Цо хIурулгIиналде лъабго игитасул гIассияб сарин

 Джигит Дидойский
 
Рогьалил как тIобитIун,
ТIад цо ратибат гьабун,
Тавбу къабуллъиялъе
Къуръаналъул жуз цIалун.
 
Рагьу-махIу берцинаб
Гордухъанги валагьун,
Анищ букIана, ясай,
Цо дуда бер речIчIизе.
 
 
СайгидахIмад АхIмаднабиев 
 
Дур берцинлъиялъул
Бицен гьабуни,
Беццалцин канлъила,
Камиллъи лъазе.
 
Кинабго дур чорхол
Чалухлъи лъани,
Чанги гIолиласул
ГIакълу босила.
 
Къаси тIаде яхъун
ЖузгIаги цIале,
ЦIекIал харбаздаса
РикIкIад хутIизе.
 
ЦIаларазухъ хьвадун,
Сабабал хъвае,
Саяхъал къоролаз
Къор гъеларедухъ.
 
                 
                   ***
 
Мерседесгун вачIарасе
Кьела гьай,
Гьундул-кIалгIа кIудиясе
Кьела гьай.
 
Тукен, кафе кодосесе
Кьела гьай.
Банкетный зал бугесеги
Кьела гьай.
 
Кьибил-тухум кIудиясе
Кьела гьай.
Тухумалъул берцинасе
Кьела гьай.
 
Дун гIадинав гIинкъасе —
Кьоларо гьай.
Джигит гIадав рекъасе —
Кьоларо гьай.
 
Вакъарав редактор щай —
Кьоларо гьай.
Бикъулев цIогьорги щай —
Кьоларо гьай.
 
ГIумахан ГIандийский
 
Редактор, нуж гIадинан,
РегIун гьечIо ясазде,
ЛъагIалил ахиралде
Бюджет къачIазе ккола,
 
Нужер тукенги залги
Заирае щай, гьудул,
ЦIалуде тIад къуларай
Къиматай докторалъе?
 
СайгидахIмад АхIмаднабиев 
 
ЦIалуде къуланилан,
Къиматищ гьелъул хвелеб,
Къирал, паччахI гIадинав 
Гьудул аскIов вугони?
 
ГIумахан ГIандийский
 
Къирал-паччахI гIадинав
Кисан гьанже бихьинчи?
Киналго руссун руго
Фейсбуказде жанире.
Рокьул къимат хун буго,
Къвал балев вихьуларо,
КъахIан подушкаги ккун,
Пударула сетазда.
ЦохIо сасикьев вуго
Саламатав бихьинчи,
РачIа гьесий гьаризин,
Гьайбатай яс Заира!
Амма цо хIинкъи буго,
РекIел хIалхьи бикъараб —
Дур гарем лъани, Заи
Лъавудаса инадай?
 
***
Дуде кучIдул хъвалел
ШагIирзабазе,
Щай жаваб кьолареб,
Кьер меседил бис?
 
КьечIеб талихIилан,
МагIид рецIцIулел,
РуцIцIинаре, Заи,
ЗагIипал васал!