Багьабазда хадур гъолел гьечIо

 

    Ахирал моцIазда Дагъистаналда рукъалъе хIажатаб къайиялъул, ххамил, дарабазул, хасго росдал магIишаталъул нигIматазул багьаби битIахъе «зодоре анин» абизе бегьула. Гьелда бан гIадамазул гIарзалги руго кванил нигIматал росизе гIарац гIолеб гьечIин абун.

Масала, 67 сон барай АхIмадова ГIайшатица бицана 13 азарго гъурущ гурони моцIрое бачIунарей жий хIинкъулей йигила тукаде, базаралде ине. Каспийскиялдаса учитель Мирзоев ГIарипица абуна, хъизамалъул цо жив вугила харж бачIунев чи. 38 соналъ школалда хIалтIулев жин- дир 17 азарго гъурущ гурони харжги гьечIила. Кинила жинца лъабго лъимер бугеб хъизам кваназабилеб?

   МахIачхъалаялъул №2 базаралда йигей йичарухъан ГIарипова Алжанатица абуна: «Багьаби рахиналъул гIайиб киназго нижеда чIвала. Нижеца пихъ-мичI босула оптовиял базабаздаса, кванил нигIматазухъ багьаби гьенирги цIикIкIинарула. Базаялдаса росарал нигIматазде тIаде рехараб 10-15 процент буго нижее щолеб хайир. Гьелда тIасаги щибаб моцIалъ кьезе ккола базархIакъ – 7-9 азарго гъурущ», — ан.

    Базаралъул администрациялъул хIалтIухъан Ибрагьимов Мусаца бицана: «Гьанир ричулел нигIматазул 30 процент гурони Дагъистаналда гIезабураб кколаро. ХутIараб, ай овощалгун пихъ, бачIуна Россиялъул регионаздаса, ламадур — Азербайжаналдаса, ражи — ГIизраилалдаса, помидор — Турциялдаса, пер — Ираналдаса… Кванил нигIматал хиралъи- ялъе бугеб аслияб гIилла ккола гьел улкабаздаги багьаби рахун рукIин. Масала, цебе ламадуралъул багьа букIана 40 гъурущ, жакъа буго 100 гъурущ, картошкаялъул – 25 (65), ражидул – 90 (150) гъурущ. Ветеринарияб инспекциялъ хIасилияб хIукму гьабураб мугьру чIвазе гьечIин ричарухъаби хIинкъизарун, гIиял гьанал багьа чIезабуна 400 гъурщида, гIанкIудал – 250 гъурщида. Чадил бизнесалда ругел чагIазул гIарз буго жидее щолеб хайир дагьлъун бугилан. Гьединлъидал кватIичIого чадил багьаги цIикIкIина», — ян.

    Республикаялда кванил нигIматазул багьаби цIикIкIиналъе ккарал гIиллабазе баян кьолаго, гьадин бицана ДРялъул росдал магIишаталъул министрасул заместитель ХирамухIамад МуртазагIалиевас:

    — Нижер министерствоялъ базаразда ва тукабазда зама-заманалда тIоритIула кванил нигIматазул ба- гьабазул цIех-рехал, хIисаб гьабу­ла гьелъие ккарал гIиллабазул. Гьеб баян кьола ДРялъул хIукуматалде. Хасаб кIвар кьола нигIматал гIезару­лел чагIазул багьабазде. ТIадчIей гьабула республикаялда «борщалъул наборалъе» къваригIунел овощал чIезариялде. КъватIиса росарал ва гьанирго гIезарурал нигIматазул хIисаб гьабун, жакъа республикаялда буго чанго моцIалъе гIураб пихъил ва овощазул нахърател. ЦохIо сезоналъулаб заманалда гурони, гIураб къадаралда цIиял овощаздалъун ва картошкаялдалъун республика хьезабун бажаруларо, хадур гьел росула цогидал регионаздаса.

    Багьаби цIикIкIиналъе аслиял гIиллабилъун ккана: сезоналде балагьун, багьа хисарди; 2020 соналда Россиялда бачIиналъул нахърател дагьлъи ва гьелдалъун Россиялъул регионаздаса гьел дагьал гурони щвечIолъи.

   Аслияб куцалда, сезон гуреб заманалда республикаялде овощал рачIуна Волгоград, Астрахань, Тула, Брянск областаздаса, гьединго Египет, Азербайжан ва Иран пачалихъаздаса.

    Республикаялда картошка, чIакIултIан ва ламадур гIезабулеб аслияб оптовик ккола ООО «Агропрайм». ТIаде гIунтIулел руго гьелъул овощал, гьаб моцIрол ахиралде ахIвал-хIал лъикIлъизе ккола. Жакъа томатазул цо килоялъухъ ахIулеб буго 80 гъурущ, охцеразухъ – 35 гъурущ. Июналъул авалалде дандеккун, учузлъана гьел.

