Вирусазул бизнес

КороВОвирусалъул
Контора кибдай бугеб?

Кинаб хIукмуялдалъун
ХIалтIулебдай гьеб бугеб?
ХIалица дунялалда
Унти тIибитIизаби
ТIаде босун гьабулез
Мурад киндай бахчулеб?
Гьединал гIаламатал
ГIемер гурищ рихьарал?
ГIадамазда гьерсилал
Вирусал чанги лъарал…
КъогогIан соналъ цере
Сибиралъул язваялъ
Ракьалда чи теларин
Таманалго хIинкъарал.
ХIалица гьеб тIагIиндал
«ТIибитIана» хIанчIил грипп,
«ЧIвазе дагьалъ хутIана» –
Халикъасдай цIунана?
ЦIидаса хадусала
Болъонилги бачIана,
Болгьон, гьебгIаги киса
Кодобе щун букIараб?
Щибаб нухалъ ургъулел
Вакциналги рукIана…
Эзул базарги гьабун,
Бечелъаралги ккана.
Гьанжесалалъ тIадеги
Катнал маскаби ричун,
Аптеказ кеп босана…
Расги гьечIеб унтиги
Ургъарал вирусалги
Бизнесалъул макруги
Божулел гIадамалги
Гьединаб буго «гIадлу»,
ГIад – хочIалъе бицани,
Бахьикъосал, къапун чIа,
ЧIаго – сахго хутIизе…