Инсухъе вуссунеб сухъмахъ кIоченчIо

 

      ЛъаратIа районалъул Кьанада росулъа СултIан Ибрагьимовасул цIар рагIичIев чи дагъистаниязда гьоркьов къанагIатги ватиларо. Боксалъул рахъалъ Европаялъул ва дунялалъул призер, 2000 соналъ Сиднеялда тIобитIараб Олимпиадаялъул гIарцул медалалъе мустахIикълъарав гьев, кIиго соналдасан ана профессионалияб спорталде. Гьенибги, къокъабго заманалда жаниб, чIахIи-чIахIиял бергьенлъабиги росун, дунялалдаго машгьурлъана. Амма халатккун заманалъ гьенив чIезе ракIалда букIинчIогогIаги батила, 2008 соналъ нахъе ана гьев профессионалияб боксалдаса ва тIуванго ватIаналде тIад вуссана.

    Спорталдаса нахъе унилан тIуванго «рагIдукье» унги чIечIо СултIан. Дагъистанияз тIоритIулел батIи-батIиял дандеруссиназдаги вихьизе бегьула гьев. Амма цогидал гIадин, цIакъго цеве кIанцIун, гьале дунилан абулеб гIамалги бихьизабичIого, сабураб, гIодобе биччараб гIумру-яшавалда вуго. ГьабсагIат гьев ккола «Совет чемпионов» абураб гIуцIиялъул вакилги.

     Гьединго СултIаница кандидатура лъун буго ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутатлъиялдеги.

    Гьал къоязда редакциялде вачIарав гьесулгун ракIрагьараб гара-чIвари ккана нижер. СултIаница бицана жиндирго лъимерлъиялъул, боксалде вачIиналъул, Ростов шагьаралда арал гIолохъанал соназул. Бицана Сиднеялъул Олимпиадаялъул, профессионалияб боксалъул рингалда ккарал цо-цо лъугьа-бахъиназул, Тайсонилгун букIараб гьудуллъиялъул, машгьурав МухIаммад-ГIалилгун ккараб тIоцебесеб ва ахирисеб дандчIваялъул ва цогидалъулги хIакъалъулъ.

 

 

ОКЕАН БАХУН ДОВАГИ КВЕШ ВУКIИНЧIО, АММА…

     — Ростовалда лъикIаб магIишат­ ги бизнесги букIанин дурилан бицуна. Амма кинабго гьебги тун, мун ватIаналде нахъ вуссана. Дур- го магIишат цебетIезабизе доба ресал цIикIкIун рукIинчIищ?

    — Ростовалда букIаралдасаги квешаб магIишат букIинчIо дир СШАялдаги. Маями штаталда, океана­ лъул рагIалда лъикIаб минаги рахIатаб машинаги букIана. Ресалдаги вукIана, дие квалквал гьабулев чиги вукIинчIо. Амма кин букIаниги, живго вижараб ракьалде ракI цIалеб буго чиясул. Гьединго ккана дир- ги. КигIан лъикIаб гIумру къватIиб букIаниги, дирго гIагарлъиялда аскIове ахIулев вукIана ракIалъ. Гьеб суал цебеги гIемер кьуна дие. Кинабго рехун тун рокъове вуссине ккани, цIакъго ватIан бокьиялъул гIаламатищила дур гьеб, ялъуни цо- гидаб гIиллайищин абун. ВатIан бо- кьи батила, хIакъикъаталдаги. Ин- суца абураб жоги гIемераб ракIалде щолаан: кигIан гIемераб рикъзи дуе Аллагьас хъваниги, кинаб- го дуца ракьалдаго толин, цадахъ щибго босуларилан. Гьел рагIабиги гIемерал ракIалде щолаан къватIив вугеб заманалда. КигIан гIемераб букIаниги, щай дие гьаб бечелъи, чияр ракьалда бугеб дие гьелдаса щиб рохел нахъа батилебин абураб суалалъ толароан рахIат. Гьелъ вуссана рокъове. Гьелдаса пашманлъизеги пашманлъичIо.

