«БацIилцин буго мацI жиндирго хасаб…»

Гьел рагIабазул автор щивали сразу бичIчIула поэзиялъул дагьаб­ниги бичIчIи бугев чиясда. Щайин абуни, жиндирго цо хасаб мацIги, цIалдолезул рекIелъе тIинкIуледухъ херхарал жугьабиги, хваниги хадур гъолареб философияб магIнаги, ми­ровой классиказдаса къечIеб куцал­да калима рекъезабулеб къагIидаги Къородаса ГIибранил вас ХIажиясул гурони гьечIелъул жакъа.

 

«Бахьикъосазул» басрияв удаман, жиндир мунагьал чураяв МухIамад- Расул Дациевас ХIажиясе сайгъ­ат гьарун хъван рукIана гьадинал мухъал:

 

«Дуца гьал дурго кучIдул

Китай мацIалъищ хъвалел,

КигIан цIалананиги

МагIна бичIчIулеб гьечIин…»

 

БичIчIилаанха досдаги, дагьаб мухIканго цIаларабани.

ГIибранил ХIажиясул поэзиялъул гьудулги вукIун, гьесул кучIдузул магIна босизе лъачIого бегьилищ?!

 

Мичман Дациевас дие би­цунаан, гIемер щолаанила жив ГIибраниласухъ гьоболлъухъ. Ва гIемерисеб мехалъ, гIадалъ тIил кьабураб гIадин, кьурун тIадги вус­сунаанила. Щайин абуни, «щекъер­халат» тараб бакI батуларого, чанги сардал рогьизе кканила дора. Цинги, батидал, ццин гьалаглъарав жинца, бугеб хIалалъ гьесул азбар бакьулъ речIчIулаанила «сурахIи». Зобал гъугъалеб гIадаб гьелъул гьаракьалъ мадугьаллъиго бахъинабулеб букIанила. ХIажиясе хиралъиялъ, живги риханила гьезда, жив хиралъ­иялъ, ХIажиявги рихинарищхайила.

Короче говоря, городалдаго рагIанила жал. Халатав залимав живги, жиндир коленаялде вахуна­рев авги гочунунел рихьидал, роху­ца холаго хадур балагьун чIанила тIолго мадугьалзаби.

 

Амма чесно бицани, человечность бугев чи вугила ГIибранов. Цо ну­халъ гьес «подарить» гьабураб хо­лодильникалъ тIубараб лъагIелалъ хинлъи гуреб жо кьечIила. Риида­лил бухIараб бакъул чIораз «чIван лъураб» пакъир, хасалоги, кигIан кIудияб цIорол гIерекъ аскIоб лъуни­ги, кIвечIила цIорозабизе.

Китай мацIалда херханиги щиби­ла жугьабиги, жал къираллъиялъухъ гIащикъал ругони.

 

Дациевасул гьеб калам канишна рекIее гIуна дие. Даим ГIибранил ХIажиясул кучIдузул тIахьалги остолалда тIиритIун, тIаде лупаги ккун, цIалдолев ватула дун, гьезухъ гIащикълъиялъ. ГIемераб пикру цолъизабун букIуна гьесул щибаб мухъилъ.

ТIахьазул цIаралги рукIуна цо гIажаибал, гIумруялъ ургъаниги, нилъ хадур гъоларел гIадал: «Къо­язул къункъраби», «Намусалъул спутник», «БатIиял ракьазда ракI», «Аваразул кицаби — каламазул пача­би» ва гь.ц. Амма «Бакъ хисизабизе кIвезе ккола чиясда» абураб цIаралъ битIахъе цIунцIрахинабуна дир черх. Жибго Бакъ хисизабизе кIвезе ккани … ХIажиясда …бажарана!

 

«Мун мафия ватани,

Дунги мафия вуго…», –

абун хъвана гьес.

Дур хIал чIахъаяв шагIир! Бакъни щай гурин зобги, моцIги, цIвабигицин мутIигIго гIодизарула ГIибранилас. Хасго чIужугIадан гIодизаюла гьас жиндихъго. МахIмуд гьадингосев чи вуго ХIажиясде дандеккун. ЦохIо гIаданалъухъ инагьдулаго гIадада гIумру тIамуна хъахIабросулъес, гьасул гали бахъ­анщиналъуй йикIуна рекIел турут… рикIкIадаса хадув валагьун чIезе. ЧIужуялдаса хIинкъичIони…

 

— ГIибранилав пикрияв поэт вуго,- абун хъвана жиндир мунагьал чура­яв ГIабасилас.

