Халкъияб магIишат

Инсанасе — квегIенлъи, тIабигIаталъе — цIуни

Дагъистаналда бахъизе рес бугеб газалъул нахърател гIага-шагарго бащалъула 50 млрд куб. метралда

ТIабигIаталъул шартIазул бечелъиялъул (ралъад, лъикIаб ракь, мугIрул, рекъараб гьа­ва-бакъ) рахъалъ Дагъистаналде гIагарлъулеб регион Россиялда гIемер гьечIин абуни, мекъи ккеларо. ГIемер бицуна тIабигIиял сурсатазул рахъалъги Дагъистан бечедаб букIиналъул, республика жибго жинца хье­забизе, кинабго нилъее хIажатаб парахатго чIезабизе ресал рукIиналъул хIакъалъулъ. Бугищ гьеб гьедин? Батизеги бегьула. Рехсарал сурсатазул цояб ккола тIабигIияб газги. Гьелда сверухъ буго «Дагъистаннефтегаз» АОялъул генералияв директорасул заместитель, бетIерав геолог (гьев вуго бетIерав инженерасул хъулухъ заманалъ тIубалевлъунги) Жаватхан Шапиевасулгун ккараб гьаб гара-чIвариги.
— Жаватхан, нужер аслияб хIалтIи щиб ва кинаб бухьен бугеб «Дагънефть» гIуцIиялъулгун?
— ГIорхъодаса (ЦIияб Лак район) байбихьун Дербенталде щвезегIан ругел газалъул магIданазда хIалтIи гьабизелъун 2003 соналда гIуцIана нижер организация. Аслияб хIалтIиги буго, буругъал рухъун, цогидал хIалтIабазул хIисаб-суал гьабун, газалъул халгьаби (разведка) ва гьеб бахъи. Нижер буго гьелъие бахьизабураб 12 лицензияги (участок). Буго 1928 соналдаса нахъе хIалтIулеб буругъги (Дагъ Огни), руго цIиялги, мисалалъе, гъоркьиса Избербаш шагьаралда аскIоб, Пушкин-Тау магIарда гъоркь 4400 метралъул гъварилъуде нижеца борлъана цIияб буругъ. Советияб заманалда букIинчIо гьединаб рикьи, нартилги газалъулги кинабго хIалтIи тIубазабулаан «Дагънефть» гIуцIиялъ. 1994 соналдаса нахъе байбихьа­на лицензияздалъун участкаби рикьизе. Нижер учредителаллъун ккола «Роснефть» ва «Дагънефть» гIуцIаби, гIурус рагIабаздалъун абуни, нижер АО буго гьезул «дочерное предприятие».
— КигIан гъварилъуде гьанжелъизегIан раккизе кIвараб, гьединал тадбиразе хIажатаб техника бугищ?
— Лъабго-ункъо соналъ цебе, Алмало станциялда аскIоб, СапаргIали участкалда, нижерго къуваталдалъун нижеца бухъана 6176 метралъул гъварилъуде буругъ. Ахираб заманалда гьединаб гъварилъуде буругъал Северияб Кавказалда тIокIаб лъицаниги рахъичIо. ХIалбихьи бугел пенсиялдеги ун, гьел дагьлъаниги, руго специалисталги, буго цебехунго букIараб ва гьабсагIаталдаги хIалтIулеб техникаги. Цо-цо хасал хIалтIаби гьаризе нижеца Краснодаралдаса, Самараялдаса, Уфаялдаса ахIула цогидал организациялги.
— Бахъизе рес бугеб, чIезабураб газалъул нахърател кинаб бугеб Дагъистаналда?
— ГьабсагIаталда лъалеб, бахъизе рес бугеб газалъул нахърател буго гIага-шагарго 50 млрд куб. метр. Буго халгьабизе кколеб, буголъи лъан гурони мухIканал баянал жеги загьирлъичIеб газги. Гьеб буго цIакъго гъварилъуда, «юрский периодалъул» заманалъул гъатазда гъоркь.
— Мадугьалихъ, чачаназул ракьалда бугебдай гьединаб къадар?
