Музыкант

Херав чанахъан, гохIда гIодовги чIун, чагъана хъвалев вукIана. Гьесие цIакъ бокьулаан музыка. Бакънал жинцаго ургъизеги гъира букIунаан гьесул. Амма бажарулеб букIинчIо. Гьенисан унев цо лъалев колхозчияс гьесда абуна:

— Чагъанаги гIодоб лъун, туманкI кодобе босе. ТункIидаго лъикI бачуна дуца. ГьабсагIат рохьоб ци бихьана дида.
Херас чагъана гIодоб лъуна ва ци киб бихьарабилан цIехана. Цинги, туманкIги босун, рохьове ана. Рохьоб херас гIемераб заманалъ балагьана ци, амма гьелъул лъалкIцин батизе кIвечIо. Свакана херав ва хIухьбахъизе цо хIохьода гIодов чIана. ГIажаибго сасун букIана рохьоб. Цониги гIаркьел чIваркьичIо. ХIинчIалъ гьаракь гьабичIо.
Цо дагьаб заманалдасан ззиин-н-нилан берцинаб гьаракь рагIана херасда. Дагьалъги чIун, цIидасан бахъана гьебго гьаракь. Щивдай рохьов бакънал рачунев вугевилан, чанахъан тамашалъана.
Херав тIаде вахъана ва цIо­дорго гьаракь бахъараб ра­хъал­дехун ана. Гьаракь рохьил рацIцIалъудасан букIин лъана. Херав, вахчарулаго, гьениве щвана ва накIкIигъотIода нахъасан валагьун чIана. РацIцIалъуда буго пириялъ бекараб гъотIол гIучIахараб хIехь. ХIохьода цебе, квачIалъ цо гIучIги ккун, бугоан ци.
Цица жиндего цIала гIучI ва биччан тола. Цинги бахъулаан доб берцинаб гьаракь – ззиин-н-ннн. БетIерги къулун, ци гIенеккулаан.
ГIенеккана херавги. КъотIана гьаракь. Цица цIидасан нахъе цIана ва биччан тана гIучI.
Къасиялде довго колхозчи унев вукIана херасул кIалтIасан. Херав чагъанагун кIалтIа гIодов чIун вукIана. Гьес килщица цIалеб букIана чIчIва, ва гьелъ ззинан ахIулеб букIана.
Колхозчияс херасда гьикъана:
— Щиб ккараб, чIварабищ ци?
— ЧIвачIо, — ян абуна херас.
— Щайха чIвачIеб?
— Кинха дица гьеб чIвалеб, дунго гIадаб музыкант гьебги батараб мехалъ.
Херас бицана пириялъ бекараб гъотIол гIочIода циялъ бакъан бачунеб букIараб куцалъул.