Малъарабги гьабун, гьикъарабги бицун

 

     Тукада хвараб къайи ялъуни заман араб нигIмат бичани, кафе-рестораналда тIагIам гьечIеб квен кьуни, бацIцIад гьабизе химчисткаялде кьураб ратIлил ва цогидалъул кьер инабун батани, гIемераб заманалъ хинлъи гьечIого мина-рукъ тани, почалдасан битIараб посылка жиндир заманалда щвезабичIони, щиб гьабизе кколеб? Гьезие жаваб кьезе кколел идарабазул цояб ккола потребителазул ихтиярал цIунулеб комитет. Гьелъул нухмалъулевлъун вуго ЧIарада районалъул Улъухъ росулъа ГIали ГIалиев. Гьесулгун буго нижер жакъасеб гара-чIвариги.

 

     — ГIали, дуца нухмалъи гьабулеб комитет гIуцIаралдаса ана 30 сон. Гьеб гIуцIиялъе щиб хIажалъи букIараб?

     — Советияб заманалда шагьаразул ва районазул исполкомазда цере рукIана гIадамазул къварилъи- гIатIилъиялда хурхарал суалал тIуралел отделал. Пачалихъалда хиса-басиял байбихьарал соназда хисана гьеб низам, къана отделал ва гьеб хIалтIи тIаде ккана жалго гIадамазде, жамгIиял гIуцIабазде. ГIемераб заманалда халкъияб халгьабиялъул идараялдаги хIалтIарав, хIалбихьиги бугев ХIажимурад Данияловас ва цогидал хIаракатчагIаз 1991 соналда гIуцIана гьеб комитет.

     ХI. Данияловасда цадахъ хIалтIана дун 10 соналъ. Дица лъугIизабуна ДГУялъул дармилаб факультет, хьвадана экспертазул курсазде, буго жеги лъугIизабичIеб юридикияб цIали.

    — Щиб иш нужеца тIубазабулеб? Республикаялда гIемер ругищ нужер гIадинал гIуцIаби?

    — Нижеца цIунула къварилъиялде ккарал, махсараде ккурал потребителазул ихтиярал. Дир руго заместителал, вуго 3-4 инспектор. 14 районалда рукIана нижер вакилзаби, гьабсагIаталда вуго 7-8 чи. Гьел лъикI хIалтIула Дербенталда, Хасавюрталда, Гъизилюрталда, Избербашалда, Буйнакскиялда, Болъихъ. БатIи-батIиял цIаразда гъоркь гIезегIан руго нижерго гIадинал, амма уставалда рекъон хIалтIуларел гIуцIабиги. Юстициялъул министерствоялъ 3-4 гьединаб гIуцIи къана, амма къаниги щиб, заманалдасан цIи-цIиял загьирлъула. ЦохIо нижер комитеталъул буго Роспотребнадзоралъулгун цадахъ рекъон хIалтIи гьабиялъе гьабураб къотIи-къай. Нижеда цадахъ буго «Гарантия безопасности прав потребителей» абураб цогидаб гIуцIиги.

    — Щал нужехъе рачIунел, аслияб куцалда кинал гIарзал гьезул рукIунел?

    — КъваригIанщинаб лъазе, хIажатал баянал ралагьизе ресалги сурсаталги ругониги, гIадамазда лъалел гьечIо жидерго ихтиярал, гьезие гIолеб гьечIо юридикияб лъай. ГIарзалги цIикIкIунел руго, амма гIемерисезе бокьулеб гьечIо суал судалде ккезе. Гьелъие гIиллаги батилин ккола нилъер гIадатгIамалалъул хаслъи. ГIемерал гIарзал рукIуна туризмалда хурхарал суалазда тIасан, гIодобегIанаб даражаялда руго жалго бетIергьанал медучреждениязул хъулухъал, цIикIкIунеб буго косметологиял кабинетазул хIалтIудаса рази гьечIолъи. ЦIакъго гIемерлъун буго гьересияб къайи-цIа, гIемераб ретIел холеб буго химчисткабазда, рокъоб хIалтIизабулеб техника батулеб буго даража гьечIеб. ГьабсагIаталда хIалтIизе биччалеб буго цIияб, гIемерисезда жеги лъалареб «Честный чек» абураб программа. Щибаб къайиялда тIад букIуна код ва гьелда рекъон кьола чек. Нагагьлъун чекалъ гьеб босичIони, къайи ккола гьересияб. Гьединаб чекал- де дандекколедухъ кинабго къайи жеги хIадурун гьечIо, амма хIалтIи гьабулеб буго. Ниж хIалтIула «Общественно-государственный фонд по защите прав вкладчиков и акционеров РД» абураб гIуцIигунги. Гьединлъидал нижехъе гIезегIан ккола махсараде ккурал дольщикал ва гьеб тайпаялъул цогидал гIадамал.

    — Потребителазе бигьаго букIу­­нарищ, гIарзалъ нужехъе рачIин­ чIого пачалихъиял идарабазде ине?

    — Пачалихъазул идарабаздеги (Роспотребнадзор) ине бегьула, амма гьединаб мехалда, судалде щвезегIан нижеца гьесие гьабулеб хIалтIи, гьес гьабизе ккола жинцаго. Гьеб идараялъулгун лъикIаб бухьенги буго нижер, цо-цо мехалда гьезги ритIун рачIуна гIадамал нижехъе кумек гьа- бейин абун.

