«Системаялъ батIайисан хIалтIизе тIамизе руго депутатал»

 

 

 

 

 

 

       Цебегоялдаса бокьун букIана Айтемир Сатираевасулгун ритIучIазул хIакъалъулъ бицине. Алмахъалда бугеб гьезул фермаялъул бетIергьан ккола гьев. Амма гьаб нухалъ политикаялъул хабар цебе ккана. Щайин абуни, Сатираев сентябралда республикаялда рукIинесел рищиязда гIахьаллъулев вуго. Гьединго гьев ккола 10 соналъ цебе гIуцIараб магIарулазул миллиябгун маданияб автономиялъул цIивищарав нухмалъулевги.

     Гьал къоязда редакциялда гьоболлъухъ вукIарав гьесулгун гара-чIвари гьабуна нижеца.

 

       — Айтемир, «Справедливая Россиялдасан» инчIого, тIалъиялдеги гIагараб, бергьиналда дагьабниги ракIчIейги бугеб «Единая Россиялдасан» щай унарев Халкъияб Собраниялде?

 

     — Камил Давдиевасда цадахъ ни­лъер гьаниб «Справедливая Россия» партиялъул фракция гIуцIарав чи ккола дун.

       Амма байбихьуда дие бокьун букIинчIо депутатлъун ине. Дица гьелъие инкарги гьабуна 1991 ва 1995 соназда. Хадуб, 2003 соналда лъуна кандидатура. Амма гьезул технология лъалеб батичIо. Доб мехалда республикаялда рагIи билълъарав чияс дида абулеб букIана Халкъияб Собраниялда жиндир 60 депутат вугин. Мун вукIинила 61-абилев абун. Жинца бергьинеги гьавилин мунилан. Дица инкар гьабуна.

      — ГьанжелъагIан рукIарал рищиязде дандеккун, исана рукIине ругезул кинаб батIалъи букIинин дуда кколеб?

     — Гьанже избирателал хисун руго. Гьезда политика бичIчIулеб буго, демократиялъул махIги чIван буго. Диваналдаги регун, гIакъилал жал рицунел рокъор чIани, жидеего квеш кколеблъи лъалеб буго.

     Гьелдаго цадахъ депутаталлъун рахъарал чагIиги хисизе руго. Щайин абуни, гьанже тIалабал батIиял рукIиналъ, жибго системаялъ тIамула гьел батIайиса хIалтIизе.

    — ГIезегIан лъикIа-лъикIал хъулухъазда вукIана мун. Гьезул киналъ дуе бищунго асар гьабураб?

   — Гьаб лъикIабин, цогидаб квешабин гьезда гьоркьоб гIорхъи чIваларо дица. Щибалъул букIуна жиндирго хаслъи. Кинаб хъулухъалде кканиги, ракI парахалъун, разилъун вукIунаан дун, щайгурелъул лъиданиги берцин вихьизелъун гурев, унго-унголъунги дихъаго бажарараб куцалда, ракI-ракIалъ хIалтIи гIуцIизе хIаракат бахъулаан дица. Суал кьураб мехалда щиб жавабдай кьелаян ургъизе лъугьунел гIадамал рукIунарищха. Гьединал чагIазул мисал бачунев вуго дун. Берцин рихьизе жал ургъичIого, бачIинахъего кьезе ккола жаваб.

    Аралъул бицун, къварилъахъдизе лъугьин дир пиша гуро. Ана, лъугIана. Пуланаб заманалда дуца гьабураб ишалдаса рекIекълъизе кколаро. Гъоб заманалда батIиял шартIалги тIалабалги рукIанин, гьединлъидал хIукмуги гьединаб къотIун букIанин тола дица. Гьединлъидал пикру гьабизе ккола букIинеселъул.

      ГIумруялъул хIалбихьи дие щвана гIолохъанлъуда, ЧIикIаб ГЭСалда хIалтIизе лъугьиндал. Москваялдасаги цогидал шагьараздасаги махщелчагIи данделъараб бакI букIана гьеб. Гьениве вачIун чанго соналдасан дун тIамуна лъикIаб хъу лухъалде, лъана гIадамал. БитIун гьеб заманалда дие асар гьабураб гьадинаб цо хIужаги ккана. Дагъистаналъего гIадин, улкаялъего кIвар бугел экономикиял ва цогидал тадбирал гIицIго Москваялда, Ленинградалда гурони тIоритIулароан доб мехалда. Гьединаб цо данделъиялде витIарав дица, рагIиги босун, цо-цо чагIазда тункуледухъ абуна нужеца Дагъистанги Северияб Кавказги рикIкIунгутIийищин гьаб кколеб, нижер республикаялъул суалал гьоркьор лъураб данделъи цо нухалданиги нижер добаги щай гьабуларебилан. Гьеб пикруялда разилъана гIемерисел, ва 1987 соналда Дубкиялда тIобитIана тIолгосоюзалъул данделъи. Доб мехалда гIолохъанчи вукIана дун. Гьелдаса хадуб хIалтIизе дилъ жеги гъира бана, гIезегIан лъай-хъваялги ккана. Бокьарав нухмалъулесе кутакалда хIажатаб жо буго гьеб – лъай-хъваял гьари, гIадамал лъай.

