Партиялъул цо-цо пайдаги камулароан

Калининаулалдаса МахIач жиндирго цо хъулухъалъ райцентралде Дилималде уна.

Гьенив цоязулгун къец ккун, хабар кьогIлъун, кьабгIезе ккола. Жив бергьунареблъи бичIчIарав МахIач, цо лъикIаб хIалалъ гьезул цоясда зарги щвезабун, гьениса лъутун унев вукIуна.
Гьев хъахIаб горде ретIарав кквеянги ахIдолаго, гIолохъаби гьесда хадур лъугьуна.
МахIач виххичIого жиндаго цере ругел гIадамазде ахIдола, цебехун килищги битIун, доле доб хъахIаб горде ретIарав кквеян. Живгоги гъол хадур лъугьунел гIолохъабигун цадахъ вугин ккезе.
Гьедин, щив кквезе кколевали лъачIого рихха-хочарал гIадамал рекIеда ратилалде, МахIач цебе батараб КПССалъул райкомалъул минаялде жаниве кIанцIула.
Щиб ккарабан гьениб цIех-рех гьабидал, «Валлагь кканаха цо кIалъай гIолохъабазулгун, гьез бицараб квешабщинаб жоги хIехьана, хадуб эбелалде абурабги хIехьана, амма партиялде чорокаб рагIи абидал, гьеб хIехьезе кIвечIо ва гьел гIолохъабигун кьабгIезе ккана гIагараб партиялъе гIоло»,- ян жаваб кьола МахIачица.
Гьес бицаралда божун, партиялъул хIалтIухъабаз МахIач хадур рачIунезул ццидадаса цIунула.
Гьедин цо-цо пайдаги камулароан партиялъул.