Багьабаз «хIанчIулеб» буго

 

 

    7 сентябралда «Дагъистан» РИАялъул редакциялда тIобитIараб данделъиялда бицана республикаялда кванил цо-цо нигIматазухъ ва цогидабги къайиялъухъ багьаби хиралъулел рукIиналъул хIакъалъулъ. Гьеб кинабго щай хиралъулеб бугебали баян гьабизе рачIун рукIана ДРялъул промышленносталъулгун бича-хисиялъул рахъалъ министрасул заместитель Рашид Мурзаевги росдал магIишаталъул министрасул заместитель Эмин ШайххIасановги.  

      Данделъиялда Рашид Мурзаевас бицана кванил ниг1матазда гьоркьоса жидер министерствоялъул къайимлъиялде гъорлъе унеб жо бугин гIицIго семечкадул нахги чакаргиян. Масала, нахул цо шишаялъул гьоркьохъеб багьа ккола 110 гъурущ. ХутIанщинаб, ай ретIунеб ратIлидаса байбихьун рукъалъул къайи-цIаялде щвезегIанги нижнер халкквеялда гъоркь бук1унин абуна гьес. Масала, лъималазул ретIел. Школалде унев гIолиласул тIажу (гъоркьисалалде дандеккун) 4,5 проценталъ хиралъун буго. Амма жидеца багьабазда хадуб халкколин, журналистал г1одоре риччазарулеб гIадин к1алъана Р. Мурзаев.

 

ЯРМАРКАБАЗ ККУРАБ ДУНЯЛ

    Росдал магIишаталъул минист­расул заместитель Эмин ШайххIа­сановас абуна багьабазда хурхун ахIвал-хIал роцIинабиялъе гьабсагIат ругел ресазул цояб кколин ярмаркаби тIоритIи. 11 сентябралда Родопалъул бульваралда ярмарка тIобитIизе ракIалдаги буго гьезда. Гьединлъидал гьоркьохъабиги гIахьаллъичIого, рекъараб багьаялде нигIмат босизе рес буго щивав чиясул.

    Гьес ярмаркабазул суал борхидал, ракIалде бачIана исана 30 январалда Гумбет районалъул Гъоркьаинхо росулъ тIобитIун букIараб тадбир. Республикаялда тIоцебесеб нухалда росулъ тIобитIараб ярмарка ккола гьеб. Гъоркьаинхоб умумузул заманалдаго сверухъ ругел росабалъа чагIиги рачIунеб, кIудияб базар букIунаанин, доб гIадатги цIи гьабизе бокьун ургъараб тадбир букIанин гьабилан, цIакъ лъикIаб хIалтIи кканин разиго рукIана районалъул нухмалъулелги росдал гIадамалги.

   Хадусеб ярмаркаялде хIадурлъизе эстафета Болъихъ районалъухъеги кьун букIана доб мехалда. Гьеб суал кьуна росдал магIишаталъул министрасул заместитель Эмин ШайххIасановасе. Жал хIадурал ругин мугIрузул росабалъ тIоритIулел ярмаркабазда кверчIвазе, амма гьелъие байбихьи лъезе кколин муниципалитетазул бутIрузин абуна гьес. ГьабсагIаталда ковидалъ ахIвал-хIал дагьаб хIалуцинабун бугелъул, унтиги нахъе къараб, халкъги рукIалиде бачIараб мехалда тIаделъилин гьеб ишалдеян абуна министрасул заместителас.

    МахIачхъалаялъул №2 базаралда гьан бичулезда гьоркьор ругел «мафиячагIазе» гIадлу кида гьабизе бугебин суал кьуна «Илчи» газеталъул хIалтIухъанас. Радал хехго учузаб багьаялде гьениса гьан босизе аразе, цо хасал чагIи рачIинчIого гьеб бичуларин абуна гьес. Гьел «чагIаз» гьениса босараб гьан, тIаде жеги багьаги лъун, бичула тукабахъ. Амма Эмин ШайххIасановас жаваб кьуна жив божуларин №2 базаралда гьедин, цоцалъги рекъон, багьабазулъ макру гьабулел чагIи ругин абураб жоялда.