      Дубкиялда тIобитIараб гьеб данделъиялдаса хадуб республикаялъул тIалъиялъулги тIубан батIияб бербалагьи бижана дидехун.

      ТIаде щвана 1990 сон. Биххун биххичIого улкаги, нужеего бокьа­нагIан суверенитет босеян ахIдолев Ельцинги вукIана. Жакъа гьанир, метер дора рагIулел батIи-батIиял, ракI гъанцIизабулел харбалги рукIана. ТIадеялдаса тIаде хIалуцунеб букIана Дагъистаналъулгун чачаназул гIорхъода ахIвал-хIалги.

      Гьеб мехалда, ахIун обкомалдегун, дида абуна мун Алмахъалде хIайваназул совхозалъул директорлъун витIулев вугилан. ВахI, кинаб директорлъи дица гьабулебин, инкар ккун чIана дун. Цинги ахIана Дагъи- станалъул обкомалъул кIиабилев секретарь Коробейниковас.

    ХIайваназул совхозалъе нухмалъи гьабизе ккани, дун гьелдаса дагьав рикIкIадав чи вугилан, кIиабизеги инкар гьабидал, гьеб иш нилъеца росдал магIишаталъул министрасда тIад телин, дуца гъоба чачаназулгун гьоркьорлъаби цIунизе кколин бичIчIизабуна Коробейниковас. Гьедин лъабго сордо-къоялдасан дун Алмахъалде вахъана. 1990 соналъул 3 сентябрь букIана гьеб. ЛъагIалидасан жеги тIадегIанаб хъулухъалде, МахIачхъалаялде вачинин рагIиги кьун букIана дие.

    БитIун лъагIалидасан, 1991 соналъул 5 сентябралда дир нуцIида кIетIана росдал гIолохъаби, Дудаевасул къокъа Ленинаулалда чIун бугин, къватIиве вахъаян. Гьеб мехалда росулъ лъазабуна гIорхъолъа борчIараб ахIвал-хIалалъул низам. Кутакалда хIинкъараб хIал лъугьун букIана гьениб. Гьелъие гIоло 24 сентябралда Дилималде рачIун рукIана республикаялъул тIалъиялдасаги Москваялдасаги вакилзаби. РФялъул Верховный Советалъул председатель Руслан Хасбулатовги вукIана гьенив. КигIан бицаниги, цо пикруялде рачIунел рукIинчIо данделъарал. Гьоркьоб лъун букIана чачаназ дагIба балеб ракьул суал (репрессиязде ккарал гIадамал ритIухъ гьариялда хурхараб законалде мугъчIвайги гьабун, чачаназ ракьал тIад руссинаризе лъугьараб мех букIана гьеб авт.). Ахиралда дица Хасбулатовасда абуна Ленинаулалда гьавунин дида бугеб гIайиб щибилан. Россиялъул законал какизе дуе ихтияр лъица кьурабилан хъачIго кIалъана гьеб мехалда Хасбулатов. Жидерго ра- кьаздаса зулмуялдалъун гочина- рун, цIияб бакIалде рахъинарурал гIадамазул ихтияралги хIисабалде росичIого къабул гьабураб закон бугин гьебилан бичIчIизабуна дица Хасбулатовасда. Хадув гIодовеги виччан, депортациялда рукIарал чачаназда бихьараб гIакъубаялъул хIакъалъулъ гьесги бицана. Цинги данделъиялда хIукму гьабуна депортациялда рукIарал киналго халкъазул ихтиярал цIунизе закон бахъизе кколин абураб суал лъезелъун Думаялде хасаб делегация битIизе. Ана. Амма жакъа къоялде щвезегIанги гьеб суал рагIалде бахъинабун гьечIо (Дагъистаналда официалияб куцалда гIицIго тумал рикIкIун руго депортациялде ккараб халкълъун авт.).

