ГIорхъаби рагьаниги, гIорхъичIваял хутIана

15 июналдаса байбихьун республикаялда гIорхъичIваялъул низам дагь-дагьккун нахъе бахъизе байбихьана. Амма ахIвал-хIал хIалуцани, гьеб хIукму хисизабизе бугин, гьединлъидал гIорхъичIваялъул низам бигьа гьаби заманаялъе гьабураб тадбирлъунги ккезе рес бугин лъа­забуна гьал къоязда республикаялъул «Роспотребнадзоралъ».

 

ТIоцебесеб иргаялда, хIалтIизе риччана парикмахерскиял, ретIел чурулел бакIал, хIамамал, батIи-батIияб къайи-цIа бичулел тукаби ва гьел гурел цогидалги бакIал.

 

Гьединго шагьаралъул ахикье тира-сверизе ва ралъдахъе инеги риччана гIадамал.

Карантиналъул тIоцебесеб бутIа нахъе бахъун хадуб шагьаралда букIараб ахIвал-хIалалда хадуб хал ккуна нижеца.

 

Бице, Каспиялъул карачалаби…

Радалго ралъдахъе гIезегIан чи вугоан вакIарун. Чвердезе гIащикълъун рукIарал лъималазул разияб релъи-хъуй букIана, цоцаде лъим чвалхи гьабулел цIикIкIаразул чвердолел чагIи гIемер рукIинчIо.

 

-Ралъдахъе тира-сверизе рич­чаниги, чвердезе жеги бегьуларин, гьукъа-къаял лъазарун ругин абу­леб буго гьаниб, -илан бицана ка­рачалабазухъ балагьун, пикрабазда йикIарай цо гIолохъанчIужуялъ. «Роспотребнадзоралъ» гьукъун буго гьеб. Гьезни щибаб соналъ гьабула гьедин. Амма, ралъдахъе риччан хадуб, чвердечIого нилъер гIадамал киса чIолел?

 

 

Полициялъул хIалтIухъабиги рукIана, мугъалда нахъе кверал­ги ккун, мухIканго ралъдахъе рачIунел унел гIадамазул хIисаб гьабулел.

 

Республикаялъул Миллияб библиотекаялда цебе бугеб ша­урма бичулеб бакIалда цебеги лъикIаланго читIир бугоан гьеб бо­сизе иргаялда чIаразул.

 

 

— КигIан лъикIха ккараб нуж хIалтIулел рати, битIахъе, урхъун йикIана гьаб кIиябго моцIгун бащ­далъ нужер шаурмаялъухъ, -илан йохун йигоан цо гIадан.

 

Гьениб аскIобго, кванил нигIматал ричулеб тукада, кIудияб чIаголъи букIинчIо.

 

Карантин лъазабун букIаниги, жидер тукен сордо-къоялъ чIечIого хIалтIулеб букIанин бицана йича­рухъаналъ: «ГIорхъичIваялъул ни­зам нахъе бахъаниги, дида гьелъул цо лъалеб батIалъиго халлъичIо», -ян абуна гьелъ.

 

 

 

Аттестаталда хадув

 

Школалъул библиотекаялде тIахьалги нахъе кьун вачIунев МахIачхъалаялдаса Амирица гьадин бицана гIорхъичIваял дагь гьари­ялъ жиндиего гьабураб асаралъул:

 

— КIиго моцIгун бащдаб заманал­да жакъа гурони дун шагьаралде вахъун вукIинчIо. ЦIалул тIахьал нахъе кьезе ун вукIана школалде. Гьел тIад руссинаричIони, атте­статал кьезе гьечIин лъазабуна школалъул нухмалъиялъ. Метер-се­зе щвезе ккола гьебги.

 

 

Карантиналъул низам хвезабичIого, чIахIияз малъарабги гьабун, рокъов вукIана дун. ТIахьал цIалун, теле­визоралъухъ валагьун. Дидаго тIад хIалтIун инабуна заман. Цебе дирго квер щолеб букIинчIеб, нахъе тIамун букIараб чанги жоялъе заман батизе кIвана. Чан пайдаяб тIехь букIун бу­геб дица цIаличIого тун, -ан.

 

 

Парикмахерскиялгун кафеял…

 

Каспийскиялда бугеб парикма­херскиязул цоялда гIадамал къабул гьаризе байбихьун бугоан 16 ию­налда.

 

Жакъаго-жакъа яхъанин жий хIалтIудеян бицана гьелъул хважа­ин Зумрутица.

 

 

— Цо, ялъуни кIиго чи гуро­ни жанир рукIине бегьуларилан шартIалги лъун ругин хабарги щва­на дихъе. Хал гьабулел чагIи ругин терелел, цIодорго йикIайилан ахIун бачIана ишцоялъ.

 

Жанире рачIунел гIадамал гьур­мада маскаги ххун рачIине кколел руго. Дица гIадамал къабул гьа­рулел руго цебеккунго гьабураб хъвай-хъвагIаялда рекъон. Къойида жаниб чан чи къабул гьавизе бегьу­лебали чIезабураб гIорхъи гьечIо, амма гьадинал гIорхъичIваяз хIалтIуе квалквал гьабичIого хутIуларо. ХIалтIуде рахъине изну кьун хадубги гьел шартIал сундуе лъолел жалали бичIчIуларо. Гьаб кIиго моцIгун бащдалда жаниб дие щолеб хайиралъе кIудияб заралги ккана, -ян бицана Зумрутица.

 

Квана-гьекъезе гIадамал рачIунеб ашбазалда жанив гIадан-чиго гьечIоан.

 

«Дуца кинаб тIагIамалъе заказ кьун букIараб?» -илан гьикъана, дун жаниве щун вахъиналде, гье­ний хIалтIулей гIолохъанай ясалъ.

 

Гьабураб квен гьез, къватIибе кьун гурони, ашбазалда жаниб кваназе толеб гьечIоан. Балагьа­раб мехалда, гьелъ батIаго квешаб хIасилги кьолеб гьечIилан тана, гIадамазул ахIиял къабул гьаризе гурого, цогидаб жоялде регIулеб хIал гьечIоан гьезул.

 

 

Нухалги мехалги

 

Гъизилюрталдаса МахIачхъалаялде къваригIелалъ вачIарав Муцалаулалдаса ГIамирхан рази гьечIоан транспорталъул рахъалъ бугеб ахIвал-хIалалдаса.

 

— Гъизилюрталдеги гьаниреги хьвадулел электричкабазе щибни­ги гьукъа-къай бихьизабун гьечIо, маршруткаби абуни, эркенго хьва­дизе риччалел гьечIо. Дорасан све­рун, гьанисан кIкIуржун, чанго све­ралабазда гьоркьосан нух балагьизе кколеб буго гьез МахIачхъалаялде рорчIизе. ГIорхъичIваялъул низам бигьа гьабураб мехалъниги бегьула­рищ гьел цере рукIараб куцалъ хьва­дизе? -ян къваридго вугоан гьев.

 

 

Гьеб параялъ сасги бахъун, телефоналде балагьидал, рихьа­на: «Рохел бицанин щиб кьелеб? МахIачхъалаялъул аслияб мажги­талде эркенго ине рес буго», ват­сапалдасан хъвадарулел ругоан гIолохъабазул сообщениял.

 

Рузманалде ине гьанже щибго кIвекIен гьечIолъиялдаса рохун ру­гоан гьел.