ГЬАН БИЧУЛЕЗУЛ КЬЕРДА ЧIАГОЛЪИ БУГО

    МахIачхъалаялъул №2 базаралде щвана дунгоги. Ургъунго, бриффинг байбихьилалде ун вукIана гьениве, багьабазул хал-шал гьабизе. ГIемерисеб нигIмат хиралъун буго. Картошка, ламадур, охцер, гьан, нису-нах, хIан, гьоцIо, пурчIинадул гьабураб хьон, гIанкIуял, ханал. ГIемераб жоялде берщвана, ричарухъабазулгун гара-чIвари гьабуна.

   ХIайваналъул гьан бичулев Мокъсоса Хучбар ХIусеновас бицана 350 гъурщиде букIараб гьан хиралъанин 50 гъурущалъ.

  — Босулел чагIи нижедаса рази гьечIо, ургъунго нижеца багьа бахинабураб гIадин. Нижеда бугеб гIайиб щиб, оптовиказ гьабураб хIалтIи буго гьеб, — ан абуна гьес.

— ХIайваналъул гьаналищ багьа бахун бугеб яги гIиялъажалазулгийищ?

   — АбизегIанасеб батIалъиго гьечIо. ГIицIго 20 гъурущалъ учузго батила гIиял гьан. 370 гъурщиде кило бугел бакIалги руго. Дица 400 гъурщиде бичула. БичичIого щиб гьабилеб, къоялъ гьанир рахъунги чIун хайир щвезе ккеларищ?

   Гьебго такрар гьабуна цогидал ричарухъабазги.

 ПОМИДОР 1000 ГЪУРЩИДЕ

   Йичарухъан Саратица бицана помидор, охцер, ламадур хиралъанин гьаб ахираб анкьалда жаниб.

  — 90 гъурщиде букIараб помидоралъул оптовияб багьа жакъа 150 гъурщидаса гъоркье гьечIо. Бищун учузаб тайпаялъул, багIараб помидоралъул цо ящик 500 гъурщидеги щолаан дагьаб цебегIан. Гьанже 900-1000 гъурщиде бахун буго. Консервал къалеб, помидор-охцер цIамулъелъе балеб, хасалоде нахърател гьабулеб заман буго гьаб. Кин босилеб гIадатияб халкъалъ 1000 гъур- щиде помидоралъул ящик? Амма нижецаги щиб гьабилеб? Гъурщил хайир щвезе гурищ нижги рогьаралдаса рукIкIинегIан гьанир ругел? — ин абуна гьелъ.

ЖЕГИГИ ХИРАЛЪИЛАДАЙ?

    ХIан бичулей ятарай пуланай магIарулалъ гьадин бицана:

   — 320 гъурщидаса гъоркье гьечIо хIанил килограмм. 400-500-700 гъурщидеги буго гьеб. Гъизляралъул хIан босула бищун гIемер. Гьебги хиралъана. 250 гъурщиде букIана цебе. ГIиял хIанги буго дихъ, гьале – 1700 гъурщиде кило. 2000 гъурщиде бугеб мехги букIана. Хадуб 1000 гъурщиде ккана ва нахъеги 700 гъурущалъ хиралъана. Жеги хиралъизе батилинги ккола. ГьабсагIат рахь къанагIалъун буго, хIан гIемер бахъулеб гьечIо, нижехъе бачIунеб гьелъул къадарги дагьаб буго. Хиралъулеб буго кинабго жо. Нижеда гIайиб гьечIо. ГIадамаздаги гьечIо гIайиб, лъикIалъикIал харжал ругел чагIи къанагIат гурони гьечIелъул шагьаралда. ГIайибияв чиги ватулев гьечIо.

   Гьедин буго жакъа МахIачхъалаялъул №2 базаралда багьабазда сверухъ иш. Советияб заманалда тахшагьаралъул халкъ кванил нигIматазда хадур унеб, ссиялда бугеб базар букIана гьеб. Жакъаги унел руго гIадамал гьенире добго хьулгун, ай учузаб багьаялде щвелародаян. Амма багьабаз «хIанчIулеб» буго…

 Ашахан ЮСУПОВ