ГIабасил МахIамадиде

(Рипма цIунун хъвараб)

 

 Дирго лъикIав гьудул, творческий руччабазул ракIал жиндихъ паналъарав поэт ГIабасил МахIамадиде, гьесухъего, ай рипмаги цIунун, хъвараб гьаб чанго мухъ бахъун букIана «Бахьикъосалда».
Вокьулев шагIир «цIунун», битIахъе цIад базабуна цIалдолез нижер бахьикъосарал бутIрузде тIаде.
Хасго хвалчен бахъун гаргадана Руччаби.
Гъоркьехун лъолеб буго нижерго кечIги гьелде данде ясаз хъвараб рокьул саринги.
        

Дир кIудияв гьудул,
ГIабасилав мун,
Дуца цадахъ вачун,
Руччабигун дун:
 
ТIокIаб алхинчIого
Дица кьолеб тIун,
Лъалхъизе течIого
Гьез гьекъолеб цIун!
КъватIире лъугьана,
НакIкI буго тIад лъун,
ХъахIилаб зоб буго
БетIералда цун,
 
Мусудул гьанир тун,
Молода раччун,
Инадай кIиялго
КIудияс рачун…
 
 
 
 
 ГIабасилав цIунараб махсара
      (Рипма гьечIеб)
 

Огь, бахьикъосазул эбелав шагIир,
Щарил нах щвечIого, маргарин кунев,
КечI бачIинчIеб мехалъ, рипма какулев,
Рокьул гIашикъасда гIайибал чIвалев.
 
Авар поэзия чIалде бачIиндал,
Шури-къулиго щиб къулун чIаразул,
Бакъанлъун гIашикъаб кечI гьабулесе,
МагIна бугеб гьабе, кIвани, махсара.
 
ГIабасилас гурищ босиги тIейги,
ТIадаб налъи гIадин, тIубазабураб,
Бахьикъосал гIадин мехтичIониги,
Ясаздаса вохун, гьекъон батила.
ГIабасилав цIунун, Набил МухIама
ХIалае вахъине хIажалъи гьечIо,
ХIурулгIинзабиги руччабилъидал,
Добаги гьасул иш квеш букIинаро.
 
Жакъа чIаго гьечIев «Камалил Башир»
Какизе рахъарал хъурмазул квешлъи,
Киналго рокьулев, рокьул малаик
Махсароде кколел гьазул капурлъи!