Аралде мугъчIвайги гьабун букIинеселде ракIчIейгун

 

   Дагъистан автономияб республикалъун лъазабуралдаса 100 сон тIубаялъул хIурматалда «ХIакъикъат» газеталъул редакциялъ байбихьун буго щибаб магIарул районалъул хIакъалъулъ, гьезул тарихалъул, социалиябгун экономикияб цебетIеялъул, рухIиябгун маданияб гIумруялъул, жакъасеб ахIвал-хIалалъул, цере чIарал масъалабазул хIакъалъулъ бицунел макъалаби кьезе.

   Жакъасеб номералда бицен гьабулеб буго беричаб тIабигIаталъул, бечедаб, некIсияб тарихалъул, республикаялъул ва улкаялъул тарихалда лъалкI тарал анцI-анцI машгьурал чагIи рахъараб, захIмат хириял гIадамаз гIумру гьабулеб Шамил районалъул хIакъалъулъ. Жакъа нижехъ гьоболлъухъ вуго Шамил районалъул бетIер МухIамад ХIасанов.

 

ТАРИХАЛДАСА

   — МухIамад, гара-чIвари байбихьилин тарихалдасан. Кида ва кин гIуцIараб район?

  — Граждан рагъ лъугIун хадуб, Дагъистаналда Советияб власть щулалъидал, ДАССРалъул ЦИКалъул хIукмуялдалъун Авар, ГIанди ва Гъуниб округазда гьоркьоре унел рукIарал цо-цо росабиги цолъизарун, 1928 соналъул 22 ноябралда КъахIиб росулъ центргун гIуцIун буго КъахIиб кантон.

    1929 соналъул 3 июналда кантон сверизабуна районалде. Гьебго соналъул 25 октябралда КъахIиб районалъул центр бахъула ГIураде росулъе.

    1932 соналъул 26 сентябралда районалъул центр цIидасан бахъула КъахIиб росулъе.

    1960 соналъул 14 сентябралда РСФСРалъул Верховный Советалъул президиумалъул хIукмуялдалъун районалъул цIар хисизабула Советский абун. 1961 соналда райцентр бахъана, цебе почалъул цо мина гурони жаниб букIинчIеб, Авар гIурул рагIалда бугеб ХIебда абулеб бакIалде. ЦIигIуцIараб росдае кьуна Советское абун цIар.

    1994 соналда республикаялъул Верховный Советалъул президиумалъул указалдалъун районалъе кьола имам Шамилил цIар, райцентралъе – ХIебда абун.

   Имам Шамилил цIар районалъе кьеялъе аслияв хIаракатчилъун вукIана Суракъат Асиятилов. Гьединал цIаралги, бакIалги, хиса-свериялги ккана районалъул тарихалда.

  — Республика гIуцIун араб нусго сонил заманалъул цIикIкIарасел сонал ана советияб гIуцIиялда. Гьанже батIи-батIияб буго доб гIуцIиялъеги гIумруялъеги кьолеб къимат. Гьеб рахъалъ дур пикру кинаб бугеб?

   — Гьанже лъица щиб бицаниги, советияб гIуцIиялъул заманалда кьучIдасанго лъикIаб рахъалдехун хисана магIарулазул гIумру-яшав, цебетIуна миллияб культура, рукIарахъин, росабалъ рагьана школал, сахлъи цIуниялъул идараби, сухъмахъаз цолъизарун рукIарал росабалъе гьаруна шагьранухал, цIана токалъул кварал. Рес щвана лъай босизе тIадегIанал ва гьоркьохъел цIалул идарабазда цIализе ине.

    РукIун ратила доб гIуцIиялъе хасиятал гъалатIалги гIунгутIабиги, гьел щибаб гIуцIиялда камуларо. ГIамм гьабун абуни, мукъсанал рекьулел ракьазда лъагIалие гIураб хIалухъин щоларел магIарулазе чедгIаги чIезабуна Советияб власталъ. РакIалде щвезабе нилъер умумул чед балагьизе гьирихъ Чачаналде, лъарагIлъиялде, ЦIоралде хьвадулел рукIараблъи.

  — Районалъул нухмалъуде вачIиндал, дуца хIалтIи росабалъе сапарал гьариялдасан байбихьанин абуна.

  — Районалъул бетIерлъун вачIиндал, росабалъ бугеб ахIвал-хIал лъазе ккола. ТIоцебесеб иргаялда районалъул щибаб идараялъул нухмалъулелгун цадахъ киналго росабалъе щвана дун. ДандчIвана жамагIаталгун, гIенеккана гьезул тIалабазухъ, цIехана цогидалги тIуразе хIажатал суалал. Гьел киналго дандеги росун, 2016-2021 соназда районалда гьаризе кколел хIалтIабазул бахъана социалияб карта. Гьел рикьана жалго росабазул администрацияз гьаризе кколезде, районалъул ва республикаялъул бюджетаздасан гьаризе кколезде, федералиял проектазда гьоркьоре рачун гьарулезде. Цо бутIа спонсоразул, меценатазул кумекалдалъун гьаризе рес бугезде. Щибаб суал тIубаялъе рихьизаруна болжал ва жавабияв.

