Инсанасул ихтиярал цIуни – жамгIияталъул цебетIей

ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Сергей Меликовас дагьалъ цебе тIобитIана Дагъистаналда инсанасул ихтиярал цIуниялъулги гражданияб жамгIият цебетIезабиялъулги хIакъалъулъ бицараб данделъи. Гьелда аслияб кIалъай гьабуна гьел масъалаби тIураялъул рахъалъ ДРялъул бетIерасда цебе гIуцIараб советалъул председатель Зикрула Ильясовас. Гьеб кIалъаялъул аслиял пикраби кьолел руго гьанир.

 

ДАССР гIуцIаралдаса 100 сон

Жакъа гьаб данделъиялда гIахьал-лъулев вуго республикаялъул бетIер. Гьеб ккола кIвар бугеб хIужа, щайгурелъул инсанасул ихтияралги цIунулеб, демократиялъул принцип аслияблъунги рикIкIунеб пачалихъалда – гьединаблъун ккола Дагъистанги – аслияб мурад буго гражданаздаги пачалихъиял идарабаздаги гьоркьоб щулияб бухьен чIезаби.
Данделъиялда руго Советалъул цIирищарал членалги. Дица гьезда баркула ва киназего гьарула цадахъаб ишалъулъ икъбал. Нилъер аслияб иш ккола гражданияб жамгIият цебетIезабиялъул мурадалда республикаялда правоялъул кьучI гIуцIи. Ахираб заманалда къабул гьабуна анцIгоялдаса цIикIкIун закон: «Дагъистан Республикаялъул пачалихъияб власталъулги пачалихъиялги коммерциялъул гурелги гIуцIабазулги бухьенал гьариялъул хIакъалъулъ», «ДРялъул ЖамгIияб палатаялъул хIакъалъулъ», «ДРялда бакIалъулаб самоуправлениялъул хIакъалъулъ», «ГIолилазулги лъималазулги жамгIиял цолъабазул хIакъалъулъ», «ДРялда хъизамалъеги, эбеллъиялъеги, эменлъиялъеги ва лъимерлъиялъеги кумек гьабиялъул хIакъалъулъ», «ДРялъул «Политикиял репрессиязул къурбаназе социалияб кумек гьабиялъул хIакъалъулъ» абураб законалда хиса-басиял гьариялъул хIакъалъулъ» ва гь.ц.
РФялъул субъектазда гьоркьоб Дагъистаналъул буго хаслъи: гьанир кидаго рукIана миллатазул жамгIиял цолъаби ва гьелги рукIана цоцазулгун щулиял бухьеназда. Гьединлъидал, гражданияб жамгIият гIуцIи ккола республикаялъе кидаго хасиятаб чIчIвалъун. Гьаб буго эркенал жамгIиятазул бутIруз нухмалъи гьабулеб букIараб гIемермиллатазулаб республика. ГIодосанго букIана гьаниб социалияб ритIухълъи цIуниги, цоцазе кумекалъе рахъинги, цоцазул жаваб кьезе хIадурго рукIинги – гьелъ кидаго квербакъулаан щибаб халкъалъул мурадал пачалихъиял мурадазде рекъон ккезариялъе. Ва гьединлъидал, пачалихъ гIуцIулебги гьеб цебетIолебги заманалда республикаялъул жамгIияталъе нухмалъи гьабиялъулъ ва гьелъул миллияб хаслъи цебетIезабиялъулъ кIвар бугеб бакI кколаан жамгIиял идарабаз.
Жакъа, Дагъистаналъул 100-сонилаб цебетIеялъул хIисаб гьабулаго, ракIчIун абизе кIола: миллияб маданияталъулги гражданияб жамгIияталъулги аслияб кьучIлъун ккола нилъер умумузул гIадаталги, рухIиябгун муруватияб бечелъиги, халкъазул патриотизмгун батIи-батIиял диназде бугеб лъикIаб бербалагьи жигаралда тIибитIизаби.
Нилъер халкъалъе хасиятаб буго гражданияб хIаракатчилъи, жамгIияталъул гIумруялъулъ гIа-хьаллъи.
Дагъистаналда буго 2904 хъвай-хъвагIай гьабураб жамгIияб гIуцIиги, Коммерциялъулаб гуреб цолъиги (НКО) ва нилъер масъалабазде кIвар кьолеб ЖамгIияб палатаги. Республикаялда буго 39 политикияб партиялъул регионалияб отделение, миллиябгун маданияб 24 автономия. Щибаб районалдагун шагьаралда буго ЖамгIияб палата.
Дагьалъ цеве дун вукIана ДРя-лъул НКОязул Координациялъул советалъул нухмалъулевлъун. Нижер хIаракаталдалъун гьарун рукIана коммерциялъул гурел гIуцIабазул хIалтIухъабазул интересал цIунулел къотIиял. Доб заманалда нижехъа бажарана ДРялъул хIукуматалдаги, Координациялъул советалдаги ва «ДРялъул муниципалиял гIуцIабазул совет» абураб ассоциациялдаги гьоркьосеб къотIи гьабун. Гьелъ ресги кьуна жамгIияталъе кIвар цIикIкIарал масъалаби тIуразариялъул мурадалда цадахъ рекъон хIалтIизе. Гьеб мисал дица рехсана Дагъистаналъул пачалихъиял идарабаздаги жамгIиял цолъабаздаги гьоркьосел бухьенал ругеблъи бихьизабизе. Гьединаб кьучI бугеб бакIалда пайдаяб хIалтIиялъеги рес букIуна.

