Океаналъул гьулчи ва гьабил сас

Дунялалъул тIолалго пачалихъазда гьарулел нигIматал ратула нилъер тукабаздаги базараздаги. Амма нилъер гьаниса къватIибе щиб ва кибе унеб? Гьеб суалалъул цо бутIа мухIканго лъала Дагъистана-лъул экспортеразул ассоциациялъул нухмалъулев, Шамил района-лъул ГIуриб росулъа ХIамзатов Арслан-ГIалида. Гьесулгун буго нижер жакъасеб гара-чIвариги.

 

— Арслан-ГIали, ассоциациялъул аслияб хIалтIи щиб, щал гьелда гьоркьоре унел?
— Дагъистаналда гIезегIан руго тIадегIанаб даражаялъул, лъикIаб тIалаб бугеб къайи къватIибе биччалел, гьеб къватIисел пачалихъазде битIулел предприятиялгун предпринимателал. Цогидалго гIадин, гьелги дандчIвала батIи-батIияб тайпаялъул масъалабигун. Гьел дандрай, масъалаби тIураялъе нухал ралагьи мурадалда, гъоркьиса ноябралда нижеца гIуцIана рехсараб ассоциацияги. Гьелъул аслияб хIалтIи ккола къватIисел пачалихъазде къайи-цIа, гIезарурал нигIматал ричулезе (экспортерал) кумек гьаби ва гьединал ресал ругел, амма жеги гьеб рахъалъ хIалбихьи гьечIезе квербакъи, малъа-хъвай гьаби. ГьабсагIаталда гьелда гьоркьове уна 50-60 экспортер, амма нижергун бухьеналда вуго 100-гIанасев чи. Ва гьеб свери гIатIилъулебги буго.
Нилъехъа къватIибе унеб къайиялда гьоркьоб цIикIкIараб бакI ккола Тюбеялда бугеб цIер гьабулеб заводалъул продукциялъ. Гьеб бичула гIемерал пачалихъазе, Доминикана Республикаялде гIунтIун.
Гьелда хадур руго росдал магIишаталъул ва рацIцIадал, химия гьоркьор гьечIел, кванил нигIматал. Мисалалъе, нилъер гIиял гьан уна Ираналде, ГIарабазул Цолъарал Эмиратазде, СагIудиязул Къираллъиялде, Италиялде. ТIалаб буго урбаялъул, тIабигIиял лъиназул ва соказул.
Нилъер гьанир руго теплицаби раялъул ва хIалтIизариялъул цIакъго церетIурал технологиял ругел компаниял. Байбихьудаса лъугIизегIанги ран, гьез гьел хIалтIизе риччала гIемерал пачалихъазда – Узбекистаналда, гIарабазул улкабазда.
Теплицабазда тIад кколеб, цIакъго тIадегIанаб даражаялъул пленка битIула Азербайжаналде, Мексикаялде, Испаниялде.

— Гьеб хIалтIулъ пачалихъалъул идарабазул рахъалдасан кумекго щолищ?
— Ниж руго лъидаго рачIел эркенал предпринимателал. ХIакъаб жо, нижеца пайда босула, хIалтIизарула предпринимателазе кумекалъе ругел федералиял ва республикаялъул
батIи-батIиял программабаздаса. Гьеб рахъалъ хIакъикъияб, лъалеб кумек, хасго ахираб заманалда буго предпринимательствоялъул ва инвестициязул агентствоялда цебе бугеб РЭЦалъул (Россиялъул экспорталъулаб центр).
Экономикаялъул ва Промышленносталъул, гун дармил министерствабаздаги руго кумекалъе ратулел хIалтIухъаби. Амма, аслияб куцалда, пачалихъалъул идарабазул ра-хъалдасан гьабин абизе гIураб кумек щолин абизе рес гьечIо. Гьезда предпринимателазул ахIи рагIуларо, гьезухъ гIенеккуларо. БатIи-батIиял данделъабазда нижеца масъалаби загьир гьаридал, «уйилан» абула ва гьелдалъун ишги къокълъула.