 

     Ростовалда вукIараб мехалъул гьикъулеб бугелъул, цо жоги ракIалде щвезабилин гьелда хурхараб. Дидаса гIемерав чиясе кумек щванин абизе бегьула, баркала загьир гьабун, кIалъан рачIунаан чангиял. Амма лъие щиб лъикIлъи гьабун батаниги, гьеб гьабураб къоялъго кIочон тезе ккола чиясда. Гьеб мисалалда куцарав вуго дицаго дунго. Дол сонал рукIана цIакъ хIалкъарал. Чачаналда рагъ бугеб заман букIиналъ батила, Кавказалдаса чиясдехун цIакъ кIудияб рокьукълъи букIана улкаялдаго. Жакъаги ракIалде щола, нилъерин (Дагъистаналдаса) абурав чиясе квартира кквезецин захIмат букIана Ростовалда.

   ГIурусасда релълъен-хъвай ву­кIиналъ батила, тIоцеве, пуланаб адресалда рекъон вачIаравго, дие инкар гьабулароан. Хадуб, дагъи- станияв вукIин лъайдал, кара-биххун лъугьунаан, гьениса вукIин лъарабани, вачIинахъего нахъчIвазе вукIанинги абун.

     ХIабургъарал 1990-абилел соназда нилъер ракьцояздехун гьединаб бербалагьи букIиналъги батила, дагьалъ цебегIан республикаялъул Миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министерствоялъул, гьединго РухIияб идараялъул вакилзабигун цадахъ жидеца Росси- ялъул гIемерал шагьаразде сапарал гьарунин бицана СултIан Ибрагьимовас. Социалиял гьиназдасанги телевидениялдасанги бицун чIамураб, нужеца цебечIезабулеб гIадаб гуреб, батIияб, гьобол-гьудулги хири- яб, гIадамазул адабги гьабулеб ракь кколин Дагъистанилан бицун буго гьез улкаялъул цогидал регионазул гIадамазда.

     Гьединго СултIан рази вуго республикаялде рачIунел туристал гIемер рукIиналдасаги.

      — Рамазан ГIабдулатIипов республикаялъул бетIерлъун вачIиндал, дур цIаралда сверухъ чIаголъи бижана. Мун республикаялъул спорталъул министрлъун вачIинеги рес букIанин абулаан. Гьелдаса дуца инкарищ гьабураб?

     — ГIабдулатIипов вачIун гIемер мех балелдего, гьесул вац Ражаби- ца гьоболлъухъ ахIана дун Рама- занихъе. ЛъикIаб гIодобчIеялдаса хадув цадахъ бильярд хIазе ахIана дун бетIерас. Бильярдалъул столал- да нахъа гIодоре риччан, гIемерал суалал дандрана нижеца. Кинабго дандбан хадуб гьес абуна мун хIажат вугин, дуе бокьараб хъулухъги кьелин. Гьелдаса хадуб цо хехаб къваригIел ккун, анцIго къоялдасан тIад руссинин гьеб харбидеян.

      Рамазанидаги абун, дун Америкаялде ана. Гьевги гьелда разилъана. Гьелдалъун лъугIанин абизе бегьула нижер дандчIвайги. Къокъго абуни, дие кинабгIаги хъулухъ щвечIо. Цо-цо мехалъ дица хIисаб гьабула, инчIогогIаги вукIаравани дун сапаралъилан. Хадубги ракIалде ккола доб мехалъ чIахIи-чIахIиял хъулухъазда рукIаразул ккараб къисматги лъикIаб ккечIин, Аллагьасул цо маслигIат букIун батилин гьелда жанибин абун. Гьединлъидал дица ТIадегIанасе шукру гьабула.

СПОРТСМЕНАЛ КОЧIОХЪАБАЗ НАХЪЕ ЦУНА

     — Халкъияб Собраниялде депу­татлъун иналде цебе цо-цо ко­ чIохъаби «Цолъараб Россия» партиялъул праймеризалда гIа­хьаллъулел рукIиналъ кIудияб ахIи-хIур бахъинабуна респуб­ ликаялда. Спортсменал рищиязде унеб мехалда лъиданиги гIадлъуларо, амма гьанже ко­чIохъан-чIужугIадан политика­ялде уней йикIиналъ гIемери­сезулъ гьелдехун жахIдайищ бижулеб бугебали. Гьелда тIасан дур пикру лъазе бокьилаан.

