Имам Шамил, Рамзан ва ХIабиб

РАМЗАН:

 

АхIун хIурмат гьабуна,
Иномарка дуй щвана,
Шамил дица какидал,
Кинха мун тIад рекъечIев?

ХIАБИБ:

ХIурматалъухъ баркала,
Даим кIочон теларо.
Амма машинабазухъ
Шамил дица кьоларо.

ИМАМ ШАМИЛ:

Нижер араб замана
Занабакь кьижун буго,
Рукьбузулгун кьал ах1и
БахIарчилъи кколаро.