Кьищни-къулалъ нахъеги «ахIи» бахъинабуна

МахIачхъалаялдагун Каспийскиялда бугеб кьищни-къулалъул суал гьоркьоб лъураб данделъи тIобитIана гьал къоязда, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул нухмалъулев Хизри ШихсагIидовас. Нилъер гьанир шагьаралъул бутIрул хисула, кьищнийин абуни бугелъубго хутIулин абун гIайиб гьабун кIалъана спикер.
 
ШихсагIидовас кIвар буссинабун бугин гьеб суалалдеян абураб хIужаялда хурхинабун кьолеб гьечIо нижеца гьаб баян газеталдасан. Кьищни-къулалъул гъуназул цIун ругел МахIачхъалаялъулги Каспийскиялъулги къватIал нижер щивасдаги рихьула.
 
 Цебеккун киданиги гьединаб хIалкъай букIинчIеб Каспийск шагьаралда магъакь-кIачаралъул гъунал рихьидал, караххун лъугьана гьенир гIумру гьабун ругел гIадамал.
 ГьанжелъагIан нилъерго гьаниб бугеб кьищни-къул бакIарулеб компаниялъ гьабулеб букIараб хIалтIи, МахIачхъалаялда бугеб «Лидер» компаниялъухъе кьезе щиб гIиллайин букIарабилан хъуй букIана гIадамазул.
 Гьеб компаниялъул вакиласухъе кIалъайдал, гьес абуна цохIо нужер азбаралъуб гуребги кибго бугин нахъе бакIаричIого кьищни.
 — Гьеб хъулухъ тIубалел хIал-тIухъабаз жакъа инкар гьабуна хIалтIуде рахъине. Харж дагьаб бугин чIун руго гьел. Амма ургъел ккоге, метералде нужер гьениса кинабго кьищни бакIаризе буго, — ян бицана гьес.
 Абизе ккола, хIакъикъаталдаги нахъисеб къоялъ кинабго гIала-гъважаялъул гъуни нахъе бакIарана гьез. Гьеб букIана гьаб анкьалъул байбихьуда, сентябралъул 13-14 къоял.
Парламенталъул спикерасул рагIабазда рекъон, Каспийскиялда цо-цо бакIазда нахъе жеги бакIаричIого буго рищни-къул. Жив ралъдал рагIалда ругел къватIазде щун вукIанин, бихьизе нечараб хIал бугоанин гьениб.