 

ХIАЛТIАНИ, ХIАСИЛ ККОЛА

 

  — Гьедин мухIканаб тартибалда гIуцIараб хIалтIул хIасилалги мун разияб хIалалда ккун ратила…

   — КIвана гIезегIан хIалтIаби рагIалде рахъинаризе. Рехселин цоцоял. МугIрузул шартIазда бугеб районалда аслияб кIвар бугеблъун ккола санагIатал нухал рукIинари. «Дир Дагъистан — дир нухал» абураб проекталда рекъон къачIана ва гIатIид гьаруна Мусрухъ, Къваниб, Хучада, ЦIекIоб, Лъануб, Гьолокь, ГIурада, ХIебда, Ругъелда, ГIасаб, МачIада ва ГIуриб цо бутIа нухалъул. Гьолокь-ТIелекь, ХIотода-ТIидиб ва Ракьуб нухазул цо бутIаялде тIуна хъил. ТIаса Бакълъухъ росулъе кьоги лъун, цIияб нух гьабуна. Исана руго КъахIиб-Гьоор ва ГидмостЛъахъ нухазда хъил тIезе. Хъил тIун лъикIаб тIалабалда чIезабун буго республикаялъул кIваралъул ЛъаратIе, БежтIе ва ЦIунтIе унеб нижер нухазул идараялъ хъулухъ гьабулеб Шамил район къотIун унеб 67 км нухлулги.

   АнцIила анлъго километралда, рогIралги лъун, лъим бачана Микьигьорибе, анцIго километралда — ТIидибе, лъим бачун рагIалде бахъинабуна Гьоориб росулъеги.

    Исана кватIичIого байбихьизе буго ХIебда росулъе лъим бачине, гьелъие биччараб цо къадар сурсатазул щун буго.

    «100 школа» проекталда рекъон 23 школалда ва анлъго лъималазул ахалда гьабуна капиталияб ремонт. Футболалъул майданал рана ТIелекь, ХIебда, Гъогъолъ ва Могьохъ росабалъ. Лъабго школалда рана цIиял, гьанжесел тIалабазда рекъон лъимал кваназарулел пищеблокал, исана гьел разе ракIалда буго жеги лъабго школалда.

    «Комфортная городская среда» проекталда рекъон хъил тIун ва къоно лъун къачIана Гъоркьа Бакълъухъ ва ГIурада жамгIиял бакIал.

     Исана хIалтIаби унел руго КъахIиб ва ТIидиб росабалъ. Берцин гьабун къачIана райцентралда хIухьбахъиялъул парк, гьениб гьабуна лъималазе площадка, кIиго къватIалда тIуна хъил, бана РОВДялъул цIияб мина. Исана жиб гIуцIаралдаса 60 сон тIубараб ХIебда росу релълъун буго мугIрузда бугеб гьитIинабго шагьаралда.

    Спонсоразул кумекалдалъун ГIурада росулъ машгьурав советияв военачальник, генерал-полковник М. Танкаев гьавуралдаса 100 сон тIубаялъул юбилеялде бана ва хIалтIизе кьуна музеялъул мина.

    МачIада росулъ рана КЭМЗалъул ген.директор М.АхIматIовас Европаялдаго бищун борхалъуда жиб бугеб, гIисинал самолетал рещтIунеб взлетно-посадочная полоса ва хIалтIухъабазе хIухьбахъиялъул рукъзал. Гьебго росулъ хIалтIизе биччалеб буго спортивиябгун сахлъизариялъул лагерь.

     Гьолокь басрияб росулъ 1.5 км. тIуна хъил. Дагъбаш росулъе щолеб бакIалда бана цIияб кьо. Могьохъ росулъ балеб буго цIияб школалъул мина. Гьединго спонсоразул кумекалдалъун бан рагIалде бахъунеб буго Гъ. Бакълъухъ спортивияб комплексги.

    ЛъикIаб гIадатлъун лъугьун буго районалда, росабазул гIадамаз гIарацги данде рехун, жиде-жидерго росабалъе ругел нухал къачIай ва гIатIид гьари, лъел мухъал къачIай.

   Росабалъ чIезабун буго рацIцIаракъалъи, кьишникъул бакIариялъул гIадлу-низам. ТIидиб росулъ клубалъул мина цIи гьабуна ва цIияб клубалъул мина бана Хучада росулъ.

