Майин кьураб гIарац хIалтIизабизе лъалеб гьечIони…

ХIалтIизабунги бажаричIого, 8,3 миллиард гъурущ пачали­хъалъул казнаялде нахъбуссинабуна нилъер республикаялъ араб соналда. Демографиялда ва лъай кьеялда хурхарал миллиял проектазе биччан букIараб гьеб гIарцул 43 процент гурони харж гьабун бажарунцин гьечIо.

Гьебго куцалда 10 млрд гъурущ 2018 соналдаги нахъбуссинабун букIана.
Миллиардазул къадаралда бюд­жеталъул гIарац Москваялде нахъ­буссинабизе ккани, халкъалъул киналго гIузраби тIуран ругин Да­гъистаналдаян кколеб батила федералияб централда. Амма ра­чIого хутIарал школазулгун ясли-ахазул халатаб сияхI буго. Лъималазул гIарцул 170 гъурущ моцIалъеги кьун улбулги «хьихьун» руго хIукуматалъ.
КIиябго соналъ Москваялде нахъруссинарурал миллиардазда бан «ХIакъикъаталъе» гьадинаб баян кьуна Халил Халиловас. Гьев ккола ДРялъул Экономикияб цебетIеялъул рахъалъ министерствоялда цебе бугеб ЖамгIияб советалъул вакил.
Гьеб гIарац хIажатаб бакI ни­лъер гьаниб гIемераб букIанин абуна гьес.
— Масала, хIакимзабаз жиндир заманалда конкурс лъазабичIо пачалихъалъулгун къотIи-къаял хъваялъе, — ян бицана Халиловас. — Гьеб абуни къануналъ тIадаблъун гьабун буго. Гьеб буго цо гIилла.
КIиабизе бугони, миллиял проектал гIумруялде рахъинариялъул рахъалъ, цогидал регионазда дандеккун, нилъ нахъа хутIулел руго.
Щай гьедин бугеб? Москваялъулгун къотIи-къай гьабулаго, нилъер хIукумат щай разилъараб цо соналъул болжалалда гьел проектал рагIалде рахъинаризе, анлъго соналъе къотIи гьабизе бегьулеб мехалда? Гьеб гуребги, Бюджеталъул кодексалъ изну кьолеб буго Москваялъулгун къотIи-къай хъва­­лалдего, миллиял проектал гIумруялде рахъинариялда хурхун хIалтIи байбихьизе. Гьелдасанги пайда щай босичIеб нилъер хIакимзабазали дида бичIчIуларо.
Республикаялъул хIукуматалда ругел хIакимзабаз гьединал жал хIисабалде росани, иш роцIи­наанин рикIкIунеб буго Х. Халиловас. Гьединго лъикI букIинаан лъабго гуребги, жеги чанго масъалаялда хурхараб проектазде кIвар буссинабуни.