ДАССР гIуцIаралдаса — 100 сон

Автономиялъул кIвар

 

Гьал къоязда ДРялъул Халкъияб собраниялда тIобитIана Дагъистаналъул автономиялъ 100 сон тIубаялъул хIурматалда гIуцIараб данделъи. Гьеб нухда бачана республикаялъул парламенталъул председатель Хизри ШихсагIидовас.

Данделъиялда гIахьаллъана депутаталги, пачалихъиял идарабазул ва гIелмиял институтазул вакилзабиги. Гьез бицана Дагъистаналъул цебетIеялъе автономия лъазабиялъул букIараб кIваралъул хIакъалъулъ.

ДФИЦалъул Тарихалъулгун археологиялъул ва этнографиялъул институталъул директор, тарихиял гIелмабазул кандидат МахIач Мусаевас кIвар буссинабуна Дагъистаналъул тарихалда кIудияб бутIаги лъурал хIаракатчагIазде. Гьес ракIалде щвезавуна Жалалудин Къоркъмасовги, МахIач Дахадаевги, ГIалибег Тахо-Годиги, МухIамад Хизроевги ва цогидалги. «Ж. Къоркъмасовасул хIаракаталдалъун I920 соналда Хасавюрт район бачана Дагъистаналда гьоркьобе ва I922 соналда – нугъаяз гIумру гьабулелги Гъизляр округалъул бакътIерхьул бутIаги. Къоркъмасовасул бихьизабиялда рекъон, I92I соналъул маялда Дагъистаналъул тахшагьарлъун гьабуна МахIачхъала ва гьебго соналъул октябралда байбихьана мелиоративиял хIалтIабиги – Дагъистаналъул гIатIиракьаздаса цIикIкIун хайир босиялъул мурадалда. КIудияб бутIа лъуна гьес Дагъистаналъул Конституция хIадуриялъулъги», — ян бицана М. Мусаевас.

Данделъиялъул ахиралда къабул гьаруна автономия къабул гьабуралдаса I00 сон тIубаялъул байрам кIодо гьабиялъул мурадалда гIуцIизе ругел тадбиразе малъа-хъваялги.