Республикаялъул гIумру

ТIоцебесеб бакIалда — инсанасул ихтиярал

 

19-23 февралалда республикаялде рачIун рукIана Россиялъул Президентасда цебе бугеб
ЖамгIият цебетIеялъул ва инсанасул ихтиярал цIуниялъул советалъул гIахьалчагIи

Россиялъул Президентасда цебе бугеб жамгIият цебетIеялъул ва инсанасул ихтиярал цIуниялъул Советалъул хIалтIухъабазул аслияб масъала букIана ахираб заманалда Дагъис­таналда бикъа-хъамиялде, коррупциялде данде гьабулеб хIалтIул бугеб хIалалъул халгьаби. Гьезие нухмалъи гьабулеб букIана гьеб Советалъул председатель Михаил Федотовас.
Пачалихъиял идарабаздаги жамгIиял гIуцIабаздаги гьоркьоб бугеб гъункиялда, цоцада ричIчIиялда бараб буго республикаялда инсанасе парахатаб, талихIаб гIумру гьабизе ва хIалтIизе санагIатал шартIал чIезари. Гьезул бухьен лъи­кIаб гьечIолъиялъ квалквал гьабула церелъурал масъалаби тIуразаризеги гIадамасул социалияб гьумер берцинго цIуниялъеги. Гьебго мурадалда нилъе­р рес­публикаялъул бетIерасда цебеги гIу­цIун буго гьединабго Совет.
Аэропорталде рещтIаралго, гьалбадерица сапар бухьана Гъизляр шагьаралде. Гьенир рукъулел рукIана цебесеб къоялъ террористасул квердасан хварал руччаби. М.Федотовасги, М. Шевченкоцаги ва гьезда цадахъ рукIаразги зигара бана хваразул гIагарлъиялда.
Гьалбадерица гIадамал тIаде къабул гьаруна МахIачхъалаялда, Каспийскалда, Гъизилюрталда, Буйнакскалда, Дербенталда, Хасавюрталда. Лъабго къоялда жанир гьел гIенеккана 1260 дагъистаниясухъ. Гьел щвана республикаялъул аслиял, халкъалъул мурадал тIуразариялда жидер хIалтIи бухьарал министерствабаздеги, МахIач­хъа­лаялда, Хасавюрталда ругел туснахъаздеги.
Аслияб куцалда гIарзал рукIана Жанисел ишазул министерствоялъ, полициялъ, судияз жидерго хIалтIулъ риччалел ругел гIунгутIабазда, гъалатIазда, ритIухъи гьечIолъиялда тIасан.
Советалъул членаз бихьизабуна Дагъистаналда хIаталдаса ун гIемерлъун рукIин ракьул суалазда сверухъ ракку­лел дагIбаби. Гьеб рахъалъ гIей гье­чIеблъун бихьизабуна республикаялъул Буголъиялъул ва ракьазул сурсатаздаса пайда босиялъул министерствоялъул хIалтIиги, кIварбуссинабуна гьенир ругел гIунгутIабаздеги.
ГIажаиблъи гьабизе бачIана туснахъалде ккарал 30 сониде рахинчIел гIолохъанал ясазул пикру гьабидал. Гьезда гьоркьор ругоан чи чIваралги, наркотикал хIалтIизаруралги, гьел ричулел ратаралги. Гьезухъ балагьараб мехалда, ракIалде кколеб букIана гьезда тIубанго гIайиб батизе гьечIилан. Гьезие тарбия кьурал эбел-инсуда, гьел куцараб школалъул нухмалъулезда лъицаниги щибниги абулеб гьечIо. Гьелъ бицунеб буго нилъер жамгIияб рокъобе кIудияб къварилъи рещтIун букIиналъулги гьелдехун нилъеца дагьабгIаги кIварбу­ссинабулеб гьечIолъиялъулги.
ГIадамазулгун рукIарал дандчIваязда цеберехун бихьулеб букIана инсанасул ихтиярал цIуниялъулъ, гьезул мурадал тIуразариялъулъ нилъер республикаялъул гIуцIабазул ва бакIазда ругел нухмалъулезул хIалтIулъ кIудиял гIунгутIаби рукIин ва гIадамасул мурад тIубазе гьенир хIалтIулезул гъира гьечIолъи. Гьез рази гьечIолъи загьир гьабуна МахIачхъала ва Каспийск шагьаразул нухмалъулезул хIалтIудаса. Аслиял суалазул цояблъун кколеб буго гIолилазе хIалтIизе бакIал гьечIолъи. ХIакимзабаз жидерго гIагаразе гурони гьеб рахъалъ гьабулеб хIалтIи гьечIолъиялдаса, къватIазул бугеб квешаб хIалалдаса рази гьечIолъи бихьизабун, кIалъана Каспийск шагьаралда гIумру гьабун ругел гIолилал.
Гьалбадерил гIахьаллъигун ва тIаде Дагъистаналъул жамгIиял хIа­ра­катчагIиги къабул гьарун, батIи-батIиял суалалги гьоркьор лъун, МахIачхъалаялда тIобитIана щуго «гургинаб стол». Республикаялда гьединго тIобитIана Россиялъул Президентасда цебе бугеб жамгIият цебетIеялъул ва инсанасул ихтиярал цIуниялъул Советалъулги Дагъистаналъул бетIерасда цебе гIуцIараб гьединабго Советалъулги цадахъаб данделъи.
Россиялъул Президентасда цебе бугеб жамгIият цебетIеялъул ва инсанасул ихтиярал цIуниялъул Советалъул членаз рагIи кьуна тIатарал гIунгутIабазул хIакъалъулъ гъваридго пикруги загьир гьабун, гьел тIагIинаризе гIоло республикаялъул нухмалъулезе кумек гьабизе ва федералиял гIуцIабазул гIайибалдалъун тIурачIого ратарал гIадамазул гIарзалги суалалги гIумруялде рахъинариялъе кумек гьабизе.
Зикрула Илясов,
Дагъистаналъул бетIерасда цебе бугеб жамгIият цебетIеялъул ва инсанасул ихтиярал цIуниялъул
Советалъул председатель