Лъималазе асарал

ЦIунцIра

 

БачIунеб буго цIунцIра,
ЦIан хадуб харил сумгун,
ЦIунцIрабазул гохIде гьеб
Бихьула бахун унеб:
— ЦIунцIра, цIунцIра,
Сваканищ?
ЦIунцIра, цIунцIра,
Бакъанищ?
Бакъги багIарун бугин,
РагIадги бихьуларин.
— Дун гарцI гуро – сваказе,
КIанцI-кIанцI гуро – бакъизе,
Михъал кьурун хIалтIулеб,
ХIалчIахъад, цIунцIра буго.