Дида ГIарипов МухIамад рагIун гурони, вихьун лъалев чи вукIинчIо. Амма 35 соналъ гьес нухмалъи гьабураб кIагьадерил консервал гьарулеб заводалъул хIакъалъулъ рагIичIев чи республикаялдаго къанагIатги ватиларо.…
Гьал къоязда Дагъистаналъул нухмалъулев Сергей Меликовасухъе Хунзахъ районалъул Харахьи участокалдаса гIадамаз кагъат хъвана гьеб росулъ бугеб консервазул заводалъе кумек гьабеян. Сверухъ бугеб 17 росулъа гIадамалги…
Дунялалъул тIолалго пачалихъазда гьарулел нигIматал ратула нилъер тукабаздаги базараздаги. Амма нилъер гьаниса къватIибе щиб ва кибе унеб? Гьеб суалалъул цо бутIа мухIканго лъала Дагъистана-лъул экспортеразул…
Исана лъагIалил ахиралде щвезегIан 35000 чи хIалтIудалъун хьезавизе вугин бицана дагьал церегIан къоязда республикаялъул нухмалъиялъ тIобитIараб данделъиялда ДРялъул экономикаялъул ва бакIалъулаб цебетIеялъул министр ХIажи Султановас.…
Дагьал церегIан къоязда «Дагъистаналъул правда» газеталда тIобитIараб данделъиялда борхараб аслияб суал букIана «Камиялги дагь гьарун, энергиялъулаб гуч нахъе цIуни» абураб. Гьелъул бицине данделъиялда гIахьаллъи гьабизе…
Нилъер гьаниб гIадатлъун лъугьун буго, жидерго хIалтIи гьабулаго пачалихъалъул идарабазул рахъалдасан квалквал гурони кумек щвей щакаб жо бугин абураб пикру. Амма руго цогидал мисалалги. Масала,…
Коронавирусалъ рещтIинабураб кIудияб балагьалъулгIан гIемер бицунеб суал гьечIо гьал ахирал моцIазда. Гьелъул «рагIадалда» гъоркье ккечIеб бутIаго хутIун батиларо нилъер гIумру-магIишаталъул. Нилъер экономикаялъе гьелъ гьабураб асаралъул…
МахIачхъалаялда бугеб бизнесчагIазул ассоциациялда гьоркьове уна анлънусгоялдасаги цIикIкIун чи. Гьезул цояв ккола Шамил районалъул Ракьуб росулъа ГIали ХIасановги. Гьес лъугIизабуна ДГУялъул советияб дармилаб факультет, хIалтIана…
МагIданазул ва тIабигIиял сурсатазул рахъалъ Россия дунялалда тIад бищун бечедаб пачалихъ бугин абула. Гьезда гьоркьоб кIвар бугеб бакI ккола нартицагун тIабигIияб газалъ. 2019 соналда Россиялда…