Бакараб цIаялъул цIияб гвангъи

 

    ТIабигIиял сурсатазул гьарзалъиялъул рахъалъ, тIолабго дунялалда- го Россиялъ тIоцебесеб бакI ккола. Амма кинха гьеб кинабго бечелъи хIалтIизабулеб бугеб? Гьеб буго чIванкъотIараб жаваб щвезе захIматаб суал. Мисалалъе, 2021 соналда Россиялда бахъана 760 млрд куб. метр тIабигIияб газалъул. Гьеб рахъалъ нилъ руго кIиабилеб бакIалда. ТIоцебесеб бакIалда буго США (870 млрд куб. метр), лъабабилеб бакIалда — Иран (290 млрд куб. метр). Санкцияз дагьаб хIалкъазабун бугониги, га- залдалъун нилъеца хьезарула Европаялъул ва Азиялъул гIемерал пача- лихъал ва гъоркьиса къватIисел пачалихъазе нилъеца бичана гьелъул 250 млрд куб метр (гьеб рахъалъ Россия буго тIоцебесеб бакIалда).

   Кинаб хIалха бугеб нилъерго халкъ газалдалъун хьезабиялъул рахъалъ? ЦIакъго церетIурал па­ чалихъаздацин хинлъиялъул ва рукIа-рахъиналъул цоги суалал нусабго проценталъ газалдалъун тIураларо, гьел мурадазда газалда цадахъго хIалтIизарула ток, бакъул ва гьуразул къуват. Амма Россиялда кигIан бокьаниги, цогидазеги гIураб тIабигIияб газ бугониги, гьел суалал тIурала гIемерго гIодобегIанаб да­ ражаялда, божизе захIматаб хIужа бугониги, руго регионал гьеб жеги щвезецин щвечIел.

   Энергетикаялъул министерство­ялъул специалистаз абухъе, бищун лъикIаблъун букIине буго 83 процент гIадамазул (цIаракиязул) тIалабал газалъ хьезаризе кIвани. ХутIаразул (17 процент) тIалабал (хинлъиялда, квен-тIех гьабиялда ва гь. ц. хур­ харал) тIуразе ккола токалъул ва тIурччи-цIулалъул кумекалдалъун. ГьабсагIаталда газалдаса пайда бо­ сула гIадамазул 67 проценталъ. Руго регионал гьеб процент нусгоялде гIагарлъаралги (Ставрополь край, Белгород, Москва областал, Татарстан, Чачан, Северияб Осетия, Мор­ довия ва цогидалги, ай 11 регион), руго цIакъго нахъе ккаралги (Хака­ сия, Приморский край, Кемерово об­ ласть). Россиялда бахъулеб газалъул 80 процент кьола Ямало-Ненецкий автономияб округалъ. Амма гье­ нибгицин 48 проценталъе гурони жеги газ щун гьечIо. Ругел баяназда рекъон, Дагъистаналда гьеб процент гIага-шагарго бахун буго 90-ялде (шагьаразда — 94 процент, росабалъ — 77 процент).

   Гъоркьиса декабралда тIобитIун букIана Владимир Путинил кIудияб пресс-конференциялда Дагъистаналъул цIатариялъулгун энергетикияб комплексалда лъугьун бугеб ахIвал- хIалалда хурхун суал борхун хадуб, гьеб рахъалъ гIезегIан хIалтIи гьабу­ на республикаялда. Токалъул мухъ­ азул хIалтIи цIи гьабиялъе респу­ бликаялъе биччана 891 млн гъурущ. Сергей Меликовас къабул гьабуна 2022-2026 соназда Дагъистаналъул электроэнергетика цебетIезабиялъул хасаб программа. Энергокомплексалъул хIалтIи кьучIдасанго цIи гьабиялъе «Россети» гIуцIиялъ биччазе буго 7,7 млрд. гъурущ. Газалъул магIишаталдаги байбихьана кIудияб хIалтIи. Гьелда хурхун гьарулел гIемерал тадбиразул цояб ккола «до­ газификация» абураб программа. Гьелъул магIна ккола газалъул мухъ­ алдаса мина-къайиялъул гIорхъоде щвезегIан, хважаинасул харж инчIого, газ бачин. Дуца гIумру гьа­ булеб росу-ракьалде жеги газ бачун батичIони, хIакъаб жо, хIалтIуларо гьеб программа. Гьенибе газ щун батани, минаялъул ва ракьалъул до­ кументалги духъ ратани, мун кко­ ла гьеб программаялъул тIалабазда гьоркьове. Минаялде (гьелъул гIорхъоде, гIорхъодаса жанибе гьеб бачиналъул ва жаниб хIалтIи гьа­ биялъул харжал живго хважаинасда тIаде ккола) чIобого газ бачиналъе заявка кьезе бегьула росдал администрациялде, газалъул хъулухъалде.

    Гьеб иш тIубазе бегьула «Госуслуги» порталалдасан ва МФЦялъул филиа­лаздасан.

    https: connentgas.ru сайталде за­явка кьуни, щвезе кIола киналго хIажатал баянал, лъазе кIола минаял­ да жаниб гьабизе бугеб хIалтIул гIага- шагараб багьа. Заявкаялда цадахъ рукIине ккола мина-къайиялъул план, участкаялъул топографиялъулаб план, мина-ракьалъул бетIергьанлъи чIезабулел документал. Исана гьеб программаялда рекъон, газ бачине ккола 2046 мина-карталде, гьелдаса гьанжелъизегIан бачун буго 94-ялде. МухIканлъиялъе лъазе ккола цоги гьадинаб жо, масала, социалияб про­ граммаялда рекъон, чIобого газ ми­на-къайиялде бачуна хъизамалъул хIажатал тIураялъе. Гьелда гьоркьоре унаро коммерциялъулал мурадазда хIалтIизабулеб газ.