Султанцин бахиллъилаан гьасда

Азарго батIияв чи вачIуна нижехъе, бахьикъосахъе. Амма гьеб къоялъ гIадав къиматав гьобол нижер къавулъ цевеккун киданиги рещтIун вукIинчIо.
— Дида цIар Мирза буго, — ян абуна гьоболас, дир кверги бачун.
Дицаги бицана дирго цIар.
— Гьав щив чияли лъалищ дуда? – йилан гьикъана дир коллега Дациевас, гьурмада балъгояб гьимигун.
— Духъе вачIарав чи гьав ватани, хIакъаб жо ватула дур шишацояв, -илан махсара гьабун жаваб кьуна дица.
— Гуро, гуро, гьав вуго 23 чIужу ячарав бихьинчи.
Гьереси щай, Дациевасда божичIого, живго Мирзада гьикъана дица хIакъикъаталдаги битIараб жойищ гьебилан. Мирзаца, велъулаго, уйилан бетIер гьанкIана.
Дица хIукму гьабуна, Мирза разилъани, гьесулгун гара-чIвари гьабизе. Гьес инкар гьабичIо.
Гьаниб ургъун бахъараб яги «Бахьикъосалъейилан» рекъезабураб жо щибго гьечIо. Дир суалал – Мирзал жавабал.
 
— Мирза, бице, гьудулав чи, чан сон дур бугеб, киса мун кколев?
—  Дир буго битIун 60 сон. Дун ккола Буйнакский районалъул ТIаса Жунгут росулъа.
— Чан сон букIараб дур тIоцебесеб ригьин гьабураб мехалда? Дир хIисабалда, мун гьитIинав гIолохъанчи вукIун ватизе кколаха гьеб заманалда.
— 30 сон бугев чияс ячана дица тIоцеесей чIужу.
 
— ВахI, 30 соналда жаний 23 чIужуйищха дуца ячарай, щибаб лъагIалие цо-цо гIадин кколей
йигоха.
— Батилаха.
— 30 сон базегIан щайха ригьин гьабун букIинчIеб?
Заман букIинчIо.
 
— ЩибулевгIаги вукIарав?
— Квана-гьекъолев.
— ТIоцеесей чIужу дуца кин ячарай: рокьи ккунищ, абунищ яги хъамунищ?
— Эбел-инсуца ячун, рокъой ятана дида гьей.
 
— ГьабсагIаталда ригьнада вугищ мун?
— 12 яцалда гьоркьосан йищун, 22 сон барай гIадан ячана дица лъабго соналъ цее. КIиго ясги йиго гьелъ дие гьаюрай.
— Киналниги чан дур ругел? РикIкIенцин къосун батила дуда?
— Дир гIемерал лъимал гьечIо: 6 яс. Цо вас хвезеги хвана.
 
— Гьелгощинал руччаби риччан руго дуца, аслияб куцалда щиб гIилла кколеб букIараб ригьин биххиялъе?
— Цо гьитIинаб жо гIолаан дие.
— Руччаби рухулаанищ дуца?
— Ты что, цонигиялде киданиги квер борхичIо. ЧIужугIаданалде квер борхулев чи бихьинчийищ кколев?
 
— Гьелгощинал руччаби рачарав чилъидал, чанги дандчIвалел ратила дуда цере рукIарал лъудби. ДандчIвани, гьел мунгун кIалъалищ яги мугъ сверунищ руссунел?
— Руссунаро, киса. КIалъазеги кIалъала, щибаб кIалбиччанкъоялъ почти киналго данделъизеги данделъула ниж.
— Гьезул жиделъго букIунищ жахIда-хIусудищ гъоб, женская ревностищ?
— БукIуна, гьеле гьеб дуца абулеб женский жо букIуна. Цоцада щакдарула. Даже гьабсагIаталда рокъой йигей тумайцин йикIуна цо-цо мехалда мекъдарилей, нолъ вукIаралъухъе айилан.
 
ЦIадаса ХIамзатил руго лъикIал рагIаби:
ХIелкил гъанцIаги бан цIалел лъаларо, цIуял жал асдаса рикIкIад чIоларо – абурал. Дулъги цо гIаламат батичIони руччаби тIаде цIалеб?!
 — Дица цо бер речIчIизабула рекIее гIурай гIаданалда ва гьей жийго ячIуна.
— Мирза, гьебни божизе захIматаб жо буго.
— Кинха гьанже нуж божизарилел? Гьедизениги ккелаха.
 
— Воре, воре гьедуге, божана. Цо нижееги малъа-хъвай гьабеха ру-ччабазул рекIелъе нух бахъизе?
— Гьеб буго Аллагьас дие кьураб гьунар. Малъа-хъваязул жо кколаро.
— Руччабазул базаралда вугев дур магIишаталъул иш кин букIараб? Рокъобе бачIунеб-толеб жого букIунаанищ? Яги кинабго риччарал руччабаз алиментазе-йищ бахъулеб букIараб?
— Цо бугони, дун вуго кверда махщел бугев чи, цIулал устар. Гьединлъидал магIишатги хашго букIунаро. КIиабилебги, алиментал абураб жо дида лъаларо. Лъицаго цIар бахъичIо гьелъул.
 
— Мун гьекъолдулищ?
— 22 соналъ тун букIана, гьале нужер бахьикъосгун дандчIваралдаса нахъе гьекъезе байбихьана.
(Дациев Мирзаде вагъана гьедин абунилан: я вац, гьас нилъер кIалдиса араб жо кIутIун къалмиде босула. Гьеб дица ругьун гьавунин хъвараб жо хъвагIайин абе.)
— Гьей 23 бахIаралда гьоркьоса, цин йиччазеги йиччан, цIидасан тIад юссинаюрай гIадан ккара-йищ?
— Не-не-не, гьединав учузав бихьинчи гуро Мирза. Дир цо рагIи букIуна кьури гьечIеб: йиччан танищ чIужугIадан, будте добри-рокъой чIа.
 
— Дур цониги тIокIцIарго бугебищ?
— ГьечIо, валлагь. Цониги чи рекIеда ватичIо дида Камалил БаширилангIаги абизе.
— Гьебни хIалихьатаб иш гьабун буго.
— БукIинарищха ле!
 
— Цо ахирисеб суалги кьун телин, Мирза. БитIун бице, тIокIай чIужу ячине ракIалда бугищ?
— ГьечIо.
— Велъулев щайха мун?
— АллагьасхIаги лъаларо.
— Бихьинчиясул рагIи кьезе кIолищ тIокIаб руччабазулгун даран гьабиларилан?
— Валлагь кIоларо. КIолареб жо кIолареб букIуна.