— Мисалалъе, пуланав предпринимателасе бокьани жидерго продукция къватIисел пачалихъазде битIизе, гьес сундасан байбихьизе кколеб?
— ГIемерал предпринимателал чIун хутIула хIажатал баянал гIоларого, жинца гьабизе кколеб лъаларого букIиналъ. ХIакъикъаталдайин абуни, гьеб абизегIанасеб захIматаб масъала гуро, гьелъие буго жиндирго хIалтIун ругьунаб нух. Гьесие бокьун хадуб кинабго бегьула гIуцIизе (берцинго къачIараб продукция, ингилис мацIалда сайт, бизнес-миссия, выставкабазда гIахьаллъи. ГIемерисеб чIобогоги букIуна). Нижергун бухьен гьабун хадуб (дир инстаграм Arslan_Ali I988, электронияб адрес — Arslan-Ali@mail.ru), кинабго малъила, бихьизабила, гьабила кумек.

— Пачалихъазул гьоркьоблъиялъул, таможниялъул ва цогидалги суалаз захIмалъизабуларищ хIалтIи?
— Добаса гьанибе къайи-цIа баччулаго (импорт) камуларо суалал. Гьаниса добе баччулаго гьел гIемер гьечIо. Цого-цо масъала буго НДС тIад буссинаби (мисалалъе, дуца къватIисел пачалихъазе бичун батани 100 гъурщил багьаяб къайи, тIадаб буго дуе 20 гъурущ тIад буссинабизе). Гьеб суалалъулъ камуларо налогазул идарабаз гьарулел квекIенал.

— Бокьараб багьанаги бачун, къватIибе битIараб къайиялъухъ гIарац кьеларин чIани доба гьеб босарав бизнесчи, щиб гьабизе кколеб ва кIолеб?
— Гьеб заманалда хIалтIизе байбихьула пачалихъазул гьоркьорлъабазул тIадеросиял. Буго «Венская конвенция», руго пачалихъазда гьоркьосел къотIи-къаял. Гьезул тIалабазда ва бизнесчагIазда гьоркьор хъварал контрактазда ре-
къон, пачалихъалъул идарабаз бизнесчи тIамула тIадеросиял тIуразаризе. Гьеб хIалалда, киналго юридикиял къануналги цIунун, рекъезарула масъалаби.

— ГIемер бицунел санкцияз, «гьаваялде» багьа бахараб долларгун евроялъ кинаб асар гьабулеб экспорталъе?
— Сундулго буго кIиго рахъ – захIмалъиялда цадахъ камуларо бигьалъиги. Санкциязги нилъ тIамула нилъерго производствоялда тIад хIалтIизе, цIиял къагIидаби, церетIурал технологиял ургъизе. Доллар эхеде бахараб гьаб заманги буго экспортеразе цIакъго санагIатаб мех – дол пачалихъазда нилъер къайи-цIа босулезе гьеб чIола гIемерго рекъараб багьаялде. Гьедин бугебгIан заманалда нилъеда тIадаб буго лъугьун бугеб хIалалдаса пайда босизе, жигараб куцалда гьеб хIалтIуда гьоркьоре лъугьине.

— Кинаб къимат дуца кьолеб араб лъагIалида жаниб нужер ассоциациялъ гьабураб хIалтIуе ва хадубккун щиб гьабизе ракIалда бугеб?
— Къокъабго заманалда жаниб нижеда кIвана гIезегIан кIудияб хIалтIи гьабизе. Щвана таманал пачалихъазде (Иран, Азербайжан, Казахстан ва гь. ц), гьаруна гIемерал къотIи-къаял. Амма гьабизесеб жеги цIикIкIун буго.
ГIагараб заманалда ниж ине руго СШАялде, гьелъие цебеккунго къабул гьабураб къотIи-къайги буго. Дора ниж дандчIвазе балагьун чIарал гIадамалги руго.
Дагьаб цебе нижеца добе битIана Гъизилюрталда бугеб «Дагдизайн» компаниялъ магIарухъа ганчIил гьабураб 6 гьобо, хадубккун жеги 10-ялъе заказги буго. Сапар гьабизе буго Испаниялде. Гьезулги гъира буго теплицабазда хурхарал нилъер технологияздехун. Нилъ кутакалда церетIезе ккола, гье-лъие гьабсагIаталда руго киналго шартIалги. Мисалалъе, кибго лъала Италиялъул ретIел-хьит, мебель. Гьебго даражаялде рахине нилъее камураб жо щиб бугеб? Щибго гьечIо. Лъалареб лъазабун, кIолареб кIвезабун, нилъедаго тIад хIалтIун нилъги рахине ккола борхалъиялде.