   Цогидалги, хасго ахирал соназда гьарурал хIалтIаби рехсани, гьеб халалъила. Гьабураб хIалтIи районцоязда бихьулеб буго.

   Районалъул жамагIатазе рукIа-рахъиналъул, школазда, лъималазул ахазда, нухазда ва цогидалги шартIал гIуцIизе ккани, тIоцебесеб иргаялда хIажалъула сурсатал (бюджеталъул хайир).

   2016 соналда налогаздасан хайирлъана 55 млн. 2020 соналда хайир бахана 88 млн. гъурщиде.

    Ниж рохарал руго район социалиябгун экономикияб рахъалъ цебетIезабиялъулъ ракI разиял хIасилал ккеялдаса ва гьеб рахъалъ республикаялъул мугIрузул районазда гьоркьоб 2016 соналда кIиабилеб бакI, 2017, 2018, 2019 соназда тIоцебесел бакIал кквеялдаса.

 

РОСАБИ ЦIИЛЪУЛЕЛ РУГО

 

   — МугIрузулаб район бугелъул, аслияб къагIидаялда гIадамазул бетIербахъи гIи-боцIудасан батилаха…

     Цебе районалда букIана анлъгоанкьго промышленниял предприятиязул филиал, гьениб гIезегIан гIадамазе хIалтIиги букIана. ХIабургъарал 90-абилел соназда гьел къана. ЦохIо МачIада ва ХIебда хутIун руго Гъизляралъул электромеханикияб заводалъул цехал. Районалда буго пластикалъул нуцIби, гордал гьарулел ва цIулал, маххул хIалтIаби гьарулел цехал. Гьайгьай, гIи-боцIи хьихьи росабазул бакIалда аслияб магIишатияб бутIалъун букIана ва буго. Дол цересел колхозазул ва совхозазул бакIалда гьанже буго 17 СПК. Гьениб, КФХязда ва жалго бетIергьанал магIишатазда хьихьун буго 3600 чIегIерхIайван, 140 азарго гIи-цIцIани. Цо къадаралъ гIадамаз бетIербахъи гьабулеб буго даран-базаралдалъун, райцентралда ва росабалъ хIалтIулел руго нусгоялдаса цIикIкIун промышленниял ва кванил нигIматазул тукаби. Дагьал гьечIо наял хьихьулел ва чуял гIезарулел чагIиги.

— МагIарухъа гIадамалги лъарагIлъиялде гочун, гIисинлъулел руго нилъер росаби. Цо-цо районазда тIубанго рехун таралги росаби руго. Шамил районалда гьеб рахъалъ щиб хIал бугеб?

     — Нижер росаби цIилъулел ва кIодолъулел руго. ЧIунтизе тарал росаби гьечIо. ХIатта шагьараздаса магIарухъе тIад руссун жиде-жидер росабалъ басриял минаби къачIалел, цIиял ралел руго.

   Росабалъ халкъ цIикIкIунеб буго, лъимал гьариялъул рахъалъги Дагъистаналдаго ниж цебесеб кьерда руго. ГьабсагIаталда районалъул 25 муниципалияб цолъиялъул 48 росулъ гIумру гьабулеб буго 30500 чияс.

 

ТУРИЗМ ВА ГIОЛИЛАЗУЛ ВА ГIУМРУ

 

— Шамил район бечедаб буго тIабигIиял ва тарихиял памятниказдалъун. Гьанже республикаялда кIудияб кIвар кьолеб буго туризм цебетIезабиялде. Районалда гьеб рахъалъ кинаб ахIвал-хIал бугеб?

   — ХIакъикъаталдаги туризм цебетIезабиялъе нижер районалъул руго гьарзаял ресал. Районалъул ракьалда буго 80 архитектурияб памятник, гьездасан 17 памятник федералияб кIваралъул. Гьединго буго ганчIил гIасруялдаса байбихьун лъебергоялдаса цIикIкIун археологияб памятникги.

    Араб соналда районалде вачIун вукIана 12500 турист, гьаб соналъул арал моцIазда нижехъе щвана микьазаргогIан турист. Гьел гъираялда унел руго Басрияб Гьоор росулъ хутIарал гьоркьохъел гIасрабазул сиязухъ балагьизе, Бакъда КъахIиб росдал хутIелал рихьизе, Мусрухъ ва цогидалги бакIазда ругел рагъулал ва хъаравуллъиялъул сиял рихьизе. Хасго асар гьабула гьалбадерие Датуна росдада гIагарлъухъ цIунун хутIараб Северияб Кавказалъул ракьалда цого цо бугеб IХ гIасруялда бараб насраниязул гьатIаналъ, ХVII –ХVIII гIасрабаздаго бакIалъулаб архитектураги цIунун рарал мажгитаз ва михIмараз.

