Сталинги вачIун кьуна автономия

Дагъистан автономияб республикалъун (ДАССР) лъазабуралдаса исана нусго сон тIубана. Гьеб тарихалда бан, 13 ноябралда Буйнакскиялда данделъун рукIана шагьаралъул мэриялъул вакилзабиги жамгIиял хIаракатчагIиги. Гьез республикаялъул хIукуматалде хитIаб гьабуна ДАССР гIуцIун нусго сон тIубаялда бан республикаялда гьарулел аслиял тадбирал Буйнакскиялда тIоритIеян.

 

1920 соналъул 13 ноябралда Сталинги вачIун, Темир-Хан-Шура тIобитIана Дагъистаналъул халкъазул съезд. Гьелда гIахьаллъана 300 делегат. Гьеб заманалда Сталин вукIана миллатазул рахъалъ халкъияв комиссарлъун.
Съезд тIобитIана шагьаралъул театралъул минаялъуб. ГьабсагIаталда гьениб буго музей. Жакъаги буго гьениб Сталинги президиума­лъул вакилзабиги нахъа гIодор чIун ру­кIа­раб стол.
Съездалда председательлъи гьабуна Жалалудин Къоркъмасовас. Гьенир гьарурал кIалъаял гIурусалдаса магIарул мацIалде руссинаруна МухIамад-Мирза Хизроевас, дарги мацIалде — ГIалибег Тахо-Годица, лъарагIалде — Жалалудин Къоркъмасовас, азербайжан мацIалде — Керим Мамедбеговас. Тумазулгун лезги мацIазде буссинабулеб букIун гьечIо, тумазул делегатазда лъарагI ва азербайжан, гьединго лезгиязул делегатазда азербайжан мацI лъалеб букIун.
Съездалъул ахиралда делегатаз къабул гьабуна ДАССР гIуцIиялда бан Декларацияги. Цинги хIукму гьабуна гьелда бан тIуразе кколел суалалгун ГIалибег Тахо-Годиги, СагIид Габиевги, Жалалудин Къоркъмасовги Москваялде ритIизе.
Гьединго республика бикьана анцIго округалде — Авар, ГIанди, Гъуниб, Гъазигъумекиб, Хайдакъгун Табасаран, Кюри, Самур, Темир-Хан-Шура, Хасавюрт округал, Каспи ралъдал рагIаллъиялда бугеб мухъ.
Гьеб хIужаялда бан гьадинаб гара-чIвари ккана нижер тарихиял гIелмабазул доктор ХIажимурад Доногъолгун.
— ХIажимурад, Сталин сабаблъунищ нилъее автономия кьураб?
— Гьедин ракIалде кколеб буго гIемерисезда. Амма гьел руго кьучI гьечIел харбал. Доб мехалда улкаялъул бетIерлъуда гьев гурелъулха вукIарав. Жакъасеб къагIидаялда бичIчIизабуни, Сталин кколаан миллатазул суалал тIуралев министр гIадинав чи. Гьединлъидал, ЦКялъ командировкаялъ витIун вукIарав чи ккола гьев Дагъистаналде. Доб мехалда улкаялда букIараб захIматаб ахIвал-хIалалда бан, Ленин гьаниве вачIине регIун вукIинчIо. Дагъистаналда букIараб хIал гьесда лъикI лъалеб букIараб къагIида. Нилъер делегаталги гъираялда къабул гьаридалха гьес.
Темир-Хан-Шураб съезд тIобитIу­леб заманалда Дагъистаналъул мугI­рузда багIарал партизанал жеги ХIоцоса Нажмудинил аскаралгун рагъулел рукIана. Гьединлъидал кутакалда хIинкъараб хIалги бу­кIа­на: съезд тIобитIулеб бакIалда бокьараб гъалмагъир ккезе бегьулаан (тарихчагIаз бицуна гьеб бакI гIахьвалазул партизаназ цIунун букIанин – ред.).
Гьанже цо-цояз кинаб къимат кьолеб батаниги, доб мехалда автономия лъазаби букIана битIараб хIукму.
Юридикияб куцалда суалги тIу­бан, республика ДАССРлъун тасдикъ гьабуна 1921 соналъул 20 январалда.
— Съезд тIобитIулеб заманалда бахъараб суратги бихьана…
— Муэддин-ГIараби Жемал абурав художникас квералъ бахъараб сурат буго гьеб. Гьенив Сталинги вуго, гьесухъ гIенеккун данделъаралги руго. Амма гьезда гьоркьор рихьулел гьечIо я Къоркъмасов, я Тахо-Годи, яги цогидал церехъаби. Гьелъул магIна ккола гьеб сурат бахъараб заманалда гьел чагIи репрессиялде ккун рукIин.