МугIалималъул суал

Кир ругел, магIарулал? Кин ругел магIарулал?

МагIарул мацI бокьулел, МагIарулал рокьулел?
Кир ругел, магIарула? Кин ругел, магIарулал?
МацIалда чIвалеб къоно кквезениги щоларел?
Кир ругел, магIарулал? Кин ругел магIарулал?
МагIарул руччабазе кумекалъе щоларел?
Кир ругел, магIарулал? Кин ругел магIарулал?
Нуже-нужер бакIазул рахIат цIунунищ ругел?
Кир ругел ,магIарулал? Кин ругел магIарулал?
ТIу-тIун балеб жидер мацI цIунизе рачIунарел?
Кир ругел, магIарулал? Кин ругел магIарулал?
МагIарул яхI-махIалъул чанги харбал рицарал?
Кир ругел, магIарулал? Дир цIакъал магIарулал.
ЦIадулъе нижги рехун, рахчун руцIцIун чIун ругел?
Кин ругел, магIарулал? Кинида гIадин ругищ
Кинидахъ кечI ахIараб мацIги къаникье тIамун?
Кир ругел, дол бихьинал? Дол магIарул бихьинал
МагIарул руччабазул ахIи рагIулеб гьечIищ?
Кир ругел, магIарулал? ЦIакъал дир магIарулал,
ЦIакъал харбалги рицун хвезе мацIги тун чIарал?
Кир ругел, магIарулал? РахIат цIунунищ ругел?
РахIат хун ругьуназде мацI цIуниги рехун тун?
Кин ругел, магIарулал? Дир магIарул бихьинал
Кваназе ретIизе жо камичIого ругелищ?
Ратани, гьеб гIелаха, хутIараб нужее щай?
Баси хвани гьан щвела, гьоко хвани цIул щвела.