Школазул гIумру

Дир магIарул мацI

 

МахIачхъалаялъул № 58 школалда тIобитIана магIарул мацIалъе сайгъат гьабураб тадбир.
«Дир магIарул мацI» абураб литературиябгун музы­калияб байрамалда гIахьал­лъана лъарагI миллата­лъул цIалдохъабиги. Гьез­ги магIарул мацIалда ри­кIкIа­на ва ахIана магIарул шагIирзабазул кучIдул. Школалъул директорасул заместитель, магIарул мацIалъул учитель Муслимат Жамалудиновалъ гIуцIараб гьеб тадбиралда ракIалдещвезаруна МагIарул театралъул, гьанже чIаго гьечIел артистал МахI­муд ГIабдулхаликъов, Басир Инусилов, ПатIимат Хизроева, театралъе кьучI лъурав ГIабдурахIман Магаев ва цогидалги.
Гьезул гIумруялъул ва махщелчилъиялъул хIакъалъулъ цIалдохъабаз хъван рукIана докладалги рефераталги.
Гьединго школалъул жанахIалъуб гIуцIун букIана гьезул махщелчилъиялъул хIакъалъулъ бицунел суратазул выставкаги.
Музыкалияв нухмалъулев МухIамад ГIумаровас куцарал цIалдохъабаз рихьизаруна магIарул кьурдаби, ахIана кучIдул.
Кинаб байрамха букIинеб ма­гIарул квен-тIехалъул хIал­бихьичIебги. МагIарул кванил майданалда байрамалъу­л гIахьалчагIаз хIалбихьана гIа­тIа­хинкIазулги, хъухъанчадазулги, цIурачадазулги.
Школалда гIемер тIоритIула рахьдал мацIазе сайгъат гьарурал дандеруссинал.