«Шагьаралда рукъ гьечIони, цониги банкалъ кьолеб гьечIо кредит»

      Гьал къоязда Дагъистаналъул нухмалъулев Сергей Меликовасухъе Хунзахъ районалъул Харахьи участокалдаса гIадамаз кагъат хъвана гьеб росулъ бугеб консервазул заводалъе кумек гьабеян.   

    Сверухъ бугеб 17 росулъа гIадамалги хIалтIун, санайилго лъабго миллион банка биччалеб букIараб заводалда советияб заманалдаса нахъе жеги цIунун хутIун бугин къайи-цIа, амма букIине кколедухъ хIалтIи гIуцIизе ккани, цIорол цIарагI босизеги заводалъул мина къачIазеги рес рекъолеб гьечIин хъвалеб буго гьез. Гъоркьлъалие лъезе шагьаралда рукъ гьечIони, цониги банкалъ кьолеб гьечIо заводалъе кредитги.

    Ахираб 12 соналъ тIубанго рехун тун букIараб завод хIалтIизабизе ракIалде ккана Харахьиса ГъазимухIамад Жамалудиновасда. ГIезегIан соназ цебего рагьараб живго бетIергьанаб консервазул цех букIаниги, берда бихьулаго магIишат тIатIала ккезе теларилан тIаде босун буго гьес заводги.

    Харахьи заводалда хIалтIизе ГъазимухIамадица байбихьана 4 классалда цIалулеб заманалдаго. Росдал магIишаталъул институталда цIалиги рехун тун, Орджоникидзеялда металлургиялъул заводалде хIалтIизе лъугьана ГъазимухIамад. Гьеб мехалда гьев вищана шагьаралъул советалъул депутатлъунги, щвана мустахIикъав рационализатор абураб цIарги. Гьелдаса хадув гьев витIана Москваялде, чармилги махх бииналъул институталда цIализе. Амма гьениб щвараб лъаялда рекъон хIалтIизе ресги ккечIого, ГъазимухIамад, хъизан-рукъги гьабун, кватIичIого росулъе тIад вуссана. Цинги босун ракьул 120 гектаргун, гьениб 1400 гъветIги чIун, гIезабуна ТIеккитIа абураб бакIалда ах. Гьелдасан байбихьана лимонадалгун сокал гьаризеги.

 

 

    — ГъазимухIамад, биххун тIатIала ккезехъин бугеб завод хIалтIизабизе лъугьиналдасаги, кьучIдасанго цIияб завод базе бигьа букIунарищ?

      — Дунго бетIергьанаб цехги буго дир, цебегIанго рагьараб. Гьединлъидал гьелдаго цадахъ гьаб цояб заводги хIалтIизабизе ракIалде ккана. Гьелде щвезегIан росуцояс хIалтIизабулебги букIун, 12 соналъ рехун тараб завод ккола гьеб. ГIезегIан харжалги гьаризе ккана завод дагьабниги рукIалиде бачIинабизе -токалъул кварал, кранал, рогIрал хисана, жагъаллъарал мокърукьбакIал, къадал къачIана, лъуна микьнусазарго гъурщил багьаял закаткаби, кьер хисизе биччачIого томаталъул паста, повидло гьабулел, вакуумалъул насосалги ругел, цIиял хьагал.

    Заводалда жеги цIунун хутIун буго советияб заманалдаго лъураб цо-цо къайи-цIаги. Масала, кIудиял хьагал, гIеч къан цIцIулеб алат (пресс) -расниги чакарги лъимги гъорлъе жубачIого, гIечул жиндирго сок гьабула гьелъ. Гьединаб пресс Харахьи заводалда гурони хIалтIизабулеб гьечIо гьабсагIаталда. Гьелъул къуват борцуна 250 атмосфералдалъун. Сокги цIцIун нахъе хутIараб гIечул хъалги, гагаги, гIоркьалги тIенцIи гIадин бекун бачIуна ахиралда.

     Гьеб прессалдасан биччараб гIечул сокалъул кутакалда къимат букIана доб мехалда. Хасго гьамщадерил гениги гьоркьобе ккани, цIакъго тIагIамаб лъугьунеб букIун буго гьеб.