    Сомолазул магIарда, ГIасаб, Лъануб, ЦIекIоб росабазул ракьазда руго хIорал, чваххелаби, гьарзаго руго рохьал. Районалъул культураялъул отделалда вуго туризмалъул рахъалъ хIалтIи гьабулев хасав махщелчи. Бахъун буго районалъул ракьалда туристазул маршрутазул хасаб карта, туристал рещтIине микьго бакIалда ран руго гьалбадерил рукъзал.

— Шамил районалъул гIолилазул цолъи, цогидал районазул гьединалго гIуцIабазде дандеккун, тадбир бугеб, гъункараб, экстремизмалдаса, терроризмалдаса рикIкIадаб, умумузул гIадатал ва дин цIунараблъун рикIкIуна…

    — БатIайиса букIине ресги гьечIо. Шамил районалъул халкъ буго Дагъистаналдаго гIодосанго исламияб дин ккураб, гьеб цIунараб. Гьелдаса кьуризе рес ва батIияб нух букIинаро хадуб гIолеб гIелалъе. ГIадада букIинчIо советияб гIуцIиялъул тIоцересел соназдаго, 1923 соналъул ноябралда, КъахIиб росулъ Дагъистаналъул гIалимзабазул тIоцебесеб съезд тIобитIиги.

    Районалдаса рахъана гIараб гIелмуялъул рахъалъ цоги улкабаздаги цIар рагIарал гIалимзаби, шайихал. Жакъа районалъул росабалъ буго, авал мажгиталги малъун, кIинусгогIан мажгит, киналгоязде гIунтIун росабалъ рагьун руго мадрасаби. ГIасаб росдал МочIолъ абулеб бакIалда – исламияб институт.

— РухIияб рахъалъ гуребги, дунявияб рахъалъги гIолеб гIелалъ мисал босизе, район, республика улкаялдаго машгьур гьабурал гIезегIан цIарал кенчIана Шамил районалъул тарихалда…

     — Гьединал мустахIикъал гIадамал гIемерал руго. Гьезул киназулго цIарал рехсани, халатаб читIир лъугьина. ГIицIго рехсела цо чангояв. Северияб Кавказалдаса цого-цо вахъарав ва тIоцевесев Советиял аскаразул полководец, генерал-полковник М. Танкаев, милициялъул генерал-лейтенант М. ГIабдуразакъов, юстициялъул генерал-майор ХI. Хашаев, Социалистияб ЗахIматалъул БахIарчи, С. Абакаров, Дагъистаналдаса тIоцевесев СССРалъул самбоялъул ва эркенаб гугариялъул рахъалъ чемпион С. Асиятилов… Районалдаса вахъана 26 гIелмабазул доктор, профессор, 82 гIелмабазул кандидат.

— Гьаб соналъул 24 апрелалда республикаялъул хIукуматалъул бетIер ГIабдулпатахI ГIамирханов, цадахъ чанго министргун, щвана Шамил районалде. Гьеб букIана премьерасул мугIрузул районазде гьабураб тIоцебесеб хIалтIул сапар…

   — Цадахъ министралги рачун республикаялъул премьер-министр районалде вачIин нижее кIудияб лъугьа-бахъин ккана. Баркала буго гьесие хIалуцараб хIалтIи бугониги, районалде вачIине рес батаралъухъ.

    ГI. ГIамирханов щвана Гьолокье, КъахIиб-Гьоор росабалъе, КъахIиве (цIияб кьо балеб бакIалде), Ругъелде. ДандчIвана гIадамалгун, райадминистрациялдаги тIобитIана данделъи.    

    Щвараб ресалдаса пайдаги босун, нижецаги гьарана чара гьечIого тIуразе хIажатал цо-цо объектал раялъе кумек. ТIаса Бакълъухъ ва ГIуриб росабалъе хIажат руго фельдшеразулгун акушерлъиялъул пунктазе минаби. ГIасаб ва ХIотода росабазе хIажат руго лъималазул ахазе минаби, ГIуриб, Ругъелда, Гьолокь цIиял школал. Республикаялъул бюджеталдасан гурого тIуразе рес гьечIел цогидалги суалал рорхана нижеца.

    Гьел тIураялъе кумек гьабизе рагIи кьуна премьерас. Цо бутIа суалазул тIуразе гьес гьенибго тIадкъана цадахъ рукIарал министрзабаздаги. ХIасил гьабун абуни, аралде мугъчIвайги гьабун, бачIунеселде ракIчIарал галабигун церехун ине нияталда руго нижер районалъул захIматчагIиги муниципалитеталъул нухмалъулелги.

 Гара-чIвари гьабуна Пайзула ПАЙЗУЛАЕВАС