Халкъалъул вакилзабиги демократияги

Жакъа гIадин ракIалда буго, араб гIасруялъул лъабкъоабилел соназда росдал советалде депутатал рищула­го, избирателазда цIехолеб букIана щибаб округалдаса депутатлъиялде кандидатасе кинаб тIадкъай бугеби­лан ва гIадамаз, хIажалъи бихьун, за­гьир гьарулаан тIуразе кколел масъ­алаби. Гьединабго хIал букIунаан райсоветалде ва республикаялъул Верховный Советалде депутатал ри­щулаго, гьел избирателалгун дандчIвалаан.

 

Лъабкъоялда анцIабилел соназда Дагъистаналъул Верховный Со­веталде кандидатлъун вищула Мокъокъиве (гьениб букIана округ) щварав сахлъи цIуниялъул министр­лъун вукIарав Къураев Наби. Гьеб заманалда росабалъ медпунктазда рукIинчIо фельдшерал ва депутата­сул кумекалдалъун чанго гIолилав цIализе восана медучилищеялде. Жакъаги гьезда абула Къураевасул кумекалдалъун лъай щварал специ­алисталилан.

 

ГIаммаб транспорталъул бугеб захIматаб хIалги хIисабалде босун, кандидатасе тIадкъай кьуна марш­руталъулаб такси хьвадиялъе кумек гьабеян. Анкьил болжалалда щвана БежтIа-Мокъокъ маршруталда хьва­дизе УАЗ-буханка, амма гIадамазул рохел къокъаб батана – моцI инал­дего, райисполкомалъ хIукмуги гьа­бун, такси кьуна райбольницаялъухъе.

СССРалъул Верховный Сове­талде депутатал рищулагоги, кан­дидатал щолаан избирателазухъе. Гьедин Мокъокъиве щвана обко­малъул тIоцевесев секретарь Юсупов МухIамад. Гьесда цадахъ вукIана «БагIараб байрахъ» газеталъул бетIерав редактор ГIарипов ХIажиги. Хиса-басиял ккун хадусел соназда­ги, избирателазул тIадкъаялда рекъ­он, халкъалъул вакилзабаз гьабула­ан гIемераб хIалтIи. СМИялда кьун букIана баян, Сергохъала районалъул Ванашимахи росулъе избирате­лазул тIадкъаялда рекъон ва депута­тасул кумекалдалъун, 180 миллион гъурущги хвезабун, лъим бахъани­лан.

 

Чанго нухалда газетазда букIана ва жеги дарслъун цогидазе букIине мустахIикъаблъун букIина Гроз­ныялдаса территориалияб избира­телазул анлъабилеб округалдаса СССРалъул Верховный Советалъул депутат, СССРалъул генералияв про­курор Александр Сухаревас Мокъ­окъ росдада аскIоб гьитIинаб ГЭС баялъул хIакъалъулъ хъвараб жаваб.

Законищ хисун бугебали лъа­ларо, цересел соназда сессиязда гIенеккулаан депутатазухъ, избира­телазул тIадкъаял кин тIуразарулел ругелали, букIана депутат нахъе ахIиялъул пунктги.

Демократия байбихьарал соназда, нухмалъулел рищулел рукIана, кигIан гьитIинаб коллектив буго­ниги. Цо школалда, коллективалда­ги цIехечIого, ОНОялъ буюрухъги хъван, тун вукIана директор, амма коллективалъ къабулги гьавичIого, кIиго-лъабго къоялъ гьабуна заба­стовка ва нухмалъи хIажатаблъун ккана коллективалъухъ гIенеккизе. Амма кидаго гуро демократияги битIараблъун рикIкIине кколеб – ка­муларо гIагарлъи хIисабалде босу­леб, ишалде унесул бажари-махщел бугищали халги гьабичIого. АнцIила щугогIан чи хIалтIулеб цо коллек­тивалда вищизе кколаан цIияв нух­малъулев. ХIасил, тIадегIанаб лъай бугев кандидатги тун, вищула гIага-божарал цIикIкIун ругев гьоркьохъеб лъай бугев чи.

 

Россиялъул Конституциялда хи­са-басиял гьарулагоги, лъикIаб букIинаан депутатазул хIакъалъулъ рехсараб пунктги бихьизабуни.