Эбел тIаде щолел къоял рикIкIине календарь гьабун букIана

Гъизилюрт районалда гIумру гьабулей ПатIиматил ясалъул ясал Багъдадалъул туснахъалдаса Дагъистаналде тIадруссаралдаса лъагIел сверана. КIудияй ясалъул буго 13 сон, гьитIиналъул – 7 сон.

 

Ясазул эбел гьебго туснахъалда, ГIиракъалда йиго. Гьезул хъизан (росги, лъабго ясги, цо васги) Сириялде ун руго 2014 соналда. Цадахъго ун буго гьитIинай яцалъул хъизанги (лъабавго васги росги). Гьей гьабсагIаталда Сириялда, Ал-Хол  абулеб лагералда йиго. КIиязулго росалги чIаго гьечIо.  
Гьезул къисмат кин ккарабали бицунеб буго ПатIиматилгун букIараб нижер гара-чIвариялда.
 
— ПатIимат, Сириялде арал цо-цоязул гIагарлъиялъ бицуна мугжул халатал яги ретIа-къай салафиязул гIадаб бугинги абун, жидер лъимал закон цIунулел идарабазул хIалтIухъабаз рахIаталда толарилан. Мадугьалихъцин закон хвезабураб цониги хIужа ккани, хъата-масан гьезухъе рачIунаанин. Гьеб чIалгIунги анила гьел доре…
— Валлагь, нижер лъималазул гьединаб жо букIинчIо. Дида лъала гьел дуца рехсарал гIадал хIужабиги. Амма нижехъе полициялъул хIалтIухъаби рачIунго рукIинчIо. Мадугьалихъ КТО тIобитIулеб мехалдаги, нижехъе щивго ваккичIо. Гьеле гьединлъидалин гьикъараб дица лъималаздаги лъица толарого, лъикьа тIурулел нуж ругелилан, гIилланиги щибилан.
Нижер кIудияй яс кутакалда лъикIай йикIана школалда цIализе. Гьелъул учительницаялъ гьанжеги абула, дуца хадуйккунги цIализе йиччан йикIарайани, Сириялде инчIого чIезецин бегьулаанин гьей. Амма дида лъалей гIаданалъул цохIо йигей ясги анаха дое. Щуйилазда университетги лъугIун буго гьелъул. Дубаялде ине йигилан эбелалъе гьересиги бицун буго.  
 
Росабаз рачун анаха нижер ясал доре.
Рукъалде индал, дица ясазда лъазабун букIана гъоркье кIанцIеян абуниги, росаc абураб гьабизе кколин. Гьединлъидал, эбел-эменги жалго тун, нуж гIорхъи бахун къватIире щай унелин дун гаргазе лъугьиндал, ясаз дида доб дир малъа-хъвай ракIалде щвезабуна.
 
ЧIикIаса КIудиясухъеги хьвадулел, тIарикъаталъул нухдасанги унел лъимал рукIана дир. Хасго мунагьал чураяв дир вас вукIана кутакалда тIарикъат ккурав чи. Чанго соналдасан цояв дурц лъугьана диналда тIасан къацандизе, ричIчIуларел суалал кьезе. Гьеб мехалда дагIба-рагIиги кколаан дир васасдаги гьесдаги гьоркьоб. Сордо бащалъизегIанги, лъугIулароан гьезул хабар. Мунагьал чураяв КъурамухIамад-хIажи Рамазановасухъецин ун рукIана гьел, щаклъи ккараб жо цIехезе. 
Гьел данделъун г1емер заман иналде, нижеца яс нахъецин ячун йикIана. Дурцас гIемерал гьукъа-къаял гьаризе лъугьун рукIун ругоха гьелъие. Цо вас гурони вукIинчIо гьеб мехалда гьезул. Цинги цIаларав чияс абуна юха-кьабулейги гьечIелъул, яс росасухъе йитIейила, гурони гьезул васасул бесдалав гьавизехъин вугила нужеца. 
 
Гьедин ана гьел Сириялде… 
Дир кIудияй яс гьабсагIаталда Багъдадалъул туснахъалда йиго. Гьелъул кIияйго ясги гьениса рачун рачIана. Гьезул лъабабилей яс лезгиясда росасда йикIана. Гьел кIиялго кир ругелали лъаларо. 
15 сон барав гьезул вас, Абу-Кемалалда мадраса цIунун вукIарав чи, бомбаги щун, чIвана. ГьитIинай ясалъул васги Багузаялда тIагIана. ЧIаго вугищ гьев, гьечIищали лъаларо. Гьей жийго Ал-Холалда лагералде ккаралдаса кIиго лъагIел сверана. Гьенив хутIарав гьелъул кIиявго васги Дагъистаналде тIадвуссине рес буго. ПатIимат дагьалъ цее ДНКялъе бидул анализ кьезе ахIун йикIана МахIачхъалаялде. 
 
