Кисловодскиялдасан «Бахьикъосалде» привет:

Эбелав авторлъиялде кандидат

Нарзан ваннаби гьарун,
Нарзанияб лъим гьекъон,

Къаркъаладуй кеп ккана
Кутакалда рекъолеб.

Рада-радал, мачIикьго
«Кьили» магIарде рахун,
Хехаб рилълъин гьабидал,
Мащаби щулалъана.

Шахил кверазул махщел,
Массажалъул рекъонккей –
Къоялъ векераниги,
Куй биххуларо чорхол.

Чи вихьани, вохула,
Хинаб гьоркьоблъи ккола,
Гьава-бакъалъул бицун,
Къоял нухда тIамула.

ТIубан рахIаталъул кеп –
Кисловодскалъул тIалъи,
ТIаде нухалъ рачIине
ЧIванкъотIун хIукму ккана.