Куракул пурчIнал тIагIам кибего машгьурлъана

 

   КIал гьацIул цIезе бокьани, квер ракьул цIезе кколин аби буго умумузул.

    Щибаб соналъ нилъер республикаялъ бакIарула пурчIун бахъулеб пихъил 70 000 тонна. Гьелда гьоркьоб аслияб бутIа ккола ахбазан-куракалъ. Гьеб рахъалъ Россиялъул регионазда гьоркьоб Дагъистан буго цебесеб кьерда.

   Гьелъул хIакъалъулъ гьадин бицана «ХIакъикъаталъе» ДРялъул росдал магIишаталъул министрасул тIоцевесев заместитель Шарип Шариповас:

 

 

— Республикаялда гьарзаго пихъ бижиялъе кIиго гIилла бихьула дида. ТIоцебесеб, нилъер ракь цIадал къанагIатаб бакI букIин. Мисалалъе, Ставрополалда гIадин гьарзаго раларо гьел. Гьелъул кIудияб пайда ккола гъутIби лъикI хIалтIиялъеги барщулеб пихъ хвечIого букIиналъеги. 

КIиабилеб, ихдалил цIорой. Добго Ставрополь краялда ихдалил цIорой гIемер ккола нилъер гьанибалда дандеккун. Гьеб мехалъ тIогьодаса буссунеб пихъалъе гьелъ зарал гьабула. Гьединал хIужаби ккедал, пихъ гIемерисеб хола. ПурчIун бахъулел — ахбазан, багIли гIадаб пихъ цIакъго загIипаб букIуна, цIороялда дандечIезе бажарунгутIиялъ.

 

ТIабигIат берцинаб жо, бицине цIакъ бокьулеб»

 

   — Хьиндаллъиялъул росаби руго сундулго рахъалъ цIакъ гьава битIарал, куракул ахал гIезаризе санагIатал ракьал ругел. Гьенир гьурал дагьал рукIуна, риидалил бакъуца беэдараб ракьалъ лъикIаб нигIмат кьола, пихъил гъутIбузе данде кколеб бакI буго хьиндаллъи. Гьединал гIиллабазда бан бугоха нилъер республика пурчIун бахъулел гъутIбузул рахъалъ бечедабги.

   Республикаялъул хьиндаллъия­лъул мухъалда гьабсагIат нилъер буго 6 000 гектар ахазул. Гьелда гьоркьоб куракул ахаз ккола саламатаб бутIа – 4000 гектар. 1000 гектаралда буго микьир, багIлидул ахаз ккун буго 5000 гектар ва 400 гектаралда руго кокомил гъутIби. Бищун цIикIкIун ахал ругел районал ккола Унсоколо, Хьаргаби, Шамил, Гумбет ва Гъуниб районал.

— «ТАСС» агентствоялъе дуца кьураб баяналда хъван буго араб соналъ интенсивияб ахихъанлъи гIезабиялъул рахъалъ МухIарамкент, Сулейман-СтIал гIадал районаз кIудияб бутIа лъунилан. Амма пурчIун бахъулел пихъил гъутIби (ахбазан ва микьир) бищунго гIемер гIезабулел магIарул районазул цонигиял рехсон гьечIо гьенир. Щай?

   — БитIараб буго. РехсечIо. Гьелъие буго гьадинаб гIиллаги. Экономикаялъул министерствогун цадахъ рекъон, 10 гектаралда ах гIезабизе бокьарав фермер ялъуни ахихъан вугони, гьесие субсидиялъе 400 000 гъурущ кьолеб программа букIана нижеца хIадурун. Амма 2021 соналда мугIрузул районаздаса нижехъе щвечIо гьенир ахбазаналъул цIиял гъутIби чIун, ахал гIезарунин абураб баян. Гьебго ахIвал-хIал букIана 2020 соналдаги. Гьединлъидал ниж руссана, аслияб къагIидаялъ, кокомил ахал гIезариялде. ГIодоблъиялда ругел районал, ай МухIарамкент ва Сулейман-СтIал районазда цIиял гъутIби чIун, саламатал ахал гIезаруна гъоркьиса. Мисалалъе, цохIо Сулейман-СтIал районалда 1412 гектаралда гIечул, кокомил ва багIлидул ахал гIезарун руго.

— Ахираб заманалда нилъер гьаниса пурчIнадул хьон Россиялде баччизе байбихьана. ГIемерисезе гьеб цIакъ рекIее гIун букIинги бихьулеб буго. Гьебги цо гIиллалъун кканин абизе бегьулищ, пурчIун бахъулеб пихъил рахъалъ нилъер республика машгьурлъиялъе?

