МоцIидасан гьаб унти танкилилан хьул буго…

Коронавирусалда хурхун бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ

бицунеб буго Дагъистан бахун къватIирехун ругел магIарулаз

Коронавирусалда хурхун бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ

бицунеб буго Дагъистан бахун къватIирехун ругел магIарулаз

 

 

Асият Ризванова, блогер (США)

Коронавирусалда бан Америкаялъул штатазда ахIвал-хIал батIи-батIияб буго. Руго тIуранго жанире нухал къарал штаталги. Масала, Калифорния.

Дагьал гьечIо эркенго тарал штаталги. ЦIакъго хIажалъи ккун гурони, рокъоса къватIире рахъине изну гьечIо. Гьаниб унго-унгояб цIодорлъи гьабулеб буго. Школалги вузалги хIалтIулел руго дистанциялъулаб къагIидаялда.

Гьеб заманалда жаниб хIукуматалъ хIалтIи гьечIого хутIарал гIадамазе 1200 доллар, щибаб лъимералъе 500 доллар кьезе бихьизабун буго. Гьеб ккола лъагIалида жаниб жидер хайир 150 азарго долларалде бахунарел хъизаназе кьолеб гIарац.

Гьаниб щивав чиясухъа, страховкаги гьечIого, чIобого босула коронавирус загьир гьабулеб анализ.

Нижеца гIумру гьабулеб буго ижараялъе росарал минабахъ. Гьезул тIалаб гьабула цо компаниялъ. Араб моцIалъ гьелъ лъихъаниги коммуналиял хъулухъазухъ гIарац босичIо. Гьебин абуни, нижее кIудияб кумек буго. Щибаб хъизамалъ цебе моцIрое 150-180 доллар кьезе кколаан.

Шагьабудин Озден, жамгIияв хIаракатчи (Турция)

Цин 12 марталда ункъо-щуго чи хвана гьанив гьеб унтуца. Хадуб къойидаса къойиде байбихьана гьезул къадар цIикIкIине. 31 марталдехун хвана 243 чи.

ТIоцебе гьаб унти байбихьидал, гIемер квалквал букIинчIо. Гьанже 65 соналдаса тIадехун ригь бугел гIадамал къватIире рахъине гьукъун буго.

ХIалтIулел бакIал гIемерисел къан руго. Машинаби, гуми, самолетал чIун руго. КъватIире рахъарал гIадамазул, унти бугищали, цIа-кан борцуна.

Гьаниб магIарулазул, дагъистаниязул хварав чи вугилан рагIичIо. Цо моцIидасан гьаб унти танкилилан абураб бугоха хабар.

Райгьанат Мухтарова, гостиницаялъул хIалтIухъан (Франция)

Карантин лъугIизегIан, рокъо-рокъор чIун руго гIадамал. КъватIире рахъине бегьула гIицIго кванил нигIматазда хадур тукаде, дараби росизе аптекаялде, дагьабго заманалъ гьой тира-сверизабизе. Амма кодоб букIине кола нилъерго цIаралги, адресги, рокъоса къватIиве вахъараб заманги хъвараб кагъат. Гьеб низам хвезабуни, 200 долларалъул гIакIа къотIула. Карантин

гIад-хочI гьабулев, гьелъул сан гьабиларин лъугьарав чи лъагIалица туснахъ гьавизецин рес буго.

ХIалтIиги рехун тун рокъор чIезе ккарал чагIазе гьезул харжал рецIула: 30 процент — пачалихъалъ, хутIараб – хIалтIулеб бакIалъул хважаинас.

ТалихIалъ, дир сверухълъиялда ругел чагIазда гьоркьов цониги гьечIо гьеб вирусалъ унтарав чи.

Кин батаниги, гьеб буго цIакъ нилъеца цIодорлъи гьабизе ккараб иш. Гьединлъидал, рокъоса къватIире рахъинчIого чIун лъикI. Карантин цIунизе ккола, гьеб гIадада лъазабураб жо гуро.

 

Марям, (Египет)

Даимго хъудулеб Египеталъул тахшагьар Каир гIажаибго буго гьал къояз. Гьениб дица бараб 26 соналда жаниб, гIицIго гьанже рагIизе лъугьана хIанчIазул хIайранал бакънал.

Нижер гьаниб карантин лъуралдаса кIиго анкьниги буго. Къад щуго тIубазегIан гурони изну гьечIо тукабазде, аптекабазде ине. Амма, маскаби гIолел гьечIолъиялъ, гIемерисел гьелги ххечIого хьвадула.

Лъималазги цIали гьанже рокъобго гьабула. Амма тренировкабазде хьвадун ругьунал дир васазе дагьаб захIмат бугоха къватIире рахъинчIого чIезе.

Гьединлъидал росас гьезие рокъоб гьабуна гьитIинаб спортзал гIадаб бакI.

Карантиналъул заманалда къойилгогIадин нилъерго магIарул квен гьабула. Гьединго гьабула якьад-вакьадас малъараб гIарабазул квенги. Дир рос гIарабав вуго.

Какалги гIадамаз, мажгитазде инчIого, рокъорго ралел руго.

Дир бухьен буго Дагъистаналдаса рачIарал руччабазулгун. Гьезда гьоркьов унтарав чи гьечIо.

 

Александра Гармажапова, журналист (Чехия)

Чехиялда гIумру гьабулел гIадамаз гьеб коронавирус рикIкIуна унго-унголъунги инсанияталъе хIинкъи бугеб унтилъун.

ТIоцебесеб кIиго анкьалъ Прагаялда гIадамал кутакаб гIадлу-низамалда рукIана: къанагIатги вихьулароан къватIиве вахъарав чи, нагагь рахъаниги, тIад маскабиги ххун гурони рахъунароан. Законалда рекъон, маска ххезе ккола. Гьеб босизе щвечIони яги букъизе бажаричIони, шарфниги жемизе ккола гьурмада.

Амма, зама-заманалда къватIир свердулел рукIунел дир гьудулзабаз бицухъе, маскаби ххечIогоги хьвадулел рагIула шагьаралда гIадамал. ЧIалгIун ратилаха гьезда маскаби. Дунни кидаго рокъой йикIуна ахираб заманалда.

КъанагIат гурони тукадецин унаро. КъватIиб полицияги бихьуларин бицуна гьалмагъзабаз. Амма дида лъалей цо ясалъ хъвалеб бугоан, эркенго хIухьел цIазелъун, жинца маска дагьаб гIодобе цIайдал, хъата-масан жиндир хьолбохъ эхетанила полиция.

ТалихIалъ, гIакIа къотIулеб гьечIо гьез, малъа-хъваял гьарун гурони.

Тукабазде рачIарал гIадамазги, цересел анкьаз гIадин, цоцазда гьоркьоб 1,5-2 метралъул манзил толеб гьечIоан. Амма Лондоналда, Нью-Йоркалда, Берлиналда гIадаб, къайиялъе гIоло дагIба-къец гьаниб букIинчIо.

Чехия жиндир заманалда хIадурлъана гьеб унтуда данде чIезе. Дармилгун рекIелгъеялъул бакIал, фитнесс-клубал къана, киналго тIамуна маскаби ххезе, метроялда жанир дезинфекторал лъуна. Гьединлъидал Европаялъул цогидал улкабазде дандеккун, гьанир унтарал дагь руго.

Амма кватIичIого гьаниб баккизе буго цойги масъала-туристазул къадар гIодобеккей. Аслияб куцалда туристаздалъун бетIербахъи бугеб бакIлъидал гьаб, церехун рехсаралщинал бакIалги къан, даранчагIазе кутакалда зарал ккана.