     — ГIемераб заман хвезабизе- ги кколеб, щибго мухьги гьечIеб хIалтIи кколеб гьечIищ нужер?

     — Гьеб буго баркалаги щолеб, кириги бугеб, гIадамазе пайдаяб хIалтIи. Буго кIиабилеб рахъги. Масала, цо чияс тукадаса босана 100 азарго гъурщил багьаяб диван ва гьеб батана хвараб. Законалда рекъон гьеб бичарасда тIад пачалихъалъ лъола гIакIа — багьаялъул 50 процент, ай 50 азарго гъурущ. Гьелдаса 50 процент кьезе ккола нижер комитеталъе. Амма Россиялъул Верховный судалъул хIукмуялъ судиязе рес кьуна гьеб процент гIодобе бачине (25-20-ялде щвезегIан). Ми- салалъе, гьебго куцалда нижеда ратани цоги гъалатIал — къайиялда тIад багьа, гьеб къватIибе биччараб пачалихъ хъвачIого тей, бича-хисиялъул низам хвезаби, тукен нижеца кьола судалде. Гьелъул хважаин судалъ тIамула нижер захIмат ва арал харжал рецIизе. Нижеца школазда, техникумазда кьола дарсал, тIурала юридикиял хъулухъал ва гьарурал къотIи-къаязда рекъон гьезухъаги щола гIарац. Комитеталда цебе гIуцIун буго «Правовой центр». Потребителазул ихтиярал цIуниялда хурхинчIел суалазе гьелъ кьола жавабал.

      — Пачалихъалъул идарабаздасан букIунищ нужее квербакъи?

      — РФялъул ва ДРялъул хIукуматазул хIукму буго пачалихъиял идарабазда тIадаблъун гьабураб ниж гIадал гIуцIабазе кумек гьабизе ккеялъул хIакъалъулъ. Нижее кьун буго гьитIинабго кабинетги. Амма нижедаса пачалихъалъе буго чIванкъотIараб кумек. Мисалалъе, нижер халгьабиязул хIасилазда загьирлъула кибниги хъвай-хъвагIай гьечIел предпринимателал. Къабул гьарурал къотIи-къаязда рекъон гьединал хIужаби нижеца лъазарула налоговиял идарабазда ва гьел лъола хIисабалда.

     — Лъилниги гIарз гьечIони, предпринимателазул хIалтIул хал гьабизе ихтияр бугищ нужер?

      — Предпринимателазул хIалтIуе квалквал гьабунгутIизелъун, пачалихъалъ гIемерго дагь гьаруна гьединал хал гьабиял. Гьанже гьел тIоритIула лъабго лъагIалида жаниб цо нухалда. Гьеб болжалалда жаниб хал гьабиял тIоритIула жамгIиял гIуцIабазги. Амма законалъ гьукъун гьечIо бокьараб заманалда гъалатIал загьир гьаризе. Нижеца нижеего чIезабун буго гьадинаб низам — бокьараб объекталъул (тукен, кафе, салон) хал гьабула лъагIалида жаниб кIиго нухалъ. ТIоцебесеб нухалда бицуна тIубазе тIадаб ишалъул хIакъалъулъ, малъула гьабизе кколеб. КIиабилеб нухалда (6 моцIидасан) балагьула гьез тIадаб иш тIубан бугищали. Нахъеги гъалатIал ратани, иш судалде кьола.

      — Мисалалъе, пуланав чияс тукадаса босана къайи. Гьеб батана хвараб. БатIи-батIиял гIиллабиги рачун, тукадул администрациялъ гьеб нахъе къабул гьабулеб гьечIо. Гьединав чияс кин нужергун бухьен кквезе ва кинаб кумек нужедаса щвезе бугеб?

      — Гьес ахIизе ккола нижехъе, хIажалъи ккани вачIинеги бегьула. ХIакъикъат лъазабун хадуб, нижеца гьесда кинабго бицуна, малъула. Цинги байбихьула нижерго хIалтIи. ГIемерисеб мехалда гьединал суалал дагIба-рагIи ккезе течIого тIурала. Гьединаб суал судалде ккечIого тIубани, ай потребитель витIарав вукIин чIезабуни, гьесие бецIула ккараб материалияб ва, дагьаб мукъсанаб бугониги, моралияб зарал. Гьеб кинабгоги бахъула тукадул хважаинасухъа.

      Ахиралдаги, дир буго гьадинаб гьари. ГIемерлъун буго хIалихьалъи, чороклъи. Гьединлъидал гьабе цIодорлъи, чIоге махсараде кквезе. Божуге бица-бицаралда, социалиял гьиназда ва рекламаялда хъванщиналда. Щаклъи ккани, кIалъай нижехъе («Горячая линия», телефон 8928-056-19-66). 16 марталда сагIат кIигоялда Миллияб библиотекаялда тIобитIизе буго нижер гIуцIиялъул кIудияб данделъиги. Бокьараб суалгун рачIине рес бугел киналго ахIула дица гьениреги.

 

    ГIабаш ГIАБАШИЛОВ