ХIоралъ берцин гьабула шагьарги

 

Гьал къоязда Гъизилюрталда цIи гьабун къачIана гIадамал тира-сверизе рахъунеб бакIалда бугеб хIор. ГIемераб заманалъ рехунги тун, чIунтун унеб букIараб гьелде кIвар буссинабуна шагьаралъул нухмалъулев Малик ПатахIовас. «Комфортная городская среда» абураб программаялде гъорлъеги бачун, жаниса бацIцIадги гьабун берцин гьабун къачIана хIор.

 

Гьеб рагьулеб къоялъ, рохалилаб данделъи тIобитIана шагьаралъ­ул хIакимзабиги гIахьаллъун. Ма­лик ПатахIовасул цIаралдаса хIор къачIазе кIудияб хIалтIи гьабурал «Шарм» ОООялъул гIуцIиялъул нухмалъулесе ва гьесул ишцоязе баркала кьуна, шагьаралъул мэра­сул заместитель Алмаз Бековас.

 

ХIор къачIалаго гIемераб къо бихьун буго гьенир хIалтIулезда. Бищун багIарарал къояз хIалтIизе ккун, гьезул цо-цоял багIариялъ та­мах гьарунцин руго. Гьанже кинаб­го захIматабщинаб нахъа хутIана. КватIичIого сверун гIурччинал гъутIбиги чIун, гIурччинлъиги бе­кьун берцин гьабизеги буго хIор.