Салиги, гамачIги, гьезул нахърателги

ТIабигIиял бечелъабазда сверухъ гара-чIвари

4 августалда «Дагестанская правда» газеталъул редакциялда тIобитIана пайда бугел тIабигIиял магIданазул, гьел рахъулел ракьазда хурхун загьирлъулел гIунгутIабазул бицараб прессконференция.

Гьелда гIахьаллъана ракьулгун малмулкалъул министр АгъарахIим КъагьирхIажиев, росдал магIишаталъул министр Абзагьир ХIусенов, тIабигIиял сурсатазулгун экологиялъул министрасул заместитель Заур Римиханов, гьединго архитектураялъулгун ралел бакIазул комитеталъул нухмалъулев Незир ХIусенов.

 

 

А. КъагьирхIажиевасул рагIабазда рекъон, пресс-конференция тIобитIиялъе аслияб гIилла ккун буго ракьазулгун мал-мулкалъул суал, ай, цо категориялдаса цогидалде ра­кьал руссинарулелъул дандчIвалел захIмалъаби.

 

«Гьезул хиса-басиял гьарула­го аслияб гIунгутIилъун хутIулеб буго гIураб къадаралда документал хIадурунгутIи.

 

 

КIиабилеб гIилла, гьел доку­ментал жанире кьеялъул тартиб цIунунгутIи. Цо категориялдаса цогидалде ракьал руссинарулелъ­ул, документал, тIоцебесеб ирга­ялда, кьезе ккола республикаялъул хIукуматалде, гьениса рачIуна гьел нижехъе. Ниж (Мал-мулкалъул министерство — авт.) гьенир кко­ла операторал гIадал чагIи, ай гьел документазул букIинесеб къисмат тIубалел чагIилъун. Амма цони­ги нижехъе бачIараб гIарза, кIвар кьечIого нижеца толаро», — ян баян гьабуна министрас.

 

 

 

Салул гохIаз хьихьун чанги магIишат буго

Мал-мулкалъул нухмалъулес кьураб баянги ритIухъ гьабулаго, росдал магIишаталъул министр А. ХIусеновги лъугьана щай гьел до­кументал тасдикъ гьарулаго захIмалъаби цIикIкIунел ругелали дагьабги лъикI бичIчIизабизе. ГIемериселщинал ракьал муниципали­теталъул къайимлъиялда рукIиналъ лъугIулел рагIуларо гIунгутIаби.

 

Республикаялда ругел тIабигIиял магIданазул бицунаго гьез аслияб пикру буссинабулеб бугоан салутIе. Гьелда бан журналистаз гьикъана къанунги хвезабун, сали бахъулеб чан карьерин республикаялда буге­бан.

 

 

Официалияб куцалда тасдикъ гьа­рурал гьединал сали бахъулел бакIал гьечIин абуна тIабигIиял сурсатазул рахъалъ министрасул заместителас, ругила балъго-гIатIго, цIогьохъего сали бикъулел чагIи.

 

«Аслияб къагIидаялъ, сардилъ рахъун КамАЗалги рачун, сали бо­сун ун батула гьез. Гьединазда тIад низам цIунулел идарабаз хIалтIиги гьабулеб буго», — ян бицана З. Рими­хановас.

 

Хадув гьев лъугьана цересел сона­зде дандеккун, 2019 соналда гьеди­нал сали бахъулел бакIаз пачалихъ­алъе кьураб магъалодул бицине. Миллионал магъалаби рачIанин па­чалихъалъул казнаялдеян веццарди­зе гьев лъугьиндал, гьел тарихазул цо кIудияб санго гьабичIеб гIадин, «Илчи» газеталъул журналист лъу­гьана, балъго-гIатIго сали бахъу­лел чагIи щайин нужеца къватIир чIвазаруларел, кколарел абун.

 

 

ГьабсагIат гурищ бицараб къа­нунги хвезабун хIалтIулел гьединал карьерал республикаялда гьечIилан, тIабигIиял сурсатазул нухмалъуле­сул заместителасул баян ракIалде щвезабуна мал-мулкалъул министр А. КъагьирхIажиевас.

 

Амма гьес абураб рагIи гIадахъ босулеб гьечIоан «Илчи» газеталъ­ул вакилас: Сулахъалъул рахъалдаса сали бикъулел цIогьал рукIунила эр­кенго КамАЗазда гьеб баччулел, гье­зие гIадлу гьабулел чагIи гьечIила.

 

Ахирги гьев гIодове вуссу­нев гьечIолъи бихьидал, гьеди­нал цIогьал кквезе тIадаб хъулухъ тIубалел чагIи щалилан, тIадго вус­сун гьикъана сабру лъугIарав мал- мулкалъул нухмалъулесги. Дуе жал низам цIунулел чагIи гурин, цIогьабазе гIадлу гьездаса тIалаб гьабейилан хабар лъугIизабуна ми­нистрасги.

 

 

 

 

Документазул хачIги магIданазда хадур лъугьарал бизнесчагIиги

Архитектураялъулгун ралел бакIазул комитеталъул нухмалъулев Н. ХIусеновас цIакъ шавкъалда бицана сали бахъулеб карьералдаса пай­да босизе бокьарал бизнесчагIазда дандчIвалел квал-квалазул. Миса­лалъе, ижараялъе, ялъуни жиндирго къайимлъиялъе гьединаб карьер бо­сизелъун документал хIадуризе лъу­гьани, гьес (бизнесчияс) бала лъаб­го моцIидаса бахъараб лъагIалиде щвезегIан мех.

«Аниса гъове витIун, гъоваса дове витIун, гьобо сверухъе горсверутIа вукIуна гьев векерулев. ГIилла добго доб, гьел ракьал му­ниципалитеталъул къайимлъиялда рукIин. Гьеб суал роцIцIинабизелъун цадахъ рекъон хIалтIизе бай­бихьун буго жакъа гьанир гIодор чIун ругел ункъабго идараялъ­ул вакилзабаз», — ин бицана Н. ХIусеновас.

 

 

 

 

Рекьулел ракьазда квер

хъвазе гьечIо

ТIабигIиял магIданал жаниса рахъулел ракьазул мухIканаб къадар жидехъ гьечIин бицана тIабигIиял сурсатазул министрасул замести­тель Заур Римихановас.

Амма республикаялда тIад бан ралел бакIазул бизнес цебетIолеб букIаниги, сали бахъулел карьера­зул мукъсанлъи гьечIин, жеги квер хъвачIел салул нахърателалги руги­лан тIадежубана гьес.

Ракьазулгун мал-мулкалъул министр АгъарахIим КъагьирхIажиевасул рагIабазда рекъон, росдал магIишаталъе пайдаяб бачIин кьолел ракьазда квер хъвазе гьечIо гьезул категориялъул хиса-басиял гьару­лаго. Мисалалъе, лъикIал цIолбол ахал, лъарагIлъиялда ролъул хур­зал ва гьел гурелги нигIматал ре­кьизе бегьулел бакIал, тIабигIиял магIданазе гIоло хвезаризе бегьула­рин абуна гьес.

Къокъ гьабун бицани, гьеди­наб букIана ункъо министерствоялъул вакилзабаз ахIараб пресс- конференциялъул хIасил. Нужеца суалал кьейин, гьанир жакъа рорху­лел хIужаби цIакъ кIвар бугел жал кколилан бичIчIизабулебги бугоан гьез информалатазул вакилзабазда. Амма журналистазул киналго суа­лазе гуро гьезухъа чIванкъотIараб жаваб щвараб.