   — Дица абила гьечIин, щайин абуни, мунго балагье, гIемерисеб нухалда нилъер гьаниса ахбазан-курак босизе хIаракат бахъула гьеб барщизе квер бараб гIужалъ. Я пурчIун бахъичIого, я бичIун бакъвазабичIого, гьагъаб бугебго куцалъ, гIатIгого кваназе уна гьеб гIемерисеб мехалъ гIадамаз босун. Пихъ гIезабулел чагIазги хIаракат бахъула гьеб гьедин кьезе. ЛъагIалида жаниб барщараб ахбазаналъул 35000 тонна гIезабула нилъер гьаниб. Амма гьел руго гIага-шагарго тIаде балагьун хIисаб гьабурал тарихал. Щайгурелъул, аслияб къагIидаялъ нилъер гьанир ахбазан-куракул ахал гIезарулел руго хасаб бетIергьанлъиялда гъоркь. Гьениб барщараб пихъалъул мухIканаб хIисаб гьабуларо. 

   Бичизе кIвечIого, барщун нахъе хутIараб пихъ хвечIого букIине пурчIун бахъун бакъвазабун гьарулел тадбирал руго кIиабилеб бакIалда ругел хIалтIаби. Дагъистан ккола Россиялъул пихъил ах. Гьединаб цIаралъе мустахIикъаб буго нилъер республика.

 

«Къимат гьабе гъутIбузулги

гъоркь батараб пихъилги»

 

 

  Гумбет районалъул ЧIиркъатIаса МухIамадов МухIумамирзал бу­го кIиго-лъабго батIияб бакIалда гIезабураб, куракулгун ахбазаналъул кIудияб ах. Ахираб къого сон буго гьесул тIадчIун ахие хъулухъ гьабулеб бугелдаса.

 — Эменги, мунагьал чурад, вукIана цIакъ гъутIбузе хъулухъ гьабизе бо­кьулев чи, гьесулго хIал бохун бу­кIине абун рехун течIого буго дицаги ах халтIизабулеб, — ин бицана гьас.

— ЛъикIаб бачIин кьолеб батила дуе гьедин тIадчIун хъулухъ гьабураб мехалъ?

   — ГъутIби руго, чIагояв чиго гIадин, рокьиги хIеренлъиги бокьулел, Аллагьас ракьалда рижарал нигIматазул цоял. Нилъеца адабалда хъулухъ гьабуни, гьезги мун пашман  гьавуларо. Кинабниги 22 батIияб тайпаялъул (сорт) ахбазаналъул гъветI буго дир ахикь. ПурчIун бахъулеб, бахъулареб, гьуинаб, кьогIаб, шалах, бухари, Лабазан-курак. Зайнабил курак абунги буго нижер гьаниб гурони бижулареб сорт.

— ГIодоблъиялда ругел районазда гурони, араб ва гьелда цересел соназда интенсивияб ахихъанлъи цебетIечIин абуна нижергун гара-чIвариялда росдал магIишаталъул министрасул заместитель Шарип Шариповас. МагIарухъ цIикIкIун ахал гIезаризе шартIал гьечIин рикIкIунеб буго гьес. Мун рази вугищ гьелда?

  — Вуго, битIараб буго гьес абулеб жо. ГьечIоха жакъа магIарухъ гье­лъие ресал. Сверун кьурабиги, гъоркьа — хъинсалги кIкIалабиги. ТIаде гъутIби чIезе цIиял гIатIилъаби гьечIо, мисалалъе, нижер ЧIиркъатIа. Гьединал майданал рукIаралани, гьаниб цохIо ахбазан гуребги, хурмаги, инжирги, бокьараб цогидаб пихъги гIезабизе бегьулаан. Гьелъие цIакъ шартIал рекъараб, беэнаб ракь буго ЧIиркъатIа. Амма цIиял ахал гIезаризе бакI гьечIо.

— Гъоркьиса цIакъ гIемерал туристал рачIун рукIиндал республикаялде, нужехъеги щун ратила гьел. Гьел ахакье рачIун рукIанищ, пихъил тIагIам рекIее гIунищ гьезие?

   — Туристал цIакъ гIемерал рачIана гъоркьиса дир ахикье. ГъотIодасанго бетIараб барщараб ахбазаналъу­л хIалбихьизе щун, цIакъ разиго, гьадинаб нигIмат киса щолеб жо­йин рохун рукIана. Гьедин, рачIа-рачIаразеги, гьобол-гьудуласеги кьола, гIагарлъиялъе шагьараздеги битIула. ЦIакъ баракат гьарзаяб пихъ буго ахбазангун курак. Барщараб бичула, мурапа-компотал гьарула, бичIун бакъвазабула. Гьелъул бахъараб компотги цIакъ бокьула гIадамазе гьекъезе. Куракул карщ гьабизе бегьула, пурчIуналъул хьон — гьеб умумухъанго нилъее ирсалъе щвараб тIагIам гьечIищха. Гьедин тIубараб лъагIалица тIагIам лъугIуларин абизе бегьулеб пихъ буго курак.

Ашахан Юсупов