ЦIатари

50 гъуршиде бахинадай?

Нартида цадахъго хиралъулеб буго бензинги

Улкаялда кколел ругел лъугьа-бахъиназухъ балагьани, нилъ хадур гIунтIуларел гIажаибал жал гIемер ратула. Масала, чанго соналъ цебе бензиналъул литр 30-32 гъуршиде бахиндал, абулеб букIана гьеб бугин дунялалдаго нарт учузлъиялъул хIасилилан. Ахирал соназда нартил багьа бахине байбихьана ва учузлъизе кколеб букIараб бензиналъул багьа, щаялиго, хиралъана. Гьал къоязда гьелъул цо литрадул багьа 40 гъуршидасаги тIаде ана ва июналдехун 50 гъуршиде бахине бегьулеблъиялъул гIемер бицунебги буго. Масала, Росстаталъул баяназда рекъон, 29 апрелалдаса 7 маялде щвезегIан бензин хиралъа­на цо проценталъ, дизель — 0,9 проценталъ ва гьелдаго цадахъ 0,1 проценталъ хиралъана инсанасе хIажалъулеб цогидабщинабги. Пайда щиб, цIатаридул багьа гьеб роценалдаги чIезе ракIалда гьечIо. Чанго къоялъ цебе бензиналъул литрадухъ 40 гъуруш букIун батани, жакъаялде 42 гъуршиде бахана. Гьебгиха кинабго жо жинда бухьинабулеб нартилги долларалъулги багьа гьебго хIалалда бахунебги букIаго.

ГIилла ва мурад

Социалиял гьиназдасан церерахъунел аналитиказгун экспертаз батIи-батIиял гIиллаби рехсолел руго бензинги гьелдаго цадахъ хутIарабги хиралъиялъе. Масала, цо-цо экспертаз бицухъе, цIатаридул акцизазул багьа хира гьабидал, гьеб бизнесалъул «гIоркь» жидехъ бугез бензиналъу­л нахърател гьабун букIана, ай ургъунго, гьелъул мукъсанлъиги лъугьинабун, цIа­тари хира гьабиялъул мурадалда. Гьеб ишалде гьоркьобе монополиялде данде къеркьолеб хъулухъ (ФАС) лъугьиндал, гьениб заманалъ бугониги, гIадлу гьабизе кIвана. Заманалъин гIадада гуребха дица абулеб бугеб, щайгурелъул бизнесчагIи бигьаго къуркьизаризе кIолеб уммат гуро. Дагьабго мехалъ ФАСа­лъул тIалабги тIубазабун, гьез цIидасанги багьа хира гьабуна ва гьеб жеги хира­лъи­зе букIана, улкаялда президент вищулел рищиял рукIинчIелани. Владимир Путиница февраль мо­цIалда лъазабуна цIатаридул багьа гьеб хIалалда хира гьабизе бегьиларин, ва бизнес-элитаги рищиял лъугIизегIан гьесухъги гIенеккун сабуралда чIана. Сабуралъеги ахир бу­кIу­нелъул, кидалъагIанха, гIор щун букIаго, цIул бахъичIого гьел ру­кIинел. Рищиял лъугIана, ва биз­несменалги жидерго ишалде тIа­де­лъана.

Багьабаз щай «хIанчIулеб»?

Экспертаз бицухъе, бензин хиралъиялъе буго чанго гIилла. ТIоцебесеб – сезоналда бараб. Хурзабахъгун авлахъазда хIалтIи гьабизе гIемераб цIатари къваригIунелъул, ихдал гьеб хиралъула. Хира гьабизе квербакъу­ла нартил бизнесалда ругез. БитIун гьеб заман тIаде щведал, нартил заводазда байбихьула профилактикиял хIалтIаби гьаризе, ва гьеб мехалда чара гьечIого цIатариги хиралъула. Щай нужеца гьеб иш щибаб ихдал гьабулебин гьезда цIехолев чиги кколаро.
КIиабилеб гIилла – дунялалъулго базаралда нартил багьа цо хIалалда чIунгутIи. Хасго исана багьа бахин. Багьа бахин лъикI гьечIищин гьикъулелги камиларо, гьеб бахиндал, бензиналъул багьа гIодобе ккезе бугин абулеб букIаралъул. Гьенибги буго гIадатиял, ай нилъ гIадал гIадамазда бичIчIулареб ва бизнесчагIи хадургъураб цо хIилла. Улкаялда жаниб бичиялдаса гьеб къватIибе бичиялъул гьезул хайир цIикIкIараб буго. Масала, улкаялда жаниб бичаралдаса, тонна хIисаб гьабун, анкьазарго гъурушалъ цIикIкIун щолеб буго къватIибе бичидал. Жидеего цIикIкIун щолеб бакI балагьиларищха гьезги, жидерго улкаялда гIумру гьабун бугеб халкъалъул ургъел гьабуни, бизнес цебетIоларелъул. Россиялъул АЗСазе сордо-къоялда жаниб 50 азарго тонна бензиналъул къваригIунеб батани, гIага-шагарго бичулеб буго 15 азарго. ХутIараб? КъватIибеха. Гьединаб хIал бугеб мехалда, ай щибаб жо къанагIалъанагIан, гIадат бугелъул хиралъулеб, бензиналъул багьаги тIадеялдаса тIаде эхеде харулеб буго.
Лъабабилеб гIилла – акцизал хира гьари. Гъоркьисаго Пачалихъияб Думаялъ хIукму гьабун букIана лъабго соналда жаниб дагь-дагьккун гьекъолеб жоялъул, танхьил ва цIатаридул акцизал хира гьаризе. Гьедин хIукуматалъги гьел хира гьарулел руго, депутатаз къабул гьабураб хIукмуялда нахъги рилълъун. Гъоркьиса Пачалихъияб Думаялъ къабул гьабизелъун законалъул гьеб проект гьоркьоб лъураб заманалда, ракIалда буго, РФялъул финансазул министрас абулеб букIана гьелдалъу­н цIатаридул багьа бахин цо абизегIанасеб букIине гьечIилан. Лъаларо, гьес ургъунго абураб жойищ гьеб букIараб ялъу­ни ахIвал-хIал лъангутIиялъ абурабищ букIарабали, Черномырдиница абухъе, лъикI гьабулелинги абун, хIасил добго ккана. Депутатаз гьеб закон къабул гьабун букIинчIебани, жакъа цIатаридул багьаялъ гьаб хIалалда «хIанчIилароан».

Щибха гьабизе кколеб?

Экспертаз цо кIалдисан гIадин абулеб буго улкаялъул жанисеб базаралда бичулеб цIатаридул къадар цIикIкIинабизе, акцизазул багьаби учуз гьаризе кколин. Гьеб пикруялъул рахъкколеб буго ФАСалъги, ва Энергетикаялъул министерствоялъ хIадур гьабун буго жанисеб базаралда бичулеб цIатаридул къадар щуго проценталъгIаги цIикIкIинабиялъе хасаб буюрухъ. Гьедин гьабуни, хIакъаб жо, къойидаса къойиде рахунел багьабигIаги чIун хутIилаан. Амма гьеб документ къабул гьабизе ккани, хIажалъула чанго моцI ва хаслихъе гурони гьелъул хIасил ккейги щакаб буго.
ХIабиб МухIамадов