Щиб дица бицинеб…

Щиб дица бицинеб нужей, аварал —
Аваданлъи гьечIеб гьаб гIумрудулищ,

ГIурулъе рортарал тIамхал киниги,
ТIерхьун унел ругел гьал соназулищ?

Щиб дица бицинеб дуе, дир миллат —
РагIи бичIчIулареб гIантлъиялъулищ,
ГIаданлъи-яхIалъул махI хутIичIезе,
Эхетун хъат чIвалеб заманалъулищ?

Зарул къуват бугез тIалъиги босун,
ТIатIала ккун унеб улкаялъулищ,
Яги кочIол къимат хIатIикьги мерхьун,
ХIалихъе рахъарал пуэтазулищ?

БетIер унтизегIан тIад ургъаниги,
ТIубан ракI бохизе хис-басго гьечIо,
Гьидалъа Хочбарги, хирад Имамги,
АхIуд ун къанщарал наибзабиги..

Щиб нужей бицинеб, чIагоязда гъорлъ
ЧIчIеларин угьдилеб ракI бугей дица?
Мекълъигун тIекълъиялъ лъукъ — лъукъарай дир,
РагIи хутIун гьечIо, магIу гурони!