Жибго гугариги нилъер гьаниб Шагьрудин сабаблъунлъидалха цебетIураб.   

 

— Эбел-инсул кинаб г1амал дуе ирсалъе щвараб?

— Эбелалъухъа дие щвана ислам-диналде рокьи, инсудаса – цевехъанлъи гьаби.

 

Гара-чIвари гьабуна Зульфия ХIажиевалъ.