«Берцинал» тарихал ва пайдаял ишал

 

   Ахирал соназда Россиялъул эко­номика бараб букIана санкцияздаги цо хIалалда чIолареб коронавирус унтиялъул хIасилалда рилълъан­хъизарулел къагIидабаздаги. Дагъ­истанги Россиялъул регион кко­лелъул, гьеб кинабго хъинтIула нилъедаги. Гьединлъидалин эко­номикаялда ва гьелда рекъон гьа­булеб социалияб политикаялдаги кколел ишалги хIисабалде росун гIуцIун буго гьабулеб хIалтIиги.

   Гьеб кинабго хIалтIуе гIатIидго нух рагьана, гьелъие ругел ресал чIванкъотIун рихьизаруна 2025 соналде щвезегIан Дагъистан со­циалиябгун экономикияб рахъалъ цебетIеялъул Стратегиялъул про­граммабаз. ГIаммаб куцалда боса­ни, хIасилал квешал гьечIо.

   Масала, исана соналъул бащдаб лъагIалил хIасилазухъ балагьани, промыш­ленносталда цебетIей ккана 15 про­центалъ, бакIал раялда — цо про­центалъ, гIадамаз гIумру гьабулеб минаби рай цIикIкIана 2 нухалъ, даран-базар – 12,1 проценталъ, гIадамазул хъулухъал тIурай — 30 проценталъ.

    Росдал магIишаталъул нигIматал гIезари буго гIага- шагарго гъоркьисаго букIараб да­ражаялда (цIибил, пиринчI, пихъ ва цогидабги бакIарун лъугIидал, лъагIалил кIиабилеб бащалъиял­ да гьеб къадар дагьаб цIикIкIине ккола).

     МагIданал рахъулеб промышленносталда хIалтIул гIаммаб къадар гIодобе ккана 4,8 проценталъ. Гьеб буго нарт ва газ бахъи 7,6 проценталъ дагьлъиялъул хIасил. 2021 соналъул январь-июнь моцIазда республикаялда бахъана (ПАО «НК «Роснефть» — «Дагънефть» гIуцIиялъ) 58,9 азарго тонна нартил (гъоркьиса букIаралде дандеккун 7,5 проценталъ дагь) ва 53,9 млн куб. м. газалъул (8,7 проценталъ дагь).

     Кванил нигIматал, къайи-цIа къачIалеб промышленносталъулги буго мадараб цебетIей. Компьютерал, электрониялгун оптикаялъулал тIагIелал къватIире риччай цIикIкIана 5,7 нухалъ («Завод точной механики» АО, «Волна» НИИ);  кванил нигIматал хIадури – 1,5 нухалъ («Кизлярагрокомплекс» АО, «Махачкалинский мясокомби­нат» ОАО, «Денеб» ОАО, «Дидо» ООО); кагъат ва гьелъул тIагIелал къватIире риччай – 1,5 нухалъ («Картонтара» ООО, Дербент ша­ гьар); тIом ва гьелъул алатал гьари 33,4 проценталъ («БОФФ» , «ДОК» ва «ДОФ» ОООял). ГIемерго цIикIкIана керамикаялъул плитка (13,8 нухалъ), цIер – 1,7 нухалъ, гIечул сок (11,3 нухалъ), цоги пихъазулгун овощазул сокал (3,7 нухалъ), хьитал (1,5 нухалъ) къватIире риччай. Гьебго заманалда гIодобе ккана цIатариялъул насосал (2 нухалъ), цIорол банкаби (22,3 проценталъ) ва цIорол шушби (4,8 проценталъ), гIачиязул нах (11,3 проценталъ) къватIире риччай.

    Рехсараб заманалда жаниб МахIачхъалаялъул аэропорталъ къабул гьавуна 895,1 азарго пассажир (гъоркьиса соналде дандеккун 1,8 нухалъ цIикIкIун). Гьебго заманалда МахIачхъалаялъул ралъдал дармил порталдасан битIун ана ялъуни гьелъ къабул гьабуна 213,6 азарго тонна къайи- цIаялъул (гьелдаса 2052 азарго тон­на ккола нарт ва гьелъул продук­ция).   

  Коронавирусалда бан ккарал захIмалъабаз гIезегIан квекIенал гьаруниги, порталда кIвана даран- базаралъул рахъалъ къватIисел пачалихъазулгун ругел киналго къотIаби тIуразаризе, хIалтIул даража цIунизе. Росдал магIишаталда гIезарурал нигIматазул гIаммаб багьа бахана 29137,3 млн гъурщиде (гьеб ккола гIага-шагарго гъоркьиса соналъул даража). Росдал магIишаталъул цо- цо нигIматал гIезари ккана гIодобе, мисалалъе, гIи-боцIул ва гIанкIуязул гьан – 66,6 азарго тонна (99,8 процент), рахь – 434,2 азарго тонна (99,7 процент).

    Дагьабго къадаралъ букIаниги цIикIкIана гIанкIабазул хоно — 99 млн (100,7 процент).