— ГIагарде къанги гьечIо. Цебе лъагIали­да жаниб Дагъистаналда кIиго млн тонна нартил бахъулеб заманалда, доба бахъулаан 20 млн тонна. Нилъер гьанибго гIадин добаги гьеб къадар гIемерго гIодобе кканиги, доба нарт буго, амма бицинегIанасеб газ гьечIо. Чачаналъ бугеб газги буго цIакъго гъварилъуда, гьебги сероводород гьоркьоб жубараб. Гьединаб газ лъикIаблъун рикIкIунаро, цIакъго багьаяб хIалтIи буго гьеб бацIцIад гьабиги. Нилъер гьанирги руго гьединаб газ бугел бакIал, амма нилъеца гьел тун руго «хIухьбахъиялда», нилъер лъикIаб даражаялъул газ дагьлъизегIан.
— Жакъа къоялда кигIан газха нилъеца бахъулеб, гIолищ гьеб нилъее?
— ЛъагIалида жаниб бахъула гIага-шагарго 300-400 млн куб. метр, аслияб куцалда гьебги уна МахIачхъала, Каспийск, Избербаш, ДагъОгни шагьаразде. Дагъистаналъе хасалил заманалда цо мехелалъ къваригIуна 6 млн куб. метр газалъул, риидал гьеб къадар дагьаб гIодобе ккола. ГIолареб къадар нилъеца босула советияб заманалдаго хIалтIизе биччараб «Моздок-ГъазимухIамад» газил рогIороялдаса.
— Нарт ва газ бахъиялъулъ кинал хаслъаби ругел, бахъулищ нилъеца ралъдал тIиналдаса газ?
— Аслияб куцалда нарт букIуна дагьал тIадегIанал гъатазда, газ — дагьаб гъварилъуда. Нарт бахъи чIола хираго — ракьулъ бугеб гьелъул тIадецуй (давление) дагьлъарабго, гьеб къватIибе кьабизе ккола насосалги лъун, ракьулъе кьабизе ккола лъим, хIалтIизаризе ккола химиялъул препаратал. Газ бахъи дагьаб учузаб буго, амма гьелда гьоркьор журарал сероводород, углекислияб газ, лъим ратIа гьаризе, гьезул къадар нормаялде ккезабизе ккани, гIемерал харжал гьаризе ккола. Ралъдал рагIаллъуда газ букIинги хIакъаб буго, амма кигIанасеб къадаралда ва кинаб гьеб бугебали абизе гьабсагIаталда кIоларо, гьечIо гьединал хIисабал. Гьеб газ нилъеца бахъуларо. Буго 1972 соналдаго Инчхе станциялда аскIоб, ралъдал рагIаллъудаса щуго километралъ жанибегIан, лъабго гъат нартилги цо лъикIаб гъат газалъулги ругеб магIдан. Гьебги буго, къваригIел ккани, хIалтIизе биччазеян тун.
— Бахъулеб газалъул къадаралда бараб бугищ гIадамаз хIалтIизабулеб газалъул багьа яги нужецайищ гьеб чIезабулеб?
— Нижеца бахъулеб газалда бараб щибго гьечIо гьеб суалалъулъ, нижеца чIезабуларо багьаги, гьеб буго ФЭКалъул (федералияб энергетикияб комиссия) — тарифазул хъулухъалъул хIалтIи. Газалъул багьа хиралъанин абун, нижее бугеб хайир-пайдаги кигIан дагьабниги гьечIо. Нижеца бахъула газ, хадуб гьеб уна нижер участкабазде, гьениб бацIцIадги гьабун, гьоркьоса къваригIел гьечIел жалги нахъе росун, гьеб уна ГРСазде (газ бикьулел станциял), гьениса — гIадамазухъе, объектал-предприятиязде. Гьедин бахъараб газ, оптовияб къагIидалда «Межрегионгаз» гIуцIиялъухъеги кьун, лъугIула гьабулеб хIалтIул нижер бутIа.
— Ахиралдаги, бугищ абизе бокьараб жого?
— ХIакъаб жо буго нилъер ракь батIи-батIиял магIданаздалъун гIезегIан бечедаб букIин. Амма квеш ккараб жо буго гьелъул хIисаб, гьелда хадуб бербалагьи гьаби хашго букIин. Бокьилаан пачалихъалъул идарабаз гьелде кIвар кьезе, гIемерго лъикIаб букIинаан инвесторазги гьеб суал хIисабалде босани.
Гара-чIвари гьабуна
ГIабаш ГIабашиловас.