Пикруялъул хIакъалъулъ живго ХIажияс гьадин хъвана:

 

«Пикру, тIадегIанлъи

                           босулебги мун,

ТIамун гъоркьгун гьав дун

                           мерхьунебги мун».

МагIарухълъи, гьобол-гьудул во­кьиялъ хъварал рагIабиги гIемерал руго ГIибранил ХIажиясул. БакIал кIулал тIаде рахан таниги, тIаде вачIарасе хIурматалъе, нухлул рагIалда, гIагараб Къорода росулъ кIитIалаял рукъзалги ран тана ХIажияс, живго МахIачхъалаялда чIун вугониги. Минаялда тIад под­валал ран ругиланги бицуна цо-цояз, махсаро хIалае ккун. Гьел ратула ГIибраниласул поэзия бичIчIуларел ялъуни жидеда китай мацI лъаларел чагIи.

 

ГIенеккилищ цо параялъ живго поэтасухъ:

 

«Мун магIарухълъиги

                     тIиртIирун ккун чIа,

ЧIалуцаги хвасар

                   гьарула ралъдалъ».

 

Хваниги, чи хадув гъолареб гъва­рилъи буго, жаниб ралъад рехсараб, гьаб кIиго мухъалъулъ.

Гьал рагIаби поэтас, паркалдаса рокъове вачIунаго, тIадагьго рахъ- рахъалдаса паркъун унел мусудулги рихьун, хъварал ратилин тана:

 

«ТIутIал нахъе гъолеб

                              хьвануда релълъун,

Нахъ-нахъ валагьула

                           дунго вихьизе».

ХIажиясул гьаб пикруялъул ка­миллъиги, гъварилъиги, гIатIилъиги, тIокIкIинги борцунев литературияв критик ракьалда тIад вукIинин дида кколаро:

 

    

 

«Вилълъунаго вилълъуге…»

 Жакъа гIемеразда абизе рекъараб калимаги бугебха аб.

НекIого тIубана ГIибраниласул гIумрудул 60 сон.

 

Кибехун балагьун, кьурун чIараб нилъер Хъвадарухъабазул союз, ХIажиясул юбилейги гьабичIого, гьадинав поэт дунялалдаго гьечIиланги лъазабичIого?!

Хъвадарухъабазул шефги земляк­лъидал, исанагIаги рачIине ккела цо къаппараб, кьучIаб пикруялде.

 

КьилимегIералда цебеги, нахъа­ги, тIасаги, гъоркьаги бугеб участ­каялъул КIуяда, Гьонода, Къорода росабазул къавмалги данделъун, цо тIохгIанасеб ходатайство битIизе ккела хIукуматалъухъе ХIажиясул творчески вечер тIобитIейилан ва гьесие Бищунго Халкъияв поэт абу­раб цIар кьейилан.

МагIаруллъиялъухъ урхъуца хо­лаго, тахшагьаралъул «гьундузухъ» гIумру гьабулев гьайбатав вас гьедин тей адабияталдаги маданияталдаги цебе кIудияб такъсирлъун рикIкIуна лично дица.

 

ХIасил-калам, ХIамзатов, Шах­таманов, ГIадало, ГIабасилав ана Аллагьасул къадаралъ рачун, къи­матав цогIаги шагIир магIарулазеги хIажалъиларищ?!

Ва салам ва калам!

 

 

МагIна гьечIеб абуге, ирга щвечIеб, бицунге.

 

                                     ***

Хьул къотIун рокьи тоге, рохь къотIун, рогьо тоге.

 

                                     ***

ШайтIада батани таж, —

Гьеб — дур тIасияб этаж.

 

                                    ***

ГьитIинаб рокъобгицин билу­лебщинаб тIагIел, —

КIудияб дунялалда талихI би­лизе чIоге.

 

                                     ***

Эбел ками кIудияб ками буго чиясе, —

Чилъи ками дагьабги бакIаб раччи гьесие.

 

                                    ***

ЦIумги цIум буго даим, гъеду­ги гъеду буго,

ЦIудул жахIдаги ккезе рес гьечIо рощногъадихъ.

 

                                         ***

Пикру гьабураб лъикIаб,

ЛъикIаб лъаялда гIураб.

ГIатIал хинкIалги цIакъал,

МагIарул ханждал къарал.