    Дагь­лъана чIегIербоцIул къадар — 989 азарго бетIер (4,5 проценталъ), гIи-цIцIаназул – 4906,9 азарго бетIер (5,6 проценталъ) ва гIанкIуязул – 4069,9 азарго бетIер (14,2 проценталъ) къадар. БоцIи хьихьиялъе республикаялда бана ва къачIана 15 ферма, Буйнакск районалда бан лъугIулеб буго 30 азарго гIанкIу хьихьизе рес кьолеб (лъагIалие 10 млн хоно) цех.

   Дагъистаналда цIибил чIун буго 26,3 азарго гектаралда, ихдал тIадеги гьеб чIана 502,8 гектаралда (гьеб ккола исана соналда чIезе бугелъул 36 процент).

   Исана соналъул анлъго моцIида жаниб росдал магIишаталъул пред­приятияз босана 145 машина-агре­гат (гьезда гьоркьоб 37 трактор ва 6 ролъ бакIарулеб комбайн). Гьеб техникаялъул гIаммаб багьа ккола 196,5 млн гъурущ (2020 соналда букIаралдаса 22 проценталъ дагь). Цо моцI хIисаб гьабун, кванил нигIматазул шартIияб наборалъул (бищун гIодобегIанаб, гьечIого тIубалареб) багьа июнь моцIалда кколаан 5042,8 гъурущ (тIолабго Россия рикIкIун — 5183.9 гъуруш, СКФОялда — 4942.3 гъурущ), лъагIел байбихьаралдаса гьеб цIикIкIана 13.1 проценталъ.

  Гьоркьохъеб ва гьитIинаб бизнесалъе бигьалъаби, лъикIал шартIал чIезари ккола республикаялъул экономикияб политикаялъул аслиял суалазул цояблъун. Бизнесалъул гьеб бутIаялъе квербакъиялъул киналго тадбирал тIуралел ва хадубккун тIуразе руго «Экономическое развитие и инновационная экономика» абураб ДРялъул пачалихъияб программаялда рекъон (2021- 2023 сонал).  Республикаялъул бюджеталдаса 2021 соналда гьелъие биччан буго 413,6 млн гъурущ. Жеги мухIканлъизе ру­ гел баяназда рекъон, январь-июнь моцIазда жаниб нилъер бюджеталъул доходал бащалъана 827755,5 млн гъурщида (гъоркьиса гьебго заманалде дандеккун гьеб ккола 111,5 процент). Федералияб бюджеталдаса щвана 56871,3 млн гъурущ (араб соналдаса 0,9 проценталъ цIикIкIун).

    РакIарулел налогазул къадар цIикIкIин, гьеб ишалъулъ низам чIезаби, предпринимателал «рацIцIадго» хIалтIи, гьезул хъвай-хъвагIай налоговиял идарабазда букIин мурадалда гьабулеб буго гIезегIан кIудияб хIалтIи. Хал гьабуна 9104 объекталъулгун предприятиялъул, гьелъул хIасилалда загьирлъана хъвай-хъвагIай гьечIого хIалтIулеб бугеб 4012 объект, гьездасан 860-яб лъуна налоговиял идарабазул хIисабалда. Гьеб болжалалда жаниб бюджеталдасан харж гьабуна 74712,8 млн гъурущ (гъоркьиса букIаралде дандеккун 119,6 процент). Гьеб гIарцул аслияб бутIа биччана лъай кьеялде – 28828,9 млн гъурущ (38,6 процент), социалияб политикаялде — 28981,2 млн гъурущ (38,8 процент) ва сахлъи цIуниялде – 4606,6 млн гъурущ (6,2 процент).

  ХIалтIухъанасул гьоркьохъеб харж, 2020 соналда букIаралде дандек­кун, цIикIкIана 7,6 проценталъ ва гьеб бахана 30245,9 гъурщиде. Амма гьеб 1,8 нухалъ дагь буго, гьоркьохъеб хIисабалда, тIолабго Россиялда бугелдаса (53729 гъу­ рущ) ва 5 проценталъ — СКФОялда бугелдаса (31852 гъурущ).

  ХIалтIи гьечIезул къадар дагь гьабиялъе Дагъистаналда хIалтIулеб буго «Содействие занятости населения» абураб программа. Гьелъул тIалаб гьабулел идарабазда хъвайхъвагIай гьабун ругезул хIисаб гьабураб заманалда, 2021 соналъул 1 июлалда хIалтIи гьечIезул сияхIалда вукIана 59,6 азарго чи, гъоркьиса соналде дандеккун гьеб къадар цIикIкIана 22,3 проценталъ. ХIалтIи гьечIезул хъулухъ тIубалел идарабазде хIалтIи балагьизе 6 моцIида жанив вачIун вуго 47,1 азарго чи, гьездаса 27,4 азарго чиясе щун буго кумек.

  Гьебго заманалда, официалиял органазул баяназда рекъон, республикаялда гIуцIун буго 8270 чиясе хIалтIизе бакI.

ГIабаш ГIАБАШИЛОВ