    Белалъ прессалда жанибе гIеч балев вукIарав дир вацгIалас бицана 10-15 батIияб ахикьа бакIарараб гIечул 28 сорт рикIкIанила жинца цо къоялъ. Гьелгощинал нигIматал журараб сок кинаб букIун батилебали хIисаб гьабеха дуцаго. Гьединлъидал цогидал соказдаса хириябги букIуна гьеб. Лъабго литр унеб баллон гьединаб сокалъул гьабизе гIечул щугоялдаса цIикIкIун кило къваригIуна. Рокъоб бугеб цехалдаги заводалдаги биччала 20 батIияб къайи (продукция). Масала, чанго батIиял пихъазул компотал, сокал, томатазул консервал, лимонад, тушёнка, хIайваналъул, гIанкIудал гьан гъорлъ бугел пиринчIалъул, гречкадул карщал, багIаргьоло ва цогидаб.

    Гьел карщалги тIаде дагьаб лъим тIурабго саламатаб чурпа лъугьунеб белъараб багIаргьологи гIемер босула рокъоб хъизан гьечIел чагIаз яги нухал рахъулел, лъинал рачунел бакIазда хIалтIулел гIадамаз, хъил тIолеб заводалъ. Жидерго гьанал тушёнка къазе бокьарал чагIиги рачIуна нижехъе. Цо хIайваналъул гьан цо къоялда жаниб къала. Аслияб куцалда гIадамаз росула куракул сокал. Гьединлъидал нижецаги гIемерисеб мехалда гьел къала. Гьебги кутакалда даруябин рикIкIунеб гIалхул курак букIуна гIемерисеб. Харахьи цере цIакъго гIемер рукIунаан гьелъул гъутIби. Гьанжени хадуб хъулухъги гьабичIого, жанисан гьодорлъун, холелги руго гьел. Гьелги гIемерисел дорасаго росун ун, лъугIана. Ниж гьел ричизе къватIирего ине кколаро. ЦоцIул гьел соказул хIалбихьарал чагIи на- хъойги рачIуна гьезда хадур. Росдал гIадамазги росула.

     Нилъерго гьаниб бижараб бацIцIадаб пихъил гьарурал гьел сокал хира ругилан ракIалде ккезе бегьула цо-цоязда, хасго тукабазда ричулел, пачкабазухъе тIурал соказда дандеккун. КъватIисеб улкаялдаса бачIунеб порошокалъул кIиго килоялъул гьабулеб буго лъабго литр жанибе унеб 220 баллон сокалъул. Унго-унгояб пихъил гьабураб сокалъул тIинда тIокIкIел чIола, порошокалъулалда гьеб чIоларо.

    ПалхIасил, заводалъул кинабго хIалтIи дидаго тIадеги ккун, дагьаб захIмалъулебги буго дие. Гьединлъидал продукция бича-хисиялъул иш тIаде босулев, менеджер гIадав чи къваригIун вуго.

   ГьабсагIаталда гьединав чи гьечIониги, талихIалъ, бегун жоги хутIуларо нижер заводалда: цо къадар бичула, цогидаб кьола продукция (пихъ яги цIарагI) босун рачIарал гIадамазе.

    Къойида жаниб 20 азарго банка къазе рес буго. Амма гьелъие къваригIуна цIарагIги, гIарацги, цогидабги.

   — Хунзахъ ругел гIорхъаби цIунулезе бичизе бегьуларищ нужеца гьеб къайи?

     — Гьезул жидерго рукIуна гьединал нигIматал росулел бакIал. Масала, гьеб ишалъе тендер бергьарал чагIи ругони, гьез кьола нижее заказал.

  — Заводалде пихъ киса бачIунеб?

  — Сверухъ ругел росабалъа-Харахьиса, Гьамущи-Мущулиса, ГIоротIаса, Коло-Хьиндахъа, Хунзахъа, БакьайчIиса. Пихъ босизе бугин лъазабурабго, мотоциклазда, машинабазда рачIун заводалъул кIалтIа чIола гIадамал. Дица гIечул кило 10, куракул -15 гъурщиде босула.

    Амма кьезе бакI гьечIолъиялъ пихъил аза-азар тонна холебги буго гIадамазул, боцIуца квананги, гIодоб лъун хутIунги.

    — Нуж гьеб къазе хадур гъоларогойищ рукIунел?

