Херав палихъан

Пал тIамулев херав чи къватIиве вахъанила.

Гьев кверал хьвагIизе, хIанчIи къватIире риччазе лъугьанила. Щибаб хIанчIил жинди-жиндир хасаб цIарги букIанила. Херав чияс, тIоцере кверал хьвагIаралго, тIоцебесеб лъабго хIинчI боржун анила. Квач, цIорой лъугьинабунила.
Палихъанас кIиабилеб нухалъ кверал хьвагIа-ралго, кIиабилеб лъабго хIинчI боржанила. ГIазу биине лъугьанила, хурзабахъа гIебеде тIугьдул раккизе рекIанила.
Херав палихъанас лъаб-абилеб нухалъги кверал хьвагIанила. Лъабабилеб лъабго хIинчIги боржанила. БагIарун, гьелегьун букIанила. Рекьарухъаби бугIа лъилъизе лъугьанила. Херав палихъанас ункъабилеб нухалъ кверал хьвагIаралго, нахъеги лъабго хIинчI боржун анила. Квачараб гьури пунила, тIатIалаго цIадал ранила, гIодонакIкI лъезе лъугьанила.
ХIанчIи гIадатияб тайпаялъул рукIинчIила. Щибаб хIанчIил ункъ-ункъ кваркьи букIанила. Щибаб кваркьиялдаги анкь-анкь малърал рукIанила. Щибаб милъиралъул жинди-жиндир цIарал рукIанила. Малърал бащдал чIегIерал, бащдал хъахIал рукIанила. ХIанчIица цо нухалъ хьвагIарабго, цIакъго-цIакъ гвангъун, цоги нухалъ хьвагIарабго, цIакъго-цIакъ бецIлъун лъугьунаанила.