— Гьел ясал гьанире кинаб хIалалда рачIарал?
— Валлагь, гьел кутакалда загIипго яги рихха-хочун ратилин хIинкъун йикIана дун. Амма, машаАллагь, гIезегIан лъикI, сабурго ругоан. Цониги нухалда гриппалъги унтичIо. Къойилго Къуръанги цIалула гьез. ГIурусалъги нижерго, цIунтIадерил, мацIалдаги кIалъала гьел. ГIурус мацI щайин нужее, нилъерабго бицейин махсара гьабула дица. ЦIунтIадерил мацI кибниги къваригIунеб батичIилан жаваб кьола гьез. Амма кин букIаниги, рагъ бугелъуса рачIарал ясал ругелъул, дагьа-макъаб гIамал хисичIогоги хутIилищха гьезул. Хехго ракI къварилъун лъугьуна. 
 
— Психологал рачIунищ гьезухъе?
— РачIуна. БатIи-батIиял жалазул суратал рахъизе тIамула гьез ясал, гьезулгун гара-чIвари гьабула. Сахлъиялъул халгьабизе «Солнечный берег» лагералде, тохтурзабазухъеги ритIун рукIана.
Гьединго социалияб хъулухъалъ гIарацги кьун, рииялъ учительницаги хьвадана нижехъе, кIудияй ясалда дарсал малъизе. Къуръан цIализе гурони, батIияб жо лъалеб букIинчIелъулха гьелда. Гьединлъидал гьей жиндасаго гьитIинал лъималазул классалде ячана цIализе. 
Гьанже подклассалде хьвадулей гьитIинай ясги йиго.  
 
ГIарабалъ жидерго букIараб гIумруги ракIалде щолеб батиларищха гьезда…
— Кваналелщинахъе эбелги ракIалде щун, байбихьуда цIакъго къварилъахъдулаан гьел – жал гьанир тIагIамаб кванда нахъа ругила, жидер баба абуни доя туснахъалда йигила якъуца холей. Жал берцинаб бусада регун ругила, жидер эбел абуни чIарбида йигила. 
Жиндиего кьураб квен гьелъ гьал ясазе кьолеб букIун буго, якъун жийгоги чIун. 
 
Щибаб камераялъур лъабго чIужугIаданги гьезул лъималги рукIунел руго дора. Нижер лъимал гьенир лъабгониги соналъ рукIана.
ТIоцебесеб анлъго моцIалъ календарь гьабун букIана гьез, эбел тIаде щвезе хутIарал къоял рикIкIине. Цо заманалда хабар букIана цо-кIиго моцIидасан риччалел рагIулин туснахъаздаса руччабигиян. Ахир-къадги ясазда бичIчIана гьеб гIададисеб иш букIин. КватIичIого эбел ячIунилан, кIодоэбелалъ жал махсараде кколел рукIинги лъан, календарал гьари рехун тана ясаз. Аллагьас хъвараб жо ккелинги абун, гьанже гьез дунгицин гIодое йиччазаюла.  
 
— Сириялдагун ГIиракъалда жанир тIамурал нилъер руччабиги лъималги тIадруссинаричIониги бегьулин, гьел террористал ругилан рикIкIуна цо-цо чагIаз. Дуца щиб абилеб?
— Дир кIияйго яс доя йигелъул, кIваричIин, риччаге гьел рокъореян дица абилищха? Дир квер къотIун бугони, дидаго гурони гьеб унтуларелъул. 
 
— Доба бугеб гIумрудул щиб гьез бицунеб букIараб?
— Байбихьуда кутакалда бечедаб, гIодобе биччараб гIумру букIун буго — жанир бассейналги ругел, кIалгIаби гIадал минабиги, жиде-жидерго магIишаталги… Дагь-дагьккун рагъги тIаде щун, цереса-цере лъутизе ккун руго. Цо заманалда тIуранго ракъуца холел рукIанинги бицана гьез. Редискаялъул маж кванаялдецин ккун рукIанила. 
 
— Сириялдасагун ГIиракъалдаса нахъе рачине рес бугониги, цо-цо улбуз лъимал, кирениги риччачIого, жидедаго аскIор толел ругиланги бицунеб рагIана. 
— Дидаги рагIана гьеб. Амма тIалаб гьабизе чи гьечIого яги гIагарлъиялъе къабуллъичIого, дора хутIарал лъимал ругин бицанаха гьезул хIакъалъулъ.
ГьитIинай ясалъул васал тIад­руссинаризе документазул ишалъ Ма­хIачхъалаялде индал, гьениб цоялъ бицунеб бугоан Ал-Хол лагералда йигей чIужугIаданалъ инкар гьабунила лъимал гьанире риччазе, жий гьезухъ чIалгIун йикIине йигинги абун. Хадуб лъималгун цадахъ жийгоги нахъе йиччалин хьул батизеги бегьулаха гьелъул. Лъаларо…