Цо чанго НКО цолъиялъул мисалал

Ахирал соназда гIадатлъун лъугьун буго коммерциялъулаб гуреб цо чанго гIуцIи цолъи. Гьединаб къагIидаялъ рес кьола власталъул идарабазда цере жамгIиял гIуцIабазул интересал цIуниялъул рахъалъ хIаракат цолъизабизе.
Республикаялда буго ичIнус-гоялдаса цIикIкIун динияб жамгIияб гIуцIи. Цогидал жамгIиял гIуцIабазулгун рекъон хIалтIизе бугеб гьезул гъираялда бараб букIуна Дагъистаналда парахалъи цIуниялъул рахъ. Гьеб мурад тIубалебги буго аслияб къагIидаялда. Руго цоцалъ рекъон хIалтIиялъул церегоялдаса нахъе хIалтIизарулел къагIидаби – гьел рехселаро. Диниял гIуцIабазул вакилзаби жигаралда гIахьаллъула батIи-батIиял комиссиязул, советазул данделъабазда, маслихIат гьабиялъул тадбиразда.
Цоги рахъ босани, диниял институтал пачалихъалдаса ратIа тIезариялъул принципалги кьочIое росун хIалтIиялъул бицунеб бугониги, камуларо дунявияб правоялде рекъон кколаредухъ хIалтIи гIуцIизе хIаракат гьабулелги, ай жидеда лъаларел ва ричIчIуларел ишазда гьоркьоре лъугьиналъул хIужабиги. Араб гIасруялъул 90-абилел соназда рижарал диниял идарабаз мех-мехалда загьир гьабула цо-цо масъалаби тIуразаризе хIаракат гьаби, масала, ракьул суалазулъе лъугьине. Гьайгьай, беццараб букIина гьениб гьезул гIахьаллъи, амма аслияб къагIидаялда гьеб суал тIубазе ккола Россиялъулги Дагъистаналъулги ракьул хIакъалъулъ законал хIалтIизаризе лъалел идарабаз. Гьелда бан чIванкъотIарал ишал гьаризе ккола республикаялъул муниципалиял гIуцIабаз, тIоцебесеб иргаялда, инсанасул ихтияралги цIунулаго.
Терроризмалде данде къеркьеялъулъги гIураб бутIа лъуна жамгIиял гIуцIабаз. ЛъикIаб хIалтIи гьабулеб буго лъималазул ихтиярал цIуниялъул рахъалъги.
Нилъер гIадамазул гIемерал гIарзаби руго ДРялъул министерствабазулгун ведомствабазул ва муниципалиял идарабазул кабинетазда къабул гьарунгутIиялда бан. Дунги вукIана 90-абилел соназда министрлъун, амма дица инкар гьабуна дунго цIунулеб хъаравуллъиялдасаги министерствоялъул кIалтIа вукIунев полициялъул хIалтIухъанасдасаги.
Гьеб масъала тIубаялъул мурадалда Советалъ, министерствабазулгун ведомствабазул гIадамазе хъулухъал гьаризе тIадал идарабазул нухмалъулезул гIахьаллъигун, хIадурун букIана щибаб кварталалда Гьудуллъиялъул минаялда гражданал къабул гьариялъул низам. Амма гьеб пайдаяб иш билана Администрациялъул кабинетазда.
РФялъул президентасда цебе гIуцIараб Советалъул вакилзаби Дагъистаналде рачIараб мехалда, радакь сагIат лъабго тIубазегIанги хутIулаан ниж, гIадамал къабул гьарулаго. Гьел гара-чIвариязда гIахьаллъана ведомствабазул нухмалъулелги. ГIемерисел масъалаби рукIана бакIалдаго тIуразаризе бажарулел: гьел тIурана къокъабго заманалда.
Пайдаяблъун бихьула нижеда масъалаби гIемерал бакIаздеги ун, гIадамазулгун дандчIваял гIуцIиги. Советалъул вакилзабаз сапарал гьаруна Лаваша, Казбек, Гъизилюрт районаздеги, Избербаш шагьаралдеги. Нижеда бихьана гьединал сапаразул хIасилги: гьез кумек гьабуна социалияб политикаялъулъ риччан тарал гъалатIал ритIизаризе. Гьединал сапаразда нижеца къабул гьавуна нусгоялдаса цIикIкIун чи. Инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалъ хIисаб кьезе Советалъул данделъиялде ахIун рукIана МОязул нухмалъулелги, масала «Сулейман-Стальский район» МОялъул.