Стратегия. Республика кин цебетIезабилеб?

 

 

 

 

 8 сентябралда МахIачхъалаялда Россиялъул тарихалъул музе­ялда тIобитIана социалиябгун экономикияб рахъалъ Дагъистан цебетIезабиялъул бицунеб конференция.

   Гьелда гIахьаллъана СКФО цебетIезабизелъун РФялъул Минэконом­развитиялда цере гIуцIарал Департаментазул директорзаби Игорь Хра­новский, Камил Бексултанов, ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликов, хIукуматалъул председатель ГIабдулпатахI ГIамирханов, батIи-батIиял идарабазул нухмалъулел ва экономистал.

Конференциялда гьоркьор лъун рукIана 2024 ва 2030 соназде щвезегIан республика цебетIезабизелъун хIадурарал Стратегиял. Меликовас абуна гьенир рихьизарурал пун­ктал тIуразаризе ккани, нилъеда рагIа-ракьанде щун нилъерго ругел ресал лъазе кколин. Гьединлъи­дал хIажат бугила гьабсагIаталда республикаялъул экономикаялъе хIакъикъияб къимат кьезе ва гьелъ­ие хIажатаб къадар гIарцул хIисаб гьабизе.

Миллияб проектал гIумруялде рахъинариялъе нилъ нахъа хутIулел ругиланги абуна Сергей Меликовас.

Гьесул рагIабазда рекъон, респу­бликаялда гIолел гьечIо гIадамазе хIалтIизе бакIал. Хасго санайилго тIаде гIолезул къадар цIикIкIунеб букIиналъги захIмалъулеб буго хIалтIи балагьизе. Гьединго бас­ралъун, жагъаллъун руго рукIа-рахъиналъул объектал, газалъулгун энергетикаялъул магIишат. Чама­лиго соназ ран рахъунарого руго гIадамазе кIвар бугел цо-цо объек­тал (гьединазул къадар ккола 1604).

Социалияб мурадалъул бакIал хIажат руго жакъа республикаялъе.

Сергей Меликовасул рахIат хве­забулеб буго шартIал гьечIолъиялъ къойидаса-къойиде гIадамал роса­балъа гочунел рукIиналъ. Гьениб рукIа-рахъин лъикIлъизабиялда тIад ургъулаго, росдал магIишаталъул кIваралъул ракьазулги миллат гьа­бизе ккун бугин абуна республика­ялъул бетIерас.

БачIунеб чанго соналда жа­ниб социалиябгун экономикияб рахъалъ республика цебехун туркIизабичIони, улкаялъул цогидал регионаздаса нахъа кколин рикIкIунеб бугоан республикаялъул бетIерас.

Гьедин ккунгутIиялъе гIезегIан ресалги рихьулел руго гьесда. Масала, гIи-боцIухъанлъи, цIолбохъанлъи, ччугIихъанлъи, ахихъанлъи, туризм ва цогидаб цебетIезаби.

   Цебеккун республикаялда къа­бул гьабун букIана 2025 соналде щвезегIан гIуцIараб гьединабго стратегия. Амма Игорь Хранов­скияс абуна гьелда чIванкъотIун тадбиразул план бихьизабун букIинчIила. Гьес рагIи кьуна гьеб конференциялда рехсарал рахъал хIисабалде росизе. Гьединго Хра­новскиясда лъикIаблъун бихьулеб бугоан нилъер гьаниб севералда­са бахъараб югалде щвезегIан ло­гистика, туризм цебетIезабиялде кIвар буссинабизе, гьединго биз­несменазе кредитал кьолелъул би­гьалъаби гьаризе.

   Камил Бексултановас би­цана нилъер республикаялда 15 объект баялда бан РФялъул хIукуматалъ кьурал тIадкъаязул хIакъалъулъ. Гьезул цо-цоял ккола МахIачхъалаялдагун Дербентал­да аскIосан рахъулел шагьранухал, ЖКХялъул объектал. РФялъул Ми­нэкономразвитиялъ гIарац бичча­леб буго МахIачхъалаялъул аэро­порталъеги.

   Гьединго кватIичIого, республи­каялъул хIукуматалъ Москваялде кагъат битIарабго, гьеб министер­ствоялъ тIасиял соназда биччазе буго Ахтиялдагун Избербашалда больницаби разеги гIарац.

    ДРялъул экономикияб цебетIеялъул рахъалъ министр Руслан ГIалиевас тIадчIей гьабуна муници­палитетал церетIезаризе ругел ре­сазда. Амма гьелъие квекIен кколеб буго шагьаразул магIишат 70 про­центалъниги басралъун букIиналъ.

   БукIаниги, федералияб даражаялда халгьабулеб буго Каспийскиялъул инфраструктура кин цебетIезабилебали. ХIисабалде босун буго гьениб 35 объект базе. Гьедин­го къабул гьабун буго МахIачхъала цебетIезабиялъул рахъалъ пачалихъияб программаги. Гьелда бихьизабун буго 2021 соналда ша­гьаралда жамгIиял бакIал къачIазе 500 млн гъурущ биччазе.

   Министрасул рагIабаздалъун, республика цебетIезабиялъул му­радалда кIвар кьезе буго ункъо шагьаралде – МахIачхъалаялде, Каспийскиялде, Дербенталде, Ха­савюрталде. Масала, Хасавюрт цебетIезабизе буго гьелда сверухъ бугеб районги гъорлъе бачун. Гье­динго цогидалги.

Дербент шагьар районгун ца­дахъ цебетIезабуни, тIолабго Юждагъалъего туркIи ккезе рес бугин рикIкIунеб буго Руслан ГIалиевас.

Гьединго тIалъиялда ракIалда буго севералдехун ругел шагьа­ралги гъорлъе рачун, Гъизляралда центрги гьабун, 11,5 азарго чиясе хIалтIизе бакI бугеб хасаб экономи­кияб зона гIуцIизе. Гьелда гъорлъе ина Гъизляр, Нугъай, Бабаюрт рай­онал, Гъизляр ва Южно-Сухокумск шагьарал.

Гьеб 2030 соналде щвезегIан гIуцIараб гьеб Стратегиялде тIадежураял гьаризе бихьизабун буго гьаб сонил 11 октябралде щвезегIан болжал.