    — БитIараб бицани, гьелъие къимат кьезе бегьулищ дицаяли лъаларо. Дун мустахIикъав ватиларо гьелъие. Амма, цоги рахъалъ балагьани, хал гьабе цо-кIиго кочIохъаналъ парламенталде ишан босун бугин абураб хабаралъ нуцIа къана хIакимзабазул лъималазги спортменазги гьенибе кандидатура лъеялъул хIужаялде. Гьениб жанибги цо политикияб сихIру батизе бегьула.

     Цогидаб рахъалъ босани, масала, Зайнаб Махаевалдехун дир щибниги тIадкIалъай гьечIо. ЛъикIай кочIохъанги йиго, жиндиего гIураб гIакълуги буго. Амма гIемерисез гIочIол тIогьиб чIван буго гьел- да гIурус мацI лъалеб гьечIолъи. Кин гьеб лъалеб батаниги, Зайнаб гIакъилай гIадан йиго. Дида гьей лъикIго лъала. ГIицIго жиндирго пикру цо чIванкъотIун загьир гьабизе гIураб махщел батиларо гьелъул, гьебги кинавго чиясул гуро букIунеб.

     — Республикаялдаги гьеб бахун къватIибги гIезегIан машгьурлъи щваниги, мун щибго чIухIи гьечIев чи вукIин бихьулеб буго. Кин духъа бажарулеб гьедин гIадатлъи цIунизе?

    — Нижер росулъ кигIан дин гьукъарал соназдаги мажгиталда как ахIулеб гьаракь къотIичIо. Цо заманалда лъималазе дарсал лъолев, нижер гьенив гIумру гьабун вукIун вуго Гьандихъа ХIумайд-афанди. Гьеб кинабго гьесул баркат батилин тола дица. ГьитIинаб къоялдаса нахъего исламги бацIцIадаб нияталда Аллагьасе тIагIат гьабулел гIадамалги рукIана дида аскIор. Гьезул бар- каталдалъун иман тIинкIана дир рекIелъеги.

      Дида эбел лъаларо. Дун гьавулаго къадаралде щун йиго гьей. Гьеб, эбел гьечIолъиялдалъун гьитIинго дие щвечIеб хинлъи цогидаб жоялъ кьуна дие, исламалъ.

       15 сон барав чи ана дун Ростовалде. Гьелдаса хадуб гIумру гьабизе ккана СШАялде, Австралиялде — щвечIеб бакI хутIичIо. Амма киве кканиги, ракI дир рокъобе цIалеб букIана. Гьелда жанибги батила исламалъул баракат. ГьитIинго дуе кинаб тарбия щун батаниги, гьелда рекъон уна чиясул гIумруги. Дир чорхолъе гьитIинго лъугьана исламги, гьелъ куцана дун ракьалда гIадатиявлъунги, чIухIи гьечIевлъунги, гIадамасул адаб гьабулевлъунги вукIине. Гьелдаса вохаравги вуго, гьелъухъ ТIадегIанасе шукруги гьабула.

КЛИЧКОГИ ГIЕТI КЪАНЦIУН ЩВАРАБ ГIАРАЦГИ

      — Киназдаго ракIалда буго, Владимир Кличкоги мунги рингалда дандчIван рукIана 13 соналъ цере. Цинги гьесул вац Виталий ана политикаялде. Мунги хIадурлъулев вуго гьанже гьениве ине. Кличколгун нужер жакъа гьоркьоблъиго бугищ?

     — Цебе букIунаан бухьен, ахираб заманалда гьебги къотIана. Гьесул руго жиндирго ишал, дирги буго гьабулеб хIалтIиги цогидабги. ГIемерав чияс кьолеб суал буго дие 2008 соналъ гьесулгун букIараб дандчIваялда тIасан. БитIун бицани, доб дандчIваялде дун ана бекун хадуб жеги лъикIаланго сахлъичIеб квергун. Дида абулеб букIана гьеб дандчIвай нахъбахъизе рачIайин, амма дун разилъичIо. Гьеб дандчIваялдаса хадуб спорталдаса тIуванго нахъе ине щулияб ниятги букIана дир. Гьединлъидал ккараб ккун букIайилан, ана дун Кличкогун речIчIизе. Мунагьал чураяв инсуцаги гIемер абулаан жив чIаго вукIаго тейила дуца гьеб спорт, гьесул гьари нахъчIвачIолъиялдасаги вохана дун хадув.