      Цо рахъалъ, доб мехалда гьединаб законги къабул гьабун, гочинарурал киналго халкъазда тIад бикьизе гIолеб букIун батуларо хIукуматалъул бюджет. Гьелдаса нахъе байбихьана дир жамгIияб хIалтIиги.

   Гьедин раккана киналго миллатазул жамгIиял багъа-бачариялги. Амма дунго гьезда данде чIарав чи вукIана кидаго.

    — Гьанже дуда тIаде ккана магIарулазул миллиябгун маданияб автономиялъе нухмалъи гьаби…

    — БитIараб бицани, заман чIвай гуреб, хас гьабун гьелдаса диего кинабгIаги хайир щвезе гьечIолъи хIакъаб буго.

     Амма гьеб хайир цIехолев чи дунги гуро. Миллатцоязул дидехун бугеб божилъи ритIухъ гьабизе ракIалда буго.

     АнцIго соналъ цебе Хасавюрталда БахIарзазул цIарал рекIелъги цIунун… автономия гIуцIулеб мехалда кутакаб ахIи-хIур букIана. Доб мехалда республикаялда букIараб тIалъиялъеги разияб жо букIинчIо гьеб. Амма Сайгидпаша ГIумахановас жиндирго къвакIи бихьизабуна гьеб ишалъулъ. ТIадчагIазда лъалеб букIинчIо автономия гIуцIиялдалъун жидее лъикIлъийищ, квешлъийищ ккелебали.

     Цо-цоязда ккун батила автономиялъул аслияб мурад рахьдал мацIгун маданият ва тарих цIуни бугилан. Гьебги бегьула. Амма гIицIго гьелда гIей гьабун чIей мекъи букIина. Нилъеда рихьулел руго тIаде балагьун гIиси-бикъинал къасдалин кканиги, къватIисахун цо-цо гIадамаз, халкъаз нилъер республикаялда ахIвал-хIал хIабургъинабизе гьарулел ругел хIаял. Гьединлъидал нилъеца байбихьизе ккола цин нилъерго мина-карт, хадуб миллат, цинги республика цIунизе.

     Гьединго миллаталда гьоркьор рагIи билълъарал гIадамалги данде гьарун, автономиялда цебе гIуцIизе буго хасаб фонд. Гьениса биччазе бегьула миллаталъе хIажатаб литература басмаялда бахъизе батаниги, цогидаб мурадалъе батаниги гIарац. Гьелъие хIукмуги хасаб комиссиялъ къотIизе буго. Гурони, цебе квер ккунщинав чиясе гIарац бикьулеб къагIида букIине гьечIо.

    Гьединго фондалдасан кумек гьабизе бажаруларел суалал ккани, автономиялъул цIаралдасан хитIабал гьаризе бегьула хIукуматалъул идарабазде. Гьезги сурсатал риччалелъул батIи-батIиял проектазе.

   ЦокIалаб куцалда, киназего кумек щолеб куцалда хIалтIи гIуцIизе кумекалъе шагьаразда ва магIарул районазда тезе руго автономиялъул вакилзабиги.

   Ахираб заманалда магIишаталда хадур лъугьун, гIезегIан рахъал кIвар кьечIого хутIун руго нилъер – лъимал умумузул тарбиялда куцай, хъизан-рукъалъул, росаби чIунтизе риччангутIиялъул ва цогидалги гIемерал кIвар бугел суалал. Цебе росабалъ рукIунаан гваял. Гьединго руччабазул советазул букIана къимат. Гьанже кинабго политикаялдеги рихьдае гьабулеб хIалтIудеги сверизабун буго. Миллияб автономиялъул вакилзабаз гьел рахъаздеги кIвар буссинабизе буго.

   Гьединго къо ккаралъуре ритIизе миллатцоязул къокъабиги гIуцIизе руго. Масала, магIарул цо росулъ цIа ккани яги лъим кIанцIани, МЧСалъулгун дандги бан, хъата-масан гIолохъаби щай гьенире ритIизе бегьиларел?

    Гьел гурелги, жеги кIудияб даражаялде бахинабизе къваригIун буго автономиялъул хIалтIи. Масала, гьабсагIаталда нижеца ракIарулел руго СНГялъул, къватIисел улкабазда гIумру гьабулел магIарулазул сияхIал. Цинги тIоритIила гьелгун цадахъал тадбирал. Гьелъие гIоло кватIичIого миллияб автономиялъул статус халкъазда гьоркьосеблъун гьабизеги ракIалда буго.

 

Гара-чIвари гьабуна Зульфия ХIАЖИЕВАЛЪ.