       — Нижни хадур гъелаан, амма гьеб жанибе буссинабизе тара гьечIо. Масала, цо къоялда жаниб нижеда кIола гIечул 20 тоннаги къазе. Амма баллонал росизе гIарац гIолеб гьечIо. Гьединлъидал гъоркьисала нижехъа щуазарго баллон гурони къазе бажаричIо. АнцI-анцI гъурщиде гIадамазухъаги росула нижеца гьел. Шушбиги росизе бегьилаан, амма цоккураб тайпаялъул рукIунаро гьел, кIикъоялда анцIго батIиял рукIуна.

    — Мун гIадал чагIазе кумек гьабулел идараби ругогурищ? Масала, бигьалъаби гьарун, пача- лихъалъ кредит кьолеб къагIида. Гьелда хадув лъугьинчIищ мун?

    — Дун свакана гьелда хадув лъугьун. АнцIго сон батила дица гьелъул тIалаб гьабулеб бугелдаса. Масала, цо машгьурав чияс жамагIаталда цебе рагIи кьун букIана дие жинца тIалаб гьабилин гIарацилан. Гьедин дун ункъо моцIалъ векерахъдана документал хIадуризе. Нусиялда хадуб документ бакIарун бахъиндал, дида абуна шагьаралда бугеб мал-мулк (залоговое имущество) гъоркьлъалие лъезе кколилан. Масала, шагьаралда квартира бугищин дур. Гьединаб квартира букIарабани, лъиданиги гьардечIого, гьебги бичун хIалтIизабилароанищ дицаго завод?

    Буго гIарац 13 проценталъул бакIалда нижехъа гIицIго щуго процентги гъоркьккун пачалихъалъ биччалебги. Гьелда гьоркьоса микьго процент Росдал магIишаталъул министерствоялъ бецIулеб къагIида ккола гьеб. Амма гьелъиеги гьадабго шартI чIезабулеб буго -шагьаралда бугеб квартира гъоркьлъалие бихьизаби. Щаялиго росулъ бугеб мина яги завод данде кколеб гьечIо гьелъие (гьезул багьа учузаб букIиналъгIаги батилаха).

    Зульфия ХIАЖИЕВА

   ХАДУРАГIИ

     ГъазимухIамадие щвезе бегьулеб кумек цIехезе нижеца бухьен гьабуна кIиго чиясулгун — росдал магIишаталъул рахъалъ Хунзахъ районалъул администрациялда цебе гIуцIараб управления­лъул начальник МухIамад ГIалиевасулгун, гьединго ДРялъул росдал магIишаталъул ва продовольствиялъул министрасул заместитель Эмин ШайххIасановасулгун. МухIамад ГIалиевас баян гьабуна консервазул заводалъеги гьелда релълъарал цогидал объектазеги гIарац районалъул бюджеталда лъоларила:

    «Гьеб гIарац букIине бегьула республикаялъул Росдал магIишаталъул ва продовольствиялъул министерствоялда. Гьенибги санайилго хисула кумек гьабиялъул къагIида. Дихъе вачIани, дица бичIчIизабила ГъазимухIамадида гьеб. Амма гьесухъги рукIине кколаха жидеца хIадурулеб продукциялъул хIакъалъулъ статуправлениялдеги министерствоялдеги кьолел мухIканал отчётал», — ан бицана М. ГIалиевас.

     Гьединго росдал магIишаталъул ва продовольствиялъул министрасул заместитель Эмин ШайххIасановасулги рагIи кьуна ГъазимухIамадгун цадахъ гIодорги чIун, гьесул завод хIалтIизабиялъе ругел нухазда тIад ургъизе. Амма заводалъул рахъалдасанги букIине кколин пачалихъалда бихьизабизе материалин абуна заместителасги (бизнес-план яги гьеб министерствоялъ лъазабураб конкурсалда рекъ- он кьолеб гранталъе хъвараб план).

     «Масала, росулъ росдал магIишаталда хIалтIулев чияс трактор босани, нижеца гьесие тIад буссинабула гьелъухъ араб гIарцул бащадаб къадар. Амма балагьизе кколаха, кинаб категориялда гъорлъе щив уневали. Нижер министерствоялъул сайталда мухIканго хъван буго гьелъул хIакъалъулъ. ГъазимухIамадида абе дун хIадур вугин бокьараб мехалда живгун кIалъазе, кье гьесухъе дир телефонги», — ян жаваб кьуна Эмин ШайххIасановас.