Хабар

Маккал

 

Азбаралъул бакьулъ вахъунги чIун, рукъалъул маккал роржине риччалев вукIана Самад. Гьенивго туманкI бацIцIунев вукIана кIудада ПатахIги.
Берцинго куркьбалги хьвагIе­за­рун, гьаваялда сверабиги рахъу­лаго, роржунел рукIана маккал. Росдада тIад тIавап гьабулаго, гьел зодире рикIкIалъанагIан гIисинал жал хутIулаан. Цинги, куркьбалги дандекъан, гIодоре рортун рачIунаан, зобалазул хъахIилаб хIоринир чверделел ругел гIадин. Рукъзабазул тIохазда тIад хъвалалде, нахъеги гьаваялде унаан.
Киналго маккалги роржине риччан, кIудадада аскIове вачIана Самад.
— КIудада, дир хъахIаб миккиялъ цоги хоно гьабуна, — ян абуна гьес разиго.
— ЛъикI, дир вас, цIакъго лъи­кIаб тайпаялъул микки буго доб, — ан абуна кIудадацаги.
ХIакъикъаталдаги бищунго лъи­кIаб тайпаялъул, тIубанго хъа­хIаб кьералъул миккиялъул бицунеб букIана гьез.
«Гьадаб кIиябго ханилги тIан­чIи рахъани, анлъго хъахIаб микки гIола дир, — ан пикру гьабулеб букIана Самадица, жакъа хоно гьабураб миккиялда хадувги валагьун. – Додинал хъахIал маккал къанагIатги рукIунаро».
Цогидал макказдаго цадахъ берда бихьулареб борхалъуде бахунеб букIана хъахIаб миккиги. Цойидасан макказул тIелалдасаги батIалъун, жегиги эхеде боржине лъугьана гьеб.
КIудадаги Самадги лъикIалан мехалъ хутIана гьаваялда гьайбатго боржанхъилеб бугеб хъахIаб миккиялда хадур ралагьун.
Цо заманалдасан макказул тIе­лалда гьоркьоб цо кинабалиго рихха-хочи лъугьана. Гьури гIадин роржун рачIунел рукIана гьел. Щибдай ккарабилан рукIана кIудадаги васги. Щобда нахъасан боржун бачIунеб хъарчигъа речIчIун букIун буго макказул тIе­лалда гъорлъ.
Маккал тIурун рорчIидал, хъа­хIаб миккиялде чан гьабизе лъугьана гьеб. Гьелдаса борчIизе хIа­ракат бахъулеб бугоан миккиялъги. Гьебгун басандулеб бу­геб кинигин, дагь-дагьккун гIагар­лъулеб букIана хъарчигъа. Цинги цо параялда жаниб миккиялда тIад речIчIана гьеб.
— КIудада! КIудада! – ян гьаракь гьабуна Самадица. Амма кIудада жиндаго аскIов ватичIо гьесда. Ццидалъ заралги хьвагIулаго, ахIделев вукIана Самад хъар­чи­гъа­ялде. ГьебсагIат туманкI кьвагьулеб гьаракь бахъана. Миккиги хъарчигъаги – кIиябго цадахъ бортун бачIана Рукъият-кIодол азбаралде. ПиригIан хехго векерана гьениве Самад.
Хъарчигъаялда аскIоб гIо­­доб ккун бугоан хъахIаб микки. Квар­кьи лъукъун бугоан гьелъу­л. Хъарчи­гъа багъарулебцин бу­кIин­чIо. Ро­кьукъго хъарчигъаялъухъги ва­лагьун, бигьагьабун кодобе босана Самадица микки.
ГIабдул Ражабов