   2021 соналъул марталъул ава- лалда гIиял гьанал килоялъул ба- гьа 420-440 гъурщиде бахиналъе гIилла букIана кваназе жоялъул ва могьол багьаби рахин, хасало гIицIцIани хьихьиялда дандчIварал захIмалъаби, батIиял регионаздаса босулеб гьанал къадар дагьлъи.

   Мисалалъе, исана хасало кьаралъизе хьихьун букIана гIиял 142 азарго бетIер, гъоркьиса букIана 250 азарго бетIер. Жакъа гIиял гьанал килоялъул оптовияб къагIидаялъ бичулеб багьа буго 360 гъурущ, гIисинккун бичулелъул – 420-450 гъурущ.

   Араб соналде дандеккун, 2021 соналъул марталда саламатго цIикIкIана гIанкIудал гьанал багьа, 2020 соналъул декабралдасаго цIикIкIине байбихьана ханазул багьа. Гьелъие бугеб гIилла ккола гIей гьечIеб къадаралда кваназе жо, гьеб къватIиса босизе кколеб букIин. Жакъа ханазул багьа лъалаго гIодобе ккун буго.

   2020 соналда республикаялда гIезабун буго гIанкIудал гьанал 50 азарго тонна ва 243 млн гIанкIудал хоно. Гьеб ккола республикаялъе лъагIалие къваригIунеб гIанкIудал гьанал 55-56 ва ханазул 30 процент. Бройлеразул хутIараб процент республикаялъул базаралде бачIуна Ставрополь ва Краснодар краяздаса, Ростов ва Москва областаздаса, гIанкIудал ханал – Свердловск областалдаса, Чачаналдаса, Краснодар ва Ставрополь краяздаса.

    ГIанкIуял гIезари цебетIезабиялъе кIудияб квалквал буго кваназе жоялъул мукъсанаб база букIин ва гьелъул багьа цIикIкIин. Ахираб лъабго соналда жаниб кIиго нухалъ цIикIкIана могьол багьа, 2020 соналъул октябралдаса нахъе 21,4 проценталъ, гьелъ бахинабуна ханазул багьа.

   Багьаби гIодоре ккезариялъе ругел ресазул бицунаго, МуртазагIалиевас абуна, росдал магIишаталъул ярмаркаби тIоритIиялъ гьел цо хIалалда чIезариялъе квербакъулилан.

      ДРялъул Росдал магIишаталъул ва Дармил министерствабаз, МахIачхъалаялъул администрациягун цадахъ лъугьун, щибаб шамат къоялъ тахшагьаралъул лъабго майданалда гIуцIун буго нигIматазул «придомовый» даран-базар.

 

БАЯНАЛЪУЛ БАКIАЛДА

    «ГIи-боцIи гIезабе, ахихъанлъи тIегьазабе» абун, гьава-бакъалъул лъикIал шартIалги кьун, Аллагьас кIодо гьабураб Дагъистаналда гьа- налги, пихъилги, овощазулги зодоре рахарал багьаби рукIин буго рогьояб иш. Ахихъанлъи гIатIид гьабиялъе, гIи-боцIухъанлъи ва теплицалъул магIишатал церетIезариялъул мурадалда, республикаялъул хIукуматалъ щибаб соналъ рахъула чIахIиял ва «гIакъилал» планал. Чанго сон унеб буго пихъ ва овощал цIунулел бакIал раялъул бицунаго, амма жеги «Муса добго хурив вуго». Росдал магIишаталъул статистикиял тарихал руго, «Жакъа Дагъистаналда буго щуго миллионгун щунусазарго гIи-цIцIани ва микьнусазарго чIегIерхIайван» абун, цо лъицаялиго мокърокьа росун хъварал гIадал баянал. Рес буго Дагъистаналъул ракьалда гIезабураб пихъица ва овощаз бащдаб Россия хьезабизе. ХIукуматалъул даражаялда кванил нигIматазул багьаби цого бакIалда чIезарийин абуни ккола заманалъулаб тадбир. Дагъистаниязул столазда тIад тIубараб лъагIалица нилъерго цIиял овощалги пихъги букIиналъе чара гьечIеблъун ккола ахал гIатIид гьари, теплицабазда овощал гIезари ва гIураб къадаралда овощал цIунулел бакIал рай. Гьелъ квербакъилаан консервабазул промышленность цебетIезабиялъе ва гIадамазе хIалтIи букIинабиялъе.

 

 Нури НУРИЕВ