     Профессионалияб боксалда дида щулаго бичIчIараб жо ккана, кигIан цIакъав, цеветIурав спортсмен мун вукIаниги, промоутеразе я дур, я дур сахлъиялъул щибниги ургъел букIунаро. Гьезул мурад букIуна мун сабаблъун лъикIаб гIарац гьабизе. Сордо-къоялъ чIечIого духъе телефоналъ ахIтIелел рукIуна гьел: «Метер нилъер гьадинаб речIчIи букIина, сезе мун хIадурлъизе ккола гьанив цеве вахъине, анкьидасан рингалда мун дандчIвазе ккола пуланав чигун». Гьеле гьез дур гIинзунибе бугIулеб хабар.

     РакIалда буго, цо телеканалалъе кьураб интервьюялда, иргадулаб тренировкалдаса хадуб, гьурмадаса гIетIги бацIцIунаго, дица абуна: «Балагье дидаса чваххулебщинаб гIетI бихьизе, гъозухъги (промоутерал –авт.) балагье, хъахIал гурдалги ретIун ругел, щибниги гъозул гьурмада цIирараб гIетI гьечIо. Амма гьел хIадурго руго дир гIетIги цIцIун щвараб гIарац бакIаризе», — ян.

      Гьединаб буго гьезул аслияб мурад, хIалтIул хаслъи. Жиндир заманалда нахъе ине лъазе ккола спортсменасда. Дида гьеб кIвана, гьелдаса кутакалда вохунги вуго жакъа.

 

БОКСЕРАСУЛ ЗАХIМАТАБ РИНГ

          — Боксалъул рахъалъ дунялалъул чемпионлъун гъоркьиса вахъана нужерго районалдаса Муслим ХIажимухIамадов. Амма ахираб 12 соналда жаниб нилъер республикаялда гьелъул рахъалъ сихIкъотIи букIана. Дур пикруялда, щиб гIилла гьениб бугеб?

      — Дица цебеги гIемер абулеб жо букIана, мисалалъе, боксги эрке- наб гугариги дандеккуни, гугари- ялъул рахъалъ дунялалъул къецал лъугIула кIиго-лъабго къоялда жанир. Боксалъул рахъалъ Олим- пиадаялъул къецал абуни, халат рахъине рес буго кIиго анкьалъги. Рингалда цо дандчIвай букIине рес буго цо къоялъгицин. Гьебго ахIвал-хIал букIуна дунялалъул чемпионаталъул къецаздаги. Бергьенлъиялде бугеб шавкъги, черхалъул вакIа-вахариги, пикрабиги, дандиясда цо лъикIго зар щвезабизе бахъулеб хIаракатги — кинабго цо­йиде бакIаризе цIакъ захIмалъула боксерасе. Психологияб ва физическияб рахъалъ гьелъ кутакаб тIа­ децуй гьабула спортсменасде. Гьединаб жо буго бокс.

    Гьеб гуребги, нужго балагье, Россиялда эркенаб гугариялъул рахъалъ церехъабилъун (фавори- тал) руго Северияб Кавказалъул лъабго-ункъо республика, гьезул бищун къуватал руго нилъ (дагъи- станиял). Боксалъул рахъалъ абуни, бокьараб регион босе — гьелъие ругьун гьарулареб цониги бакI гьечIо Россиялда. Гьединлъидал кутакаб конкуренция букIиналъги батила, ахираб заманалда нилъер гьаниса дунялалъул цониги чемпионги вахъун вукIинчIев.

     Сиднеялъул Олимпиадаялда кIиабилеб бакI босун хадув рокъове вуссиндал, тIубараб районго бачIун букIана дида дандчIвазе. Кутакалда кIодо гьавуна гьез дун. Гьеб мехалъ гьенир рукIарал лъималазул чангиязе кутакаб асар гьабун батула гьеб бергьенлъиялъ. Гьезул чангиязул анищ бижун батула боксалъул чемпионаллъун рахъине. Лъималазе цIакъ асар гьабулеб жо ккола гьеб — чемпионасда берчIвазе щвейги, гьесул гьабулеб къиматги. Гьединго букIун батила Муслимилги. ГьитIинго гьабураб анищ гIумруялде бахъана гьесул, гьанже хутIана бищун аслияб мурад – Олимпиада квегъизе. ИншаАллагь, гьенибги гьесие битIккеялда божарав вуго дун.

 Ашахан Юсупов