Шапакъаталда хважаин ватичIо

Машгьурав журналист, жигарав блогер БисавгIалиев МухIамадие ракI-бацIцIадаб захIматалъухъ хIукуматалъ кьураб хIалалаб шапакъат щоларого гьале лъабго лъагIел сверана.

1996 соналда тIохгIанасеб Указги бахъун, ГIабдулатIипилас Бисав лъазавун вукIана Дагъистан Республикаялъул культураялъул мустахIикъав хIалтIухъанлъун.
Ма, кIочон тараб кIарчанал чиновниказда хIурматияб цIаралда цадахъ каранда балеб гIаламат кьезе. Сундулго ургъел-агъаз гьечIев бахьикъос Бисасги квер хьвагIун тараб гьазул награда. РачI ккун букIанин жинца орден-медалазул, кодор щварал маххул гIаламатаз борлълъизе жиндир керенго гьечIин.
Амма гьеб позициялда разилъичIо Зарема Ажуевна абулей цо берцинаб-куц мухъалъул гIадан. Культураялъул министр йигила жий ва «Награда должна найти своих героев»,- илан согIго лъазабуна гьелъ. ЛъикIалан Бисавги веццун, шапакъат кьезехъин йикIана, амма лауреат вачIинчIо сценаялде. Залалдаги гьечIоан гьев.
ПалхIасил, гьанжесалалъги щвечIо шапакъат хважаинасухъе.
Щиб лъалеб, цо щуго соналдасан щвезеги бегьула.