Росасулги лъадулги лъугIи гьечIеб рокьул къец (махсародул кечI)

— Я, дир гьудул ГIалихан,
ГIумруги чIалгIун буго,
ГIадада заман ине
Диеги бокьун гьечIо.
 
Дун гIадинал ясазул
Россал руго бечедал,
Мунго кинав гьардухъан
Гьикъун кIалгун вачIарав?
 
— ЮцIцIун йикIа, хирияй,
Халикъасдаса неча,
Хинаб квен гьечIого мун
КидагIаги йикIарай?
 
Бокьоб гIакаги буго,
ГIурдада хурги буго,
Хасалица кваназе
Картошка бачIун буго.
 
— Кваназе квен гьечIого,
ЦохIониги чи гьечIо,
Чияр машинабазда
КидалъагIан хьвадилей?
 
Дун гIадинал ясалаз
Джипал руго рекIунел,
Россабаз бахшишалъе
Босун буго гьезий кьун.
 
— Хирияй, цо квералда
Килщал ращадал гьечIо,
Киналго гIолилазул
Джипалги рукIунаро. 
 
РакI рагьарав дун дуе
Маян кьурав гIоларищ,
ГIамал сураралщинал
Щола цойги ясазе.
 
— Вай, лъаларо, ГIалихан,
ГIамал берцинав инсан,
Унго-унгояб талихI
Кинабдаян йикIуна.
 
КIваричIо дий Джипалги
КIудиял кIалгIабиги,
КIалалъ берцинаб рагIи
Бицунев мун вокьила.
 
— Гьелеха, дир хирияй,
Дуда гьанже бичIчIана,
БетIергьанас дуй кьураб
Даран, хазина, талихI.
 
Аллагьас кьуралдаса
Рази йикIа, хирияй,
Хириял гьитIичалгун
ГIуцIе талихIаб гIумру.