Лъимги, гьуриги, хисардулеб гьава-бакъги

 Дагьал церегIан къоязда «Дагъистаналъул правда» газеталда тIобитIараб данделъиялда борхараб аслияб суал букIана «Камиялги дагь гьарун, энергиялъулаб гуч нахъе цIуни» абураб. Гьелъул бицине данделъиялда гIахьаллъи гьабизе кколаан пачалихъиял идарабазул вакилзабаз ва экспертаз. Амма гIемерисел данделъиялде рачIинчIолъиялда бан, жаваб щвечIого хутIана цо-цо суалал. Кин батаниги, нижер цо-цо суалазе жавабал кьуна гIемерал соназ энергетикалъулаб гIуцIиялда хIалтIарав, гьабсагIат экономикаялъул батIи-батIиял бутIабазда экспертлъун вугев жамагIатчи, Гъуниб районалъул КIуяда росулъа ХIажи ХIажиевас.
 
— ХIажи, дуца гIемер абула энергетика экономикаялъул кьучI бугин абун…
— Инсан вижаралдаса нахъе жакъа къоялде швезегIан, гьесул гIумру-магIишаталъе ругел шартIазул аслияллъун ккола лъим, гьава ва цIа. Гьедин босани, гIага-шагарго ахираб 100 соналда жаниб нилъеца рехсараб магIнаялда цIа рикIкIуна энергия (энергетика) хIисабалда. Дагъистаналда тIоцебесеб ГЭС (Хьаргаби) бана араб гIасруялъул 30-абилел соназда. Гьелдаса нахъе раразул къадарги бахуна 17-ялде. Гьеб суалалъулъ руго гIемерал захIматал масъалабиги (тIабигIат хвей, ччугIил сурсатал тIагIин ва гь. ц), амма энергетикаялъ рухI речIчIизабунин нилъер экономикаялдайин абуни, мекъиги ккеларо. РехсечIого гIоларо цоги рахъги. ГЭСал гIезегIан ругониги, кинабго биххулеб, бичулеб, босулеб, бокьухъе приватизация гьабулеб доб заманалда, нилъ махIрум гьаруна гьезда тIад букIараб бетIергьанлъиялдаса. Нилъехъа нахъе росана киналго акциял. Ельцинил указалда ре-къон, Дагъистаналда тезе кколаан гьезул 20-25 процент, гьебги течIо. КIиабилеб хIужа, ни-лъер ГЭСаз кьолеб кинабго ток уна тIолабго Россиялъул оптовияб рынокалде, хадуб гьениса нахъбуссинеги гьабун, бичIчIулареб багьаялде бичула нилъеего.
 
— Россиялъул цогидал регионазда щиб хIалха бугеб?
— Кибго буго гьединабго хIал. ГЭСаз кьолеб ток уна улкаялъул оптовияб рынокалде, амма ГЭСазул акциязул 20-30 процент буго регионазухъ. Гьел гьечIеб регион буго цохIо Дагъистан.
 
— Дуца абуна ГЭСаз кьолеб ток гьелдаса пайда босулезухъе щвезегIан камулин абун. Рехсана гьеб хIалтIизабиялъулъ бугеб цоги хаслъиги…
— ЦеретIурал пачалихъазда гьединаб камиялъ ккола 3-12 процент. Россиялъул цо-цо регионазда (Москва ва гь. ц.) 8-16, Дагъистаналда 30-40 процент. Энергиялъул 20-30 ва цIикIкIун процент производствоялъул гурел бутIабазде (социалиял объектал, ЖКХ ва гь. ц.) ине байбихьараб базаралъулаб экономикаялъул бокьараб пачалихъ рикIкIуна банкротлъун. Нилъер гьаниб гьеб бахун буго 48 проценталде. Мисалалъе, нилъер АПКялда хIалтIизабула гIаммаб энергиялъул цо процент, Европаялда 7-12 процент. Гьединлъидал дол руго нилъедаса гIемерго бечедалги, экономикаги буго цебетIураб, нигIматалги руго тIадегIанаб даражаялъул ва учузаб багьаялъул.
 
— Щиб дуца абилеб ГЭСазда сверухъ лъугьине рес бугеб лъабго масъалаялда бан: ракь багъариялда бугеб хIинкъи, лъим дагьлъи, хIорахъ хIари-хIарщ цIикIкIин?
— Нилъер регион ракь багъария-лъул рахъалъ хIинкъи бугеб букIинги хIисабалде босун, гьелда рекъон киналго шартIалги цIунун ран рукIана ГЭСал. Амма гьелъул
буго гьадинаб рахъги. Кьерциса Ираналда ккана 7 баллалъул ракь багъари, гъоркьиса Азербайжаналда гьеб букIана 4,7 баллалъул, исана нилъ нугIзаллъун ккана 4-ялдаса тIаде араб багъа-бачариялъе. Сейсмикияб гIелмуялъул гIалимзабазда бичIчIула гьеб хIал дагь-дагьккун хIалуцине букIин. Гьезул баяназда рекъон, 2030-2035 соназда нилъер гьанибеги щвезе рес буго 8-9 баллалъул ракь багъари. Гьелъ гьунизаризе бегьула ГЭСазул хIоразда сверухъ ругел кьураби, мугIрулгун щобал. Гьеб буго кIудияб масъала. КIиабилеб, ахираб заманалда риунел руго кидаго риунел рукIинчIел цIорол мугIрул, гIорахъ дагьлъулеб буго лъим. Гьединаб хIал хадубккунги хутIани, 15-20 соналдаса иш ккезе бегьула чIахIиял ГЭСал хIалтIизе ресал рукIунгутIиялде. Лъабабизе, заманалдасан киналго ГЭСазул хIорахъ бакIарула хIаригун хIарщ. Амма гьедин тей битIараб гьечIо, гьел рацIцIад гьаризе ккола. Жиндир заманалда къабул гьабун букIана Волга гIоралда тIад ран ругел ГЭСазул хIорал рацIцIад гьариялъул рахъалъ программа. Гьеб хIалтIи рагIалде бахъинабуна. Китаялъулги руго гьединаб хIалтIи гьабиялъе санагIатал технологиял. Гьездасаги босизе бегьула мисал.
 
— Щиб дуца абулеб гьорол, ба-къул къуват, энергия хIисабалда, хIалтIизабиялда?
— Гьуриги камулареб, бакъул къоялги гIемераб югалъулаб республикаялда, бакIалъулал тIалабал тIуразелъун хIалтIизабизе бегьула гьорол ва бакъул къуват. Дагьаб бугониги лъим чвахулареб, гьитIинаб бугониги гIор-лъар аскIосан унареб росу батиги щакаб жо буго. Гьединлъидал дида пайдаяблъун бихьула тIадехун рехсарал мурадазда (мархьи-кули, цо чанго мина-къайи ва гь. ц. хинлъиялъ ва токалъ хьезари) гьединал гIорал-лъаразда цIакъго гьитIинал ГЭСал райги. Гьелъие руго хасал технологиял, цIикIкIарал харжал тIад унеб хIалтIиги гьеб гуро. Гьелде тIадеги, гьез хвезабуларо тIабигIат, учуз гьабула токалъул багьа. Водородалъулаб энергия (ралъдал лъедаса бахъараб водородалъ кьолеб къуват) хIалтIизабиги бегьулареб жо гуро, амма гьелде нилъ жеги щун гьечIо.
 
— МагIарухъ мадарал шартIал чIезариялъе, гьениб гIумру гьабун ругел гIадамазе хIалтIи букIинабиялъе гIуцIун рукIана «Горы», «Юг России» абурал ва цогидалги программаби. Щиб хIасил гьезул ккараб?
— Программаби гIезегIан рукIана, амма гьезул цонигиялдаса рагIа-ракьанде щун пайда босичIо. Рехсела цоги хIужа. Къабул гьабуна «Социально-экономическое развитие горных территорий на 2020-2024 гг» абураб хIукуматалъул постановление. МугIрузул ракь цебетIеялъе гьениб бихьизабун буго 1 млрд 188 млн гъурущ (500 миллион -республикаялъул бюджеталдаса, 688 миллион – бюджеталъул гуреб, ай щвелищ-щвеларищали лъалареб).
Гьанже бикьеха 500 млн гъурущ 5 соналде, кколеб буго 100 млн гъурущ. Гьебги бикье 28 муниципалияб гIуцIиялда гьоркьоб (1 участокги рикIкIун), кколеб буго 3 миллионалдаса дагьаб цIикIкIун – щиб гьабизе кIолеб гьеб гIарцухъ тIубараб районалда?
 
— Дур пикруялда, щибха гьабизе кколеб?
— Дида битIараблъун бихьуларо гочинабун гIи-боцIи нилъер гьаниб хьихьи, тезе ккола гьеб къагIида. Дагьлъун буго мугIрузда гIазу, цо-цо мугIрузда кIиго моцIалъ гурого гьеб гIодобго чIоларо. ГIодоблъиялда бугеб ракьги эркен гьабун, магIарухъ кулаби-бокьалги ран, шартIалги чIезарун, гIи-боцIи хьихьизе ккола гьениб. Гьенирго къачIазе ккола гьезул нигIматалги. КIиабизе, мугIрузул районазда рагьизе ккола тIадегIанал ва гьоркьохъел цIалул учреждениязул филиалал. Лъабабизе, магIарухъ хIалтIулел, гьенибго хъвай-хъвагIай бугел бизнесчагIи 10 лъагIалил болжалалъ эркен гьаризе ккола киналго налогаздаса. Ункъабизе, тIолабго мугIрузулаб Дагъистаналда чIезабизе ккола «Свободная экономическая зона» абураб низам ва 50 проценталъ цIикIкIинаризе ккола районазул бюджетал. Гьеб кинабго буго чара гьечIого гIумруялде рахъинаризе хIажатал тадбиразул цо бутIа.