ЦIодорал жал рукIуна руччаби

Ункъо чIужугун хIежалдеги ун вуссарав чиясда цIехон буго гIакъуба-къварилъи бихьарабищилан. Валлагь, кIудияб къварилъиго бихьичIилан абун буго гьес, ганчIазда къочардилел алги рукIанин, бихьинчи гIадин бохалде бохги бахинабун азухъ валагьун дунги вукIанин.
 
***
Ункъо лъимер цадахъ жиндие гьабураб мехалъ цояс абун буго, нолъ дир чIужуялъ МухIаммадил уммат бахъинабизехъин букIанин, цо талихIалъ, сордоги рогьун хутIанилан.
 
***
Дуца чIужу хIежалде жийго цохIо щай йитIулей?
— Я вац, гьай хIамидасаги йортана, куракул гъотIодасаги йортана, гьанже хIежалде ялагьизаюлей йиго, мерхьунгIаги холарищали бихьизе.
 
***
КIалги ккун, къечон холаго, харил магьги цIун ячIуней чIужу-гIаданалда ратун руго жидерго магъилъ гьекъолдулел, аскIоб бугеб росдал гIолохъаби. Гьай гъозде семун йиго, нужеда ничги яхIги гьечIищ, гьаб хирияб моцIалъ гьедин рукIинеян. Я, яц, нижеца колхозалъул собраниеги ахIун гьаб кIалккул моцI хасалоялде нахъ бахъанагури бигьалъиялъеян, жаваб гьабун буго гIолохъабаз.
Нижер гIабдалзабаздани лъаларо гьединаб жо гьабизеянги абун, гьайги ун йиго.