Лъаялъул къоги онлайн къагIидаялъищ?

1 сентябралда республикаялъул киналго школал рагьизе руго щибниги хис-баси гьечIогоян лъазабуна ДРялъул Лъай кьеялъул министерствоялъ гьал къоязда. Байрамкъоялъул дандеруссиналги цогидаб гьабулебщинабги гIадатияб куцалъ тIобитIизе буго, амма Роспотребнадзоралъул тIалабалги цIунун.
 
 
Коронавирус тIибитIиялъул хIин-къи бугеблъиги хIисабалде босун ва РФялъул президентасул тIадкъаялда рекъон, Роспотребнадзоралъ тасдикъ гьаруна лъай кьеялъул идарабазда цIали гIуцIиялъул рахъалъ цIиял тIалабал, ай санитариял нормаби.
 
 
ТIоцебесеб сентябралде школазда ва вузаздагун колледжазда гьабизе ккола «генералияб уборка». ЦIалул идараялде жанире лъугьиналде щибаб къоялъ борцине ккола дарсазде рачIунел цIалдохъабазул температура. ЦIа-кан бахун батани, цIалдохъаби школалде риччазе бегьуларо. Школалъул кIалтIа цого заманалда гIемер чи вакIарунгутIиялъул мурадалда рагьухъего рукIине ккола школалъул минаялда жанире лъугьунел киналго нуцIби (гьайгьай, щибаб нуцIихъ эхетизе ккола температура борцунел чагIиги).
 
 
 
Нижеца цебеккунги хъван букIана Роспотребнадзоралъул киналго тIалабазул хIакъалъулъ. 12 августалда РФялъул регионазде битIараб Роспотребнадзоралъул кагътида рекъон, цо дагьалъ хисизарун руго гьел. Масала, щивав цIалдохъанас маска ххезе кколаро – гьелда бан хIукму гьабизе ккола цIалдохъабазул эбел-инсуца. Амма богорукъалъул хIалтIухъабазда тIадаб буго маскабигун квердаххелал разе. Маска базе ккола учительзабазги. Жиб-жиб классалъе киналго дарсал кьезе руго цого кабинеталда, амма дарсида хасал алатал хIажалъулел ругони, гьел рачине бегьула алатал ругеб кабинеталде. Масала, химиялъул, биологиялъул, физикаялъул дарсазда опытал гьарулел ругони, гьел дарсал кьезе руго хасал кабинетазда.
 
 
Гьукъун буго классазда ва школазда гьоркьосел цадахъал тадбирал тIоритIизе. Гьукъун буго 2020 соналъул ахиралде щвезегIан гIемер чи гIахьаллъулел тадбирал гIуцIизеги. Масала, Лъаялъул къо тIобитIизе ккола щибаб классалъ батIаго ва азбаралда яги майданалда. Гьелъул гIахьалчагIазда ран рукIине ккола маскаби, хасго цIалдохъабазул эбел-инсуда.
 
 
Дарсал байбихьизе ккола радал сагIат микьгоялдаса хадуб. Факультативазул ва батIи-батIиял предметиял кружоказул дарсал кьезе руго каникулазул заманалда яги гьатIанкъояздагун байрамкъоязда.
 
 
Рехсараб кагътил ахиралда хъван буго: «Эпидемияб ахIвал-хIал хIалуцани, рикIкIадасан цIали гIуцIиялъе ресал ратизе ккола», — ян абун.