ГIумруялъе хIинкъигун къеркьолел руго тохтурзаби

Инсанасул сахлъи цIуниялъул фронталда тушманаб коронавируса- лъулгун цебесеб кьерда рагъ балеб буго жакъа тохтурас.

 

Тохтурасул махщел ккола бахIарчилъиян абулаан машгьурав хъвада­рухъан ва тохтур Антон Чеховас.

«Тохтурасул махщелалъе кидаго хIажатаб буго пикрабазулги рекIелги бацIцIалъи. Тохтур вукIине ккола гIакъилавлъун, рухIияб рахъалъ вацIцIадавлъун ва къамартIавлъун», — илан абуна гьес.

 

 

Коронавирусалъул пандемиялъул квачIикье ккана БежтIа участока- лъул росабиги. Гьелъ кьучIдасанго хисизабуна халкъалъул гIумру. Хас­го захIмалъана участкаялъул цен­тралияб больницаялъул тохтурза­базул хIалтIи. Макьуги, хIалхьиги, хъизам-рукъги кIоченабуна гьезда, росдал больницаялде рачIунел ун­тарал гIемерлъиялъ. ТIаса бищараб пишаялъе ритIухълъиги цIунун, намус бацIцIадго хIалтIулел руго гьенир жакъа къоялъул бахIарзал: СагIдула Сомоев, Зарема Хали­лова, Мадина МухIамадова, Па­туллагь МухIамадов, Нажму­дин ГIабдулатIипов, МухIамад ГIабдулмажидов, ХIусен Ди­биров, ГIали ШайхмухIамадов, Наида КъурбангIалиева, Аида ГIабдурахIманова, ПатIимат Къе­бедова, Эсмира Нукъушева, Эльми­ра Юсупова ва гIемерал цогидалги. Руго гьезда гьоркьор гIемерсонилаб хIалбихьи бугелги гIолохъаналги. Ригьалъухъ ва хIалтIул соназухъ балагьичIого, ракIунтун тIубазабула гьез жидеда тIадаб иш.

Гьел хIалтIулел руго сваканин, чIалгIанин, рокъор ругел масъа­лабиги тIуразаризе кколин абун зигардичIого. БатIайиса букIине рес­ги гьечIо. Гьезул махщалида, бажа­риялда ва заманалда кумек гьабизе рортиялда бараб буго ракьцоязул, росуцоязул гIумру.

 

 

У, бигьаго гьечIо. ЗахIмалъаби гIемер руго. Буго тохтурзабазул­ги гIумруялъе хIинкъи. Рагъда­го гIадин, больницаялдаги жакъа хIажат буго къвакIи, къохIехьей, кьварараб низам цIуни. Ва гьеб ки­набго загьирлъулеб буго COVID-19 абураб балагьгун къеркьолел тох­турзабазулъ.

ЗахIматаб заманалда больни­цаялъе нухмалъи гьабулеб буго гIолохъанав тохтур, бетIерав тох­турасул ишал тIуралев ГIали ГIабдулмажидовас. Гьесухъа бажа­рана хIалтIи мухIканаб тартибалда гIуцIизе ва больницаялъе хIажатал алаталгун дараби чIезаризе.

 

 

Гьабун букIана росуцоязде хитIабги – рокъоса къватIире рахъ­унгеян, больницаялъе кумек гьабе­ян. Ругелщинал ресаздаса пайдаги босун, ГIалихъа бажарана унтаразул къадар дагьлъиялъе шартIал гIуцIизе. ЛъикIал шартIал гIуцIана гьес боль­ницаялъул хIалтIухъабазул сахлъи цIуниялъеги.

Тохтурзабаздаса хIалуцин бахъи­ялъулги нилъерго сахлъигун гIумру цIуниялъулги мурадалда тадбирал гьаризе ккола щивав чияс.

 

 

Щибниги захIматаб жо тIалаб гьа­булеб гьечIо нилъедасан – гIицIго рокъор рукIин гурони. Рокъоб рацIцIалъи чIезабиги, къватIиса рокъоре щведал, кверал чуриги. Цадахъ лъугьун дандечIун гуро­ни, дунялалдаго тIибитIараб унти